Исана нух кьахъадерида аскIобе «щвела»

ДРялъул Транспорталъулгун нухазул магIишаталъул мини­стерствоялдаса щварал баяназда рекъон, исана лъагIалил ахиралда Кьохъе щвезегIан къачIан бахъина «Грозный – Болъихъ – Хунзахъ – ГьерекIдерил майдан» нухлул цо бутIа.

  Грозныялдаса байбихьараб гьеб гьабсагIаталда къачIалеб буго кута­калда борхатаб гIандадерил мухъ­алдасан (ралъдал гьумералдаса 2000 метралъ борхатаб бакI). Цо-цо бакIазда мугIрул гIанлъун, шагьра­нухал гьариялда цадахъго, хъилги тIолеб буго гьенибе.

Россиялъул президент Влади­мир Путинил тIадкъаялдалъун бахъулеб нух ккола гьеб. Гьедин ГьаракIунибе щвезегIан бачIунеб гьеб нух къачIан бахъиналдалъун лъикIлъила Дагъистаналдагун Ча­чан Республикаялда гьоркьор ругел даран-базаралъул, культураялъул, росдал магIишаталъул суалал. Гье­динго цIикIкIина цоцахъе хьва­дулел туристалги. ГьабсагIаталда гьезда гьоркьор бищунго машгьу­рал бакIалги гьеб нухккун ругелъ­улха (ГIанди-хIор, МочIохъ-хIор, Макьасда, ЦIобокь рагIал, рихьун­дерил хIор ва цогидалги бакIал).