Афгъаназул ахикь бакIаб сихIкъотIи

    15 февралалда 32 сон тIубана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Щибаб соналъго гIадин, гьеб къоялъги МахIачхъалаялда бугеб афгъаналъулазул ахикье ракIарун рукIана ветеранал. Амма исана гьениб официалияб къагIидаялъ данделъи тIобитIичIо. ХIукуматалъул нухмалъиялъул рахъалдаса хIакимзабиги гьенире рачIинчIо. ГIицIго рагъдаса нахъ руссинчIел ракIалде щвезариялъе бараб, цIвайил сураталда хIадур гьабураб мармаралъул къоно- ялда цере тIугьдулги лъун, рикьа-риххана киналго. 1979 соналъул декабралдаса 1989 соналъул февралалде щвезегIан нилъер республикаялдаса Афгъанистаналда букIараб рагъулъ гIахьаллъана 4000-гIанасев чи. Гьел ккола советияб пачалихъалъул заманалда батIи-батIиял регионаздаса армиялде ахIарал дагъистаниял. Официалияб куцалда нилъер республикаялдаса Афгъанистаналда хъулухъ гьабизе ккун вуго 3323 чи. Гьезул 141-яв нахъ вуссинчIо. ГIемерисел гьениса рачIана лъукъа-къотIун. Жакъа къоялъ гьезул чан чи чIаго вугевали чIванкъотIун данде гьабураб баян гьечIин бицана «Афгъанистаналда рагъулел рукIаразул цолъи» абураб багъабачариялъул нухмалъулев МухIамад Хадулаевас. ГIага-шагарго гьев ккола 2500-гIанасев чи.

 

       РАГЪУЛ ЛЪАЛКI. АФГЪАНИСТАНАЛДА ТАРАБ ГIОЛОХЪАНЛЪИЯЛДАСА РАКIАЛДЕЩВЕЯЛ

 

 15 февралалда Афгъаназул ахикье рачIун рукIарал гьезул цоцоязулгун гара-чIвари гьабуна дица. Гъуниб районалъул Кудалиса МухIамадшарипов МухIамаднабица гьадин ракIалде щвезабуна Афгъанистаналде живго ккарал сонал.

        — Афгъанистаналда дун вукIана 1984-1986 соназда. Хъулухъ гьабизе ккана бищунго хIалуцарал рагъал унел рукIарал бакIазул цояб, Файзабад шагьаралде. Нижер аслияв тушман вукIана АхIмад-шах Масуд гьесул сверухълъиги. Хадуб, 90-абилел соназул ахиралда, Афгъанистаналъул оборонаялъул министрлъун вукIана гьев чанго соналъ. 2001 соналъул 9 сентябралда теракталъул хIасилалда чIвана.

       — Мун гьениве ккарал сонал рукIун ратила Афгъанистаналда бищунго рагъул кор гьелегьун бугеб заман?

        — ХIакъикъаталдаги гьедин букIана гьеб. Гьел рукIана СШАялъ Афгъаналъул моджахедал яргъил сурсаталдалъун хьезаризе байбихьарал сонал. Бищунго цере тIурал рагъулал самолетал, цоялдаса цояб лъикIаб ярагъ, гIарац ва цогидабщиналъулги цIад базабунин абизе бегьула гьезде БакътIерхьул улкаялъул макручагIаз. Гьез кумек гьабун гурони, нижеде дандечIей гьабизе гIураб къуват моджахедазул букIинчIо.

     Гьезул мискинал росабалъе (кишлаказде) хьвадун, гIадатиял гIадамазе агитация гьабулаан нижеца, ярагъ гIодоб лъейин, питна бекьугейин абун. Руччабигун лъимал ва херал чагIи, ниж рачIунел рихьидал, данде рачIунаан. Цо пуланаб къоялъги гьединабго насихIаталъул калам гьабизеян цо кишлакалде щваралго, чIирулеб хIинчI рагIулареб хIалалъ сасун бугоан гьениб кинабго. Цо ункъо-щуго чи гурони вихьудаги вукIинчIо. ВахI, щибин ккараб, щай гьадин сихIкъотIун бугебин гьикъидал, моджахедал ругин росулъ рахчун, гьезукьа хIинкъун чIун ругин жалилан, щурун гIадин абуна цо гьитIинав васас. Гьеб мехалъ нижецаги кьвагьи лъеларищха…

     ХIукуматалъ гьабулеб тIалаб-агъазалдасаги гьедигIанго рази гьечIоан МухIамаднаби. 2005 соналде щвезегIан букIараб сияхIалда рекъон, иргаялда чIаразе гурони рукъзал кьечIин, хутIарал ниж гьезул бербалагьиялда рекъон борцани, Афгъанистаналдаго рукIинчIеб къагIида кколеб бугин абуна гьес.

