Баракатаб батаги!

Исана 15 сон тIубана машгьурав гIалимчи Шамил ГIалиевасул цIар цо планетаялъе кьуралдаса.
 
Гьелъул хIакъалъулъ бицинеги ЦIияб сон баркизеги ниж дандчIвана Шамилгун.
 
 
Гьес ракIалде щвезабуна жиндирго лъимерлъи, гIолохъанлъи, гIагараб росулъ араб гIумру, росдал гIадамал. Ва хадуб гьес тIолалго магIарулазе гьабуна гьадинал гьара-рахьиялги.
 
— ТIоцебесеб иргаялда, дица магIарулазе гьарула талихI. Щиб жо кколеб талихI? Дир пикруялда, гьеб буго инсан къисматалъул бокьараб сайгъат къабул гьабизе хIадур вукIин.
 
 
— ГIурус рагIабазул лъабго «в» — вера, выбор, воля. Гьел ккола нилъер рухIияб хIаракатчилъиялъул щулияб аслу. Биччанте щивав магIаруласул рекIелъ щулияб бакI кквезе гьел рагIабаз. Гьезул кваркьидакь ругони, талихI аскIоса багъаризе гьечIо.
 
— Нужеца гьабулеб хIалтIи нужее бокьулеб бугони, гьелдаса нужее рохелги букIунеб бугони — гьеле нужер талихIалъул цоги кваркьи.
 
 
— Сонал ранагIан, дие рокьулел руго лъималги херал чагIиги. 
 
Гьезда аскIове щведал, дир пикрабазда гваргъун рекIуна гьелегьараб рокьул цIа. Гьеб цIадулъги бугебщинаб хIасрат. Гьебги ккола талихIалъул цоги кваркьи.
 
 
ХIурматиял магIарулал!
 
Баркула нужеда тIаде щолеб ЦIияб сон. Биччанте дир гьара-рахьиязги нужер гIумруялъулъ жидерго хасаб бакI кквезе.