Гъизилюрталъул ясал «ХIакъикъаталда» гьоболлъухъ

22 декабралда «ХIакъикъаталде» рачIун рукIана Гъизилюрталъул №9 школалъул байбихьул классалъул цIалдохъаби. Редакциялъул хIалтIухъабазулгун лъайхъвайги гьабизе, газета хIадур гьабулеб куц­ги бихьизе, мухбирзабазе цоцо суалалги кьезе рачIун ругин жалин би­цана гьезул мугIалим Сарат МухIумаевалъ.

 

 

Дагьаб цебе нижеца хIалтIизе биччанин «ГьитIинал мухбирза­би» абураб кружокилан бицана Саратица. Гьединлъидал жиде­да ракIалде кканила кружокалъул гIахьалчагIиги рачун тIоцебесеб сапар магIарулазул миллияб басма­ялъул редакциялде гьабизе.

 

Анлъго яс йикIана гьелда цадахъ. Расулова Хадижат (5-б класс), Ба­друдинова Умакусум (4-а класс), МухIамадшапиева Хадижат (4-а класс), Маликова Шариза (4-а класс), ГIабдуразакъова Аминат, ГIалихIажиева Мадина (4-б класс).

 

 

ЧIурканго ретIа-къан, намусго гIодореги къулун гIенеккун рукIана гьел редакциялъул хIалтIухъабаз жидерго хIакъалъулъ бицунеб ку­цалъухъ.

 

Жавабияв секретарь МухIамадхIабиб МахIатIовас, жиндиего ха­сиятаб махсара-хочIги гьоркьоб речIчIизабун, бицана жиндирго хъу­лухъалъул хIакъалъулъ. РакIалде щвезабуна мунагьал чураяв инсуда цадахъ тIоцеве «БагIараб Байрахъ­алъул» редациялде щвараб къо. Киназего кеп щвана ГIабдулмажид Хачаловасулгун лъай-хъвай ккараб куцалъул хIакъалъулъ гьес бицараб мехалъ.

 

 

— Редакциялъул жанахIалъув чан­го чи вугоан хъарпуз кваналев. Гьез­да гьоркьов вукIарав цояс: «Гьай, хIалчIахъад, мунгийищ нижехъе щвезе вилълъарав», — иланги абун, гьес квер босана дир. Гьев вукIана газеталъул жавабияв секретарьлъун хIалтIулев ГIабдулмажид Хачалов. Хадуб гьеб сапаралъул хIакъалъулъ сочинениеги хъван букIана, — ян би­цана гьес.

 

БетIерав редактор ГIумахан ГIумахановасги разиго къабул гьа­руна редакциялъул гьитIинал гьал­бал. Щиб лъалеб, гьезда гьоркьов газеталъул вукIинесев редакторги ватизе бегьулин абуна гьес.

 

Хадуб редакциялъул хIалтIухъаби Шамай Хъазанбиевалъ, Зульфия ХIажиевалъ, ПатIимат ГьитIиновалъ гIисинал гIолилазе бицана жалго редакциялде хIалтIизе рачIараб ку­цалъул хIакъалъулъ. РакIалде щве­забуна школалда цIалулеб мехалъго «ХIакъикъаталде» хъвадарараб куц.

 

 

ЦIалдохъабаз рикIкIана кучIдул. Бицана жидерго умумузул росу-ра­кьалъул хIакъалъулъ. Махражалда цIалана «Къулгьу».

 

РукIана гьезул жидерго суалал­ги. Мисалалъе, гьезие лъазе бокьун бугоан, гьадинаб бигьаяб гуреб за­маналда, цIакъаб, тIокIаб хIалтIи балагьизе лъугьинчIого, магIарул газеталда хIалтIизе рачIине сунца ниж гьесизаруралали лъазе. Гье­динго гьабураб хIалтIуда рекъон, ракI разияб мухь щоладайин мух­бирзабазеянги букIана гьез гьикъу­леб.

 

Редакциялда хIалтIаралъухъ, цо­гидал бахилаб мухь жакъа мухби­расе щолареблъи кин гьел гIисинал ясазда бичIчIизабилебали лъаларо­го дагьал ургъалилъе ккана нижги. Бугониги, махсара-хочIги гьабун, батIаго хIукуматалъ цIакъго къва­ридги гьаруларин ниж харжалъул рахъалъилан жавабги кьуна гьезие.

 

 

Данделъиялъул ахиралда, ре­дакциялъул рахъалдасан, цIалдохъабазе ва гьезул мугIалим Сарат МухIумаевалъе Баркалаялъул кагъ­талги кьуна.