Багьабаз «хIанчIулеб» буго

22 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб прессконференциялда бицана кванил нигIматазул багьаби республи­каялда хиралъулел рукIиналъе гIиллаялъул хIакъалъулъ.

 

Дагьал церегIан къоязда букIараб пресс-конференциялда президент Владимир Путиницаги кIвар кьун букIана гьеб суалалде.

 

Журналисталгун дандчIвазе рачIун рукIана республикаялъул Дар­мил министерствоялъул даран-ба­заралъул рахъалъ управлениялъул нухмалъулев Элдар ГIалиевги, «Эх­натон», «Зеленое Яблоко» ва «Евро­пейский» абурал дармил рукъзаба­зул вакилзабиги.

 

 

Э. ГIалиевас бицана жидеца гьоркьоса къотIичIого багьабазул мо­ниторинг тIобитIулин. Исана ян­варалдаса декабралде щвезегIан батIи-батIиял кванил нигIматазул багьаби цIикIкIун ругинги абуна гьес. Мисалалъе, цIакъ хиралъун буго чакар, семечкадул нах, ханал ва гречка.

 

— Жакъа гьанир ругел дармил рукъзабазул вакилзабигун ниж це­реги дандчIван рукIана. Доб ме­халда гьарурал къотIи-къаязул хIасиллъун ккана, гьабсагIат ру­гел багьаби хиралъизе риччачIого чIезари. Мисалалъе, семечкадул на­хул шишаялъул тукада бугеб багьа 110 гъурущ букIине ккола, — ян абу­на Элдар ГIалиевас.

 

 

Багьабазда хурхун бугеб ахIвал- хIал хисизабизелъун республика­ялъул Промышленносталъул ми­нистерствоялъ зама-заманалдасан ярмаркабиги тIоритIула. Миса­лалъе, гьал къоязда тIобитIизе буго гьединабго ярмарка. Гьенир багьа­би тукабазда ругелдаса 15-40 про­центалъ учузго рукIинеги руго.

 

Журналистаз гьикъана президентасда гьеб суал борхун букIинчIебани хадубккунги цIикIкIине рукIанищин багьаби ва нужер идараялъухъа бажарулищин гьел лъалхъизаризейилан.

 

Президентас багьабазул суал борхи кколин федералияб дара­жаялда нижее гьабулеб кумекин бичIчIизабизе лъугьана Э. ГIалиев. Щайгурелъул гьелдаса хадуб чака­ралъул ва семечкадул нахул багьаби тIокIал тIаде цIикIкIинчIин.

 

— Дие абизе бокьун буго цохIо гьелда чIечIого, жеги цо-цо цогидалги кванил нигIматазул багьабиги кIвана ниже­да гьебго къагIидаялъ хиралъичIого чIезаризе, — ян абуна гьес.

 

Э. ГIалиевасул калам ритIухъ гьабун кIалъана рехсарал дармил рукъ­забазул вакилзабиги. Гьез бицана халкъалъе чара гьечIого хIажалъулел цо-цо кванил нигIматал, жидер ту­кабазде рачIун хадур, гъурущ тIаде жубачIого ричулел ругин.