Халкъазда гьоркьоб лъураб гIаданлъиялъул кьо

ТIаде балагьун нилъедаса щибниги батIалъи, тIокIлъи, тIадегIанлъи жиндилъ гьечIин кколев, кутакалда гIадатияв гьав магIаруласе гIемераб жо сайгъат гьабун буго Аллагьас.

 

Сахаватаб ракIги рикIкIен гIемерал гьудулзабиги!

Гьаб лъабго къоялъул дунялги кIочон, даимлъиялде гали тIамизе гвангъараб анищги щулияб тавакалги!

Шангъодаса байбихьун, тIолабго дунялалде гIунтIунги, гIадамазе кIвараб кумек гьабизе, ай ракьалда лъикIлъиялъул, гIаданлъиялъул, гIадиллъиялъул хур бекьизе тIасан, зобалаздасан рекIелъе тIураб тIокIкIараб иманги!

 

Бищунго захIматаб — хIисаб гIелмуялъул борхалъуде вахине ва улкаялдаго къадру цIикIкIараб вузалда мугIалимлъи гьабизе гIураб гIакълуги цIодорлъиги!

Гьев ккола Гъуниб районалъул Шангъода росулъа МухIамад МухIамадов

…Дагъистаналъул вундеркинд, космосалъулал формулабазулгун тарихазул хан, рорхатал цIвабзазул цоялда жиндир цIар лъурав академик Шамил ГIалиевас гьев жиндир ученик вукIанин, амма некIого учителасдаса цеве анин, разиго мукIурлъун, кIудияб къимат кьеялъги бицуна МухIамад щиб гьунаралъул, гIакълуялъул, гIелмияб даражаялъул чи вугевали.

 

…Коронавирусилан цIар чIвараб ва ракIалдаго гьечIого бачIараб балагьалъул хIасилалда, гIемерал гIадамал унтана ва хвана.

Гьеб захIматаб заманалда Москваялдаса гIагараб Дагъистаналде щварав васасдаги гIумрудул 40 сон гIадамазул сахлъи цIуниялъе сайгъат гьабурай эбелалдаги гьоркьоб ккана къокъаб, чIванкъотIараб накъит.

— МухIамад, дир вас! Жакъа къоялда жаниб тохтурзабазе кумек гьабиялдаса кIвар цIикIкIараб суал гьечIо, — ян абуна эбелалъ, угьун хIухьелги биччан. – Дир гьари, дир тIадкъай буго дуе гьеб рахъалъ дудаго кIолеб, бажарулеб кумек гьабе -ян.

 

Эбелалъул ахIиялъ, гьариялъ куркьбал гъурав МухIамадица гьабураб Гьунар гIицIго Дагъистаналда, Россиялда гуребги, тIолабго дунялалда рагIана, бихьана, лъана.

ГIадамазул гIумру хвасар гьабизе гIоло хвалил бадиве валагьун къеркьолаго, коронавирусалъ унтарав 650 медхIалтIухъанасул сахлъи тIад буссинабиялъе тIолалго шартIал чIезаруна «Къункъраби» комплексалъул генералияв директор МухIамад ХIабибович МухIамадовас. Цониги чиясул яги хIукуматалъул рахъалдаса капек гьечIого, жинцаго.

 

«Тохтурзабазе рецц» абураб ахIиялда гъоркь дунялалдаго тIоцебе тIобитIараб гьеб гурхIел-рахIмуялъул тадбиралъе къимат кьуна рикIкIадаб Индиялдаги, Америка­ялдаги, ГIарабустаналдаги, Герма­ниялдаги ва гIемерал улкабаздаги.

МухIамад ХIабибовичасул цIаралда рачIарал баркалаялъул кагъ­тазулги, социалиял гьиназдасагун газетаздаса гIадамаз профессорасде гьарурал хитIабалги рехсезе гьаниб я бакI, я заман гIоларо. Амма бицен гьабичIого рес гьечIо талат къоялъ «Къункъраби» комплексалда кка­раб тарихияб лъугьа-бахъиналъул.

 

Гьениб рагьана лъабго батIияб диналъул гIадамазе – ягьудиязе, бу­сурбабазе ва насраниязе -«Цолъи» абураб рухIияб центр.

БичIчIуледухъ абуни, гьанжеял­даса нахъе рехсараб комплексалде хIухьбахъизе ва сахлъи щула гьа­бизе рачIунел рикIкIен гIемерал гIадамазул рес букIине буго сина­гогалда, мажгиталда ва килисаялда жиде-жидер дин гьабизе.

Центр рагьиялда хурхун гье­ниб тIобитIана халкъазда гьор­кьосеб гIелмияб конференцияги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна: Мо­скваялъул муфти, Россиялъул бу­сурбабазул РухIияб собраниялъул бетIер Альбир хIазрат Кргановас, МахIачхъалаялъул ва Грозны­ялъул архиепископ Варлаамица, Дагъистаналъул ягьудиязул общи­наялъул советалъул председатель Валерий Дибияевас, ДУМДалъул председатель Шамил ГIалихановас, гIалимзабаз, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулез.

 

Тадбиралде вачIун вукIана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровги.

Гьеле гьеб гьитIинабго ракьул бутIаялда кьучI лъуна лъабго батIияб диналъул гIадамазул ракIалги, пикрабиги, къасдалги цолъ­изарулеб РухIияб Централъе.

Роччараб къо бугониги, щивав чиясул бадиб къалъун букIана ро­халил ва талихIалъул бакъ, бала­гьаб унтудаса БетIергьанас халкъ хвасар гьабиялде божиги хьулги.

 

МагIарул гьитIинаб росулъа цо чияс дунялалъулго халкъазул рекIелъе лъуна гIаданлъиялъул, вац­лъиялъул ва цоцада божилъиялъул кьо.

Биччанте гьеб букIине чарангIан щулияб ва абадияб.

 

БетIер къулун, баркала кьолеб буго дуе, МухIамад, унтаразги са­хазги.