Рощнол гохIазда нахъа кIиго шагьар

«Лидераз» биххараб къотIиги къватIахъ лъугьараб гъуниги

 

 

МахIачхъала шагьаралъул къватIал нахъеги кьишни-къулалъул цIуна. ЦIияб соналъул байрамалдаса хадуб гIемертIалаял минабаз­да цере ругел азбаразда рощнол гохIал гIуна. Гьебго сурат букIана ва гьабсагIаталдаги хисун гьечIин абизе бегьула Каспийскиялдаги. Рищни бакIарулеб «Лидер» компаниялъ республикаялъул ТIабигIиял сурсата­зул ва экологиялъул министерствоялъулгун гьабун букIараб къотIи бих­хана 11 январалда ва лъазабуна жидеца тIокIаб гьеб бакIаризе гьечIин.

 

— ТIабигIиял сурсатазул ва эко­логиялъул министерствоялъ кон­курс лъазабун буго рищни-къул бакIарулеб цIияв регионалияв оператор тIаса вищизе. Конкурс тIобитIулеб къоги жеги чIванкъотIун чIезабун гьечIо. ГьабсагIаталда ниж хIалтIулел руго лъугьун бугеб ахIвал-хIал роцIцIинабиялда тIад, — ан бицана министерсвоялъул пресс- хъулухъалъ.

Гьединлъидал МахIачхъалаялъул мэриялъ жидерго сурсаталги хIалтIизарун, тадбир гьабулеб буго шагьаралда гIемерлъун бугеб кьищ­ни бакIариялъе. ГьабсагIаталда рищ­ни бакIарулеб буго «Махачкала — 1» абураб муницпалияб идараялъул 400 хIалтIухъанасги ЖКХялъги, гьедин­го 130 техникаги буго кумекалъе.

 

 

«Лидералъул» сихIраби ва

тарифазда сверухъ дагIба

 

Кьищни-къул бакIарулев цо ре­гионалияв оператор щибаб регио­налда тасдикъ гьавизе байбихьана улкаялда гьелда хурхун реформа къабул гьабун хадуб. Гьев опера­торги тасдикъ гьавула щибаб реги­оналъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ. Дагъистаналда гьединав оператор­лъун букIана «Лидер» компания.

Тахшагьаралъул мэриялъул пресс- хъулухъалъул нухмалъулей За­йнаб ГIалимирзаевалъ, гьеб ахIвал- хIалалъул бицунаго, гьадин абуна:

— «Лидер» компаниялъ министерствоялъулгун гьабун букIараб къотIи-къай хвезабуна. Гьелъие гIиллалъунги гьез рехсолеб буго кьищни бакIараралъухъ 2021 соналда чIезабулеб тариф рехсараб министер­ствоялъ жеги чIезабун гьечIолъи.

 

Законалда рекъон «Лидералъ» жидецаго къотIи хвезабулеб бугони, цIияв регионалияв оператор тIаса вищизегIан жидедаго тIадаб хъу­лухъ тIубазе кколаан гьелъ. Амма компаниялъ гьеб низам цIуничIо. Дида бичIчIухъе, гьезие къваригIун букIана исана соналдаса байбихьун, кьищни бакIараралъухъ кьолеб мухь цIикIкIинабизе.

ТIабигIиял сурсатазул ва эколо­гиялъул министерствоялъги респу­бликаялъул тарифазул хъулухъалъ­ги гьез цебе лъураб шартI къабул гьабичIо. Гьаниб баян гьабизе ккола цоги хIужаги. Кьищни-къулалъул реформаялда рекъон, гьеб бакIаризе регионалияв оператор тасдикъ гьа­вун хадуб, рищни бакIариялъул хIалтIи гьабизе ккола цохIо гьеб идараялъ ва тIокIаб лъилниги их­тиярги букIунаро гьеб хIалтIизе тIубазабизе. Гьелда рекъон, жиде­даго тIадаб хъулухъги гьез тIубазе ккола ракIбацIцIадго. Амма нилъ­ер гьаниб гьедин гьечIо. Министер­ствоялъги «Лидер» компаниялъги хъвараб къотIиялда буго цо гьади­наб тIадежубай: масала, къалазда жаниб бугеб гурони, сверухъе бан батараб рищни гьез бакIаризе кко­ларо. Гьединлъидал къалазда аскIоб лъугьараб рощнол гъуни гьез квер хъвачIого толеб букIана.

Гьанже цIияв регионалияв опера­тор щвезегIан жидее кумек гьабила­рищин гьарана нижеда ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул мини­стерствоялъ. ЦIакъго гIорхъолъа борчIараб хIалалде иш ккечIого букIине, нижецаги кIвараб рес ба­тун, хIалтIи гьабулеб буго.

 

 

 

 

Шагьар бацIцIад гьабулел хIакимзаби

 

Иш цойиде ккезегIан ва цIияв оператор щвезегIан нижеца кIвараб хIалтIи гьабизе буго. ГьабсагIат, гIадамал малъичIого, хIалтIулеб буго 1130 техника. Гьединго нижеда кверчIвалеб буго предпринимателаз­ги цогидал идарабазги. Мисалалъе, нижер букIинчIеб, кьищни-къул бакIаризе кIудияб хIалтIи гьабулеб хасаб техника кьуна гьез нижехъе, — ян бицана З. ГIалимирзаевалъ.

 

 

 

Каспийск — къватIал рацIцIад

гьарулеб хъулухъалъухъ балагьун

 

Рищни-къулалъул гохIазул цIун руго Каспийскиялъул минабазда цере ругел азбаралги.

19 январалда шагьаралъул мэр Борис Гонцовас лъазабуна рищни бакIаризе «Зеленый город» абураб муниципалияб бюджеталъулаб цIияб идара рагьизе бугин кватIичIого. ЦохIо кьищни бакIари гуребги, нухлул рагIа-ракьанда ругел ракъ­варал гъутIби нахъе къотIиялъул, гьединго къватIул гьаби кквеялъул хIалтIабиги тIуразе руго гьеб хъу­лухъалъ.