Багьаби, багьаби, кида нуж «чIелел»?

 

 

    МахIачхъала шагьаралъул администрациялъ пассажирал раччулеб транспорталъул компаниялъул бетIергьаби мукIур гьаруна, рекIадухъ багьа бахинабичIого тезе. 31 августалда, социалиял гьиназда хъвалеб букIана, МахIачхъалаялда хIалтIулеб СТС (Современная Транспортная система) абураб компаниялда ракIалда бугин шагьаралда жаниб рекIадухъ багьа 23 гъурщидаса 27 гъурщиде бахинабизе абун. Амма 1 сентябралда тахшагьаралъул мэриялъ баян кьуна жидеда кIванин тIадехун бицен гьабулеб компаниялъулгун къотIи гьабизе ва заманаялъ багьа букIараб къагIидаялда тезе.

 

     Нижеца цересел номеразда бицун букIана, республикаялда автомобилазде тIолеб хъахIилаб цIатариялъул багьа циндаго хиралъиялъул хIакъалъулъги. 37 гъурщиде бахана газалъул цо литрадул багьа.

      Гьелда тIасан бриффинг тIобитIун букIана дагьал церегIан къояз «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда. Журналисталгун дандчIвазе вачIун вукIарав ДРялъул Энергетикаялъулгун ЖКХялъул министр Ризван Мурадовас абуна, цIатариялъул багьа бахиналъе гIилла кканин гьеб хIадур гьабулел заводазул гIемерисел къан рукIин. Гьенир ремонталъул хIалтIаби рагIула унел. Гьединго, араб соналъ хасел Европаялъул пачалихъазда цIакъго согIаб букIанин, гьебги кканин газ хиралъиялъе гIиллалъунин бицана министрас. Амма багьа бахинабулел чагIазда тIадецуй гьабизе жидер рес гьечIинги мукIурлъана Р. Мурадов. Щайгурелъул гьел пачалихъалъул тIалабазда гъоркье кколарелъул. Амма жидеца гьезулгун къотIи-къаял гьарулел ругин, ноябрь моцIалдехун бугониги газалъул багьа цебе букIараб бакIалде бачIинабизеян бицана энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрас.

    Амма цо-цо шагьаразда рекIаралъухъ багьа хиралъизе байбихьана республикаялда. Мисалалъе, Каспийск шагьаралда маршруткаялда рекIаралъухъ гьанже кьезе ккола 20 гъурущ, букIана 15 гъурущ. Багьа хиралъана гьаб ахираб анкьида жаниб. Гьединго социалиял гьиназда хъвалеб буго «БуйнакскМахIачхъала» маршруткаялдаги багьа хиралъанин абун. 100 гъурущ букIараб бакIалда гьеб бахун буго 120-ялде.

 

 Ашахан ЮСУПОВ