ДРялъул хIукуматалъул председатель-Хунзахъ

 

  ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов щвана Хунзахъ районалде.

Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул парламенталде рищиязда гьаракьги кьун, ГI. ГIамирхановас районалъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ бицунеб данделъи тIобитIана.

  Районалда гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Нюсрет ГIумаровас. Гьесул рагIабазда рекъон, ахираб соналда муниципалитеталъ хIаракат бахъулеб буго республикаялъул проектазулъ ва программабазулъ гIахьаллъизе. Гъоркьиса республикаялъул инвестициязул программаялде босун букIана лъабго объект, 2021 соналда 12 объект босана. Гьелда рекъон базе буго лъабго школа ва щуго бакIалде бачине буго газ.

   ХIукуматалъул вакилзабаз хал гьабуна Хунзахъ №1 школалъухъги.

Гьелъул директоралъ бицана классал гIолел гьечIин, богорукъ басра­лъун бугин.

Премьер­-министр щвана ГIахьалчIи росдал школалдеги. Гьеб баралдаса кватIичIого нусго сон тIубала. Росдал гIадамаз гьесда гьарана цIияб школа базе кумек гьабейин абун.

 ДРялъул хIукуматалъул председатель щвана райбольницаялдеги. Тохтурзабаз бицана больницаялда ругел гIунгутIабазул хIакъалъулъ.