МахIачхъалаялъе гьабураб сайгъат

«Машинаби-пылесосаз» рацIцIад гьаризе руго тахшагьаралъул къватIал

 

Гьал къоязда Дагъистаналде рачIарал къватIал рацIцIад гьарулел машинабазухъ балагьана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов. «Нилъее къваригIун буго моцIазги къотIноб бегун хутIулеб кьишниялдаса МахIачхъала эркен гьабизе. ХIасил лъикIаб ккани, жеги техника бачIинабила», — ян абуна гьес.
МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев Абусупян ХIасановас абуна гьабсагIаталда бачIун бугин лъабго машина. «Гьеб буго республикаялъул хIукуматалъ тахшагьаралъе гьабураб сайгъат. ГIагараб заманалда жаниб бачIине буго жеги анлъго машина. Цо машинаялъ хисула 30 хIалтIухъан», — ин абуна гьес.
Исана лъабабилеб апрелалдаса нахъе «ЦIияб шагьар» абураб компаниялъулгун къотIи биххана мэриялъ. Гьебго къоялъ биххана рехсараб компаниялъухъа ижараялъе техника босиялъул хIакъалъулъ гьабун букIараб къотIиги. Кинабго техника кьуна «Горзеленхоз» МУПалъухъе. Гьелъул директор Ражаб Ражабовас лъазабуна тахшагьаралда рацIцIалъи чIезабизе бугин жидер хIалтIухъабаз.
Муса Азаев