Кинаб букIараб Меликовасул «лъагIел»

 

 5 октябралда лъагIел тIубана Сергей Меликов республикаялъул бетIерасул ишал тIуралевлъун тIамуралдаса.

14 октябралда, «врио» абураб цебелъелги нахъе рехун, гьев бетIерлъун тасдикъ гьавизе хIадурлъулел руго Халкъияб Собрани­ялъул депутатал.

Жакъа къокъго рицун тела лъагIалида жаниб Меликовас гьабураб хIалтIул цо-цо лахIзатал.

Республикаялъул гIузраби

Москваялда рагIизари

    Цере рукIарал нухмалъулезда дандеккун, республикаялъул гIунгутIаби рахчичIого, гIаксалда, гьел федералияб тIалъиялда рагIизаризе хIаракат бахъана С. Меликовас. Исана марталда Федералияб Со­браниялда «Дагъистаналъул къо­ял» унеб мехалда, парламенталда цевеги вахъун, республикаялда ру­гел гIузрабазул хIакъалъулъ бицана гьес.

Вацал ХIасанхIусеновазул

эбел-эмен къабул гьари

    Бищунго гIадамазе асар гьабу­раб хIужалъун рикIкIине бегьу­ла гъоркьиса 25 декабралда вацал ХIасанхIусеновазул эбел-эмен гьес къабул гьари. Жидер балагьалде гIинтIамеян, щуго соналъ кодоб ва­сазул суратги ккун, тахшагьаралъул аслияб майданалда эхетун чIаниги, республикаялъул тIалъиялда вихьичIев МуртазагIалиги гьесул лъа­ди ПатIиматги, Меликовас тIадеги ахIун, гьезулгун гара-чIвари гьабуна.

Халкъалъулгун бухьен

гIатIид гьаби

    Апрелалдаса байбихьун респу­бликаялъул муниципалитетазде са­парал гьаризе квер бана С. Мелико­вас. Чанго къоялда жаниб Дербент, Догъузпара, Ахти, Агул, Сулейман-СтIал, Табасаран, МухIарамкент, Хив районазде ва гьединго Дербент и ДагОгни шагьаразде щвана.

Июналда Тарумовкаялде, Хасвюр­талде, Шамил, ЛъаратIа ва Гъуниб районазде щвана. Сентябралда щва­на Лак, Новолак, Гъизилюрт районаз­де ва Гъизилюрт шагьаралде.

Больницабазе цIиял машинаби кьей

     Сахлъи цIуниялъул бутIаялда цIилъи чIвазабизе гIуцIараб про­граммаялда рекъон, 27 цIияб маши­на щвезабуна республикаялъе.

Меликовас жинцаго кьуна гьел машинабазул кIулал республика­ялъул 27 батIияб муниципалите­талъул нухмалъулезухъе.

Расулил юбилеялде хIадурлъи гьаби

     2023 соналда Расул ХIамазатовасул нусго сон тIубаялъул юбилей улкаялъулго даражаялда тIобитIизе букIиналда жанибги кIудияб бутIа лъуна С. Меликовас.

Президент В. Путинилгун букIараб дандчIваялда гьес би­ценги гьабун, улкаялъул бетIерас лъикIаблъун рикIкIана кIудияв шагIирас 100 сон тIубаялъул тадби­рал тIубараб улкаялдаго тIоритIизе.