 

      КАВКАЗАЛЪУЛ ВАСАЗДЕ БОЖИЛЪИ ЦIИКIКIУН БУКIАНА

 

      МухIамаднабица дир лъай-хъвай гьабуна Гъизляралдаса ГIабдурашидов Загьирбегилгунги. КIиялго гьел цого заманалда рукIун руго Афгъанистаналда хъулухъ гьабулел. КIиябго соналда жаниб бихьараб гIакъубаги, рагъул кьогIлъиги ракIалде щвезабизе бокьичIо гьесие. Сордо рогьинегIан бицаниги лъугIун бахъунарин гьебилан абуна къокъго. Гьес гIицIго ракIалде щвезабуна, тIоцеве Афгъаналъул ракьалде щведал, жиндиего цIакъ асар гьабураб ва ракIалдаса унареб цо лъугьа-бахъин.

     — Кабулалде ниж щвараб тIоцебесеб къоялъ аскIове вачIана хъахIаб расалъул, къокъабго черхалъул цо гIолохъанав лейтенант, гIурусав. Нижер къокъаялда гьоркьоса, килищги битIун, кIиго чи жиндаго аскIоре ахIана гьес. Ниж кIиялго рукIана дагъистаниял. 150 чи вугеб кIудияб къокъаялдаса, хас гьабун ниж тIаса рищиялъе гIиллаги бицана бачIинахъего. Жиндир взводалъул ичIго чи чIванин, жиндие къваригIун ругин къо хIехьолел, бажари бугел гIолохъабиян абуна гьес. Дагъистаналдаса гIолохъаби жинда рихьанин, бокьараб ахIвал-хIалалде кканиги, бетIербахъи гьабун бажарулел, сахал васал рукIин. Гьелъ тIаса рищанин жинца нужгийилан абуна дос нижеда, — ян бицана З. ГIабдурашидовас.

     Афгъанистаналде советиял аскарал рачараб 1979 соналъул декабралда гьениве ккаразда гъорлъ вукIана Гъуниб районалъул Сугъралъа ФатагIалиев ГIабдулаги. ГIахьаллъи гьабуна доб мехалъ гьезул вукIарав улкаялъул бетIер Аминил кIалгIа бахъулеб рагъулъ.

     Чанго нухалъ лъукъана, мустахIикълъана чанго батIияб даражаялъул рагъулал шапакъатазе. Афгъанистаналдаса вуссана орден-медалазул керенги цIун. ЦIакъ гIадатияв, чIухIа-къули гьечIев чи ватана ГIабдула. Сабураб, гIодобе биччараб каламалъ бицунеб букIана 43 соналъ цере рукIарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъги.

     Афгъанистаналда чIварав тIоцевесев дагъистанияв ккола, Къасумкенталдаса лезгияв, ГIусманов Раюдин. Гьев къадаралде щвана 1980 соналъул 9 январалда. Афгъанистаналде советиял аскарал рачун ун букIана кIиго анкьгIанасеб заман. 1979 соналъул 7 ноябралда ахIун вукIана гьев армиялде. КIиго моцIидасан гIадин ккана рагъулъе. Афгъаназул ахикье вачIун вукIана гьесул вацгIал, Чехословакиялъул рагъулал лъугьа-бахъиназул гIахьалчи.

Ашахан ЮСУПОВ

ХадурагIи

    Дагьаб цебегIан Хасавюрталда Афгъанистаналъул ветераназулгун букIараб дандчIваялда Сергей Меликовас рагIи кьуна гьезие рукъзал кьеялъул суал роцIинабизе. Исана ракIалда буго кинавниги 195 Афгъаналъул бахIарзазе квартираби кьезе. Гьеб буго афгъаналъулазул бищунго унтарабин абизе бегьулеб суал. ХIукуматалъ жидер мурад тIубаларого чанго нухалда митингалдеги рахъана гьел.