Дербент цебетIезабиялъе -тIадеги гIарац

   ДРялъул бетIер Сергей Мелико­вас Дербенталда тIобитIана 2025 соналде щвезегIан гьеб шагьар цебетIезабиялъул хIакъалъулъ бицу­неб данделъи. Гьелда хурхараб план хIадуреян гьабураб хасаб хIукму буго РФялъул хIукуматалъул пред­седатель Михаил Мишустинил.

    Гьеб хIалтIуда гьоркьобе уна шагьаралдаса рачIунел хутIелал рацIцIад гьарулел станциял рай, лъел рогIрал къачIай, школалгун больницаби рай, туристал тIаде цIалел бакIал къачIай ва тIадеги гьел рай, шагьаралъул къватIал къачIай. Гьединго «Южный» абун тIубараб микрорайонги базехъин буго гье­ниб. Гьелда бакьулъ букIине буго чанго батIияб динал цолъизарулеб рухIияб центрги.

   ГьабсагIаталда шагьаралда лъа­забун буго «Аваин» абураб цогидаб микрорайон цебетIезабизе тIаде бо­сулев подрядчик валагьиялъул кон­курсги.

    Гьел киналго хIалтIабазе гIарацги кIиго нухалда биччазе буго. Цин – 5, 7 млрд гъурущ (гьелда гьоркьоса 4, 5 млрд гъурущ букIина федералияб централдаса биччалеб, 92 млн гъурущ – республикаялъул бюджеталдаса, 1 млрд гъурущ – бюджеталдалъул гурел бакIаздаса биччалеб).

   КIиабизе биччазе буго 177,5 млрд гъурущ (42, 2 млрд гъурущ -федера­лияб бюджеталъ; 7, 3 млрд гъурущ -республикаялъ кьела; 127, 9 млрд гъурущ щвела бюджеталдалъул гу­рел бакIаздаса).