ШагIирасул юбилеялде объектал къачIала

  Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалъул бетIер ГIабдулпатахI ГIамирхановас тIобитIараб данделъиялда бицана Расул ХIамзатовасул юбилеялде гьабизесеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.

Гьелда бан республикаялда цо-цо бакIал къачIазе гIарац биччаян Москваялде официалияб кагъат битIизе ракIалда буго председате­ласда. Аслияб куцалда Хунзахъ рай­оналдаги МахIачхъалаялдаги ругел объектал ккола гьел. Масала, гьениб хIукму ккана Расул ХIамзатовасул цIар лъураб Миллияб библиотека капиталияб куцалда къачIазе.

Гьединго Хунзахъ районалъул бетIер НурмухIамад Задиевасул пикруялда рекъон, лъикI букIинаан ЦIада «ХъахIал къункъ­рабазе» ва Расулие лъурал памят­никалги, Хунзахъ Культураялъул кIалгIаги, районалда шагьранухал­ги къачIани.