ДРялъул цIияв вакил

 

    Москваялда РФялъул президен­тасда цебе рагьараб ДРялъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун тIамуна гьанжелъизегIан республикаялъул бетIерасул кумекчилъун хIалтIарав Владислав Толстюк.   

  Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун инегIан, гьеб хъулухъалда вукIана Жамалдин ХIасанов. Гьесде щвезегIанги гьенир нухмалъи­ялда рукIана ХIажи-Къурбан Шай­даев, ХIажи-МухIамад ХIамзаев, Рамазан Мамедов, Юрий Левицкий, ХIажи МахIачев, Александр Ермошкин, Изумруд МухIудинова.

   Гьединаб вакиллъи Москваялда рагьана ДАССРалъул Министрзабазул советалъ 1991 соналъул 15 августалда гьабураб хIукмуялда рекъон.