5 G тушманлъунги ккун

 

 Жакъа интернеталъул бугеб кIвар бицинчIониги нилъеда лъала. Хасго пандемиялъул заманалда загьирлъана гьелъул хIажалъиги.

 

 

ЧIобого кьолеб интернет

Унти тIибитIилин абураб хIинкъиялъ гIемерисел идараби, хъу­лухъал интернеталдасан гьаризе байбихьана – тохтургун кIалъазеги, пособиялгун пенсиял ва хIалтIухъ мухь щвезеги, цIала-къали гьаби­зеги, жеги гIезегIан жал гьаризеги интернет къваригIунеб батана.

 

Гьедин росабалъ гIумру гьабулел гIадамаз исана сон байбихьаралдаса интернеталдаса росарал фильмазул, кучIдузул, суратазул ва цогидаб контенталъул бакIлъи бащалъула 40 терабайталда.

 

 

Аслияб куцалда гьел раккун руго «Госуслуги» сайталде, МФЦялъул, Пенсиязул фондалъул, рекIел гъе­ялъул ва лъай кьеялъул сайтазде.

 

Исана бищун гIемер интернетал­де раккун руго Дахадаев районалъ­ул Шадни ва Гъизляр районалъул Сангаджи росабазул гIадамал.

 

«Устранение цифрового нера­венства» абун «Ростелекомалъ» билълъанхъизабулеб программа сабаблъун щвараб интернет ккола гьеб. Гьелда рекъон, чIобого «Вай- фай» хIалтIулел зонаби руго республикаялъул 14 районалъул 110 росулъ. Гьеб буго тукабахъ, школазда, администрациялъул мина­бахъ. ТIасияб соналъул ахиралде чIобогояб «Вай-фай» кколел бакIал рукIина лъабнусгоялдасаги цIикIкIун росулъ. Масала, магIарул районазул бицани, рехсезе бегьула Гъуниб, ЛъаратIа, ЧIарада района­зул росаби.

ЖамгIиял бакIазда чIобого ин­тернет кьолеб гьеб программа хIалтIизабула гIицIго гьенир гIумру гьа­булел гIадамазул къадар 250-500 чи вугони.

 

 

Амма…

Амма жакъа къоялъ гьедигIан нилъер кверал рухьараб интернет бачине квекIенал гьарулел руго гIадамаз.

 

БатIи-батIияб бухьеналъул опера­торазе квалквал гьабулеб буго вы­шкаби лъезе. ГьанжегIагар гьединал хIужаби ккана ЛъаратIа, ЧIарада, Гумбет, ЦIумада, Гъуниб, Гъаякент, Рутул районазул цо-цо росабалъ.

 

Щайин абуни, гIадамазул рахIат хвезабулеб буго 5G абураб бухье­налъул хIакъалъулъ ахираб зама­налда раккун ругел харбаз. Хасго коронавирус баккидал цIакъго гьа­лаглъана гьел. 5 G-ялъул вышкабаз ковидги багъаризабулин, чорхолъ онкологияги лъугьинабулин абураб пикру бижун буго халкъалда гьор­кьоб.

 

 

Церехун рехсарал росабалъго гIадаб ахIи-хIур бахъун букIана исана маялда Гъизилюрт райо­налъул ЦIияб ЧIикIаб росулъги. Росдал руччабаз бицунеб букIана, цIогьохъего гIадинги рачIун, ясли- ахалда аскIоб лъун батанин вышка, жидее кIиабилеб Чернобыль хIажат гьечIин. ХIакъикъаталда, ахираб кIиго-лъабго моцIида жаниб 50- ялде гIагарун чиги хун вуго гьеб росулъ.

 

Гьел гIодоре риччазаризе Гъизилюрт районалъул бетIерлъун вукIарав МухIамад Шабановгицин вачIун вукIана. Вышкаялдалъун дагьа-макъабниги зарал кколеб ба­тани, гьезул цонигияб лъезе гьечIин лъазабун букIана гьес гIадамазда. Хадуб лъана гьеб вышка жидецаго гIадамазе бичулеб интернеталъул хехлъи цIикIкIине цо компаниялъ лъолеб букIараблъи.

 

«Техника цебетIеялдалъун щва­рал ресаздаса пайдаги босун, гьелдаго цадахъ гьеб техника цебетIезабизе биччаларин чIарал гIадамазда гIажаиблъизе бачIуна. Квеш ккараб жо буго официалиял СМИяз бицаралдасаги «цо кIодоца бицана» абурал харбазда гьел цIикIкIун божулел рукIин», — илан абуна ДГУялъул инженерияб фи­зикаялъул доцент, физикаялъулгун математикаялъул кандидат СагIид Ниналаловас.

 

 

Гьесул рагIабазда рекъон, роса­балъ гьел лъоларо, щайин абуни, 4 G-ялъулазда дандеккун, 5 G-ялъул вышкаби цIакъго аскIо-аскIор лъе­зе ккола. ЧIахIиял ва гIадамал гIемерал шагьаразда гурони, чи дагьал бакIазда гьел лъеялъ хайир кьоларо.

 

Ниналаловас бицана хехлъи цIикIкIараб букIиналъ 5 G хIалтIизабизе бегьулин медицинаялда (хирургал-роботаз операциялги гьа­рун), гьединго, жанив шофер гьечIеб транспорталда. 5 G-ялъ кьолеб буго квадратияб метралда цо млн гIанасев чиясе интернет. 4 G-ялъул интернет абуни гIицIго къоазарго­ясде гIунтIун чиясе гурони щоларо (гьедигIанасебго бакIалда).

 

Ниналаловас бицухъе, дунялал­да тIоритIарал рикIкIен гIемерал хIалбихьияз баян гьабун буго со­товияб бухьеналъул вышкабазги, «Вай-фаялъул» роутеразги, кодор кколел телефоназги инсанасул чор­хое зарал гьабуларилан.

 

 

«Ростелекомалъул» пресс-хъулухъалъ баян гьабуна жидецаги цогидал идарабазги бицун бичIчIизабидал, цо-цо росабазул гIадамазул пикру хисулеб бугин.

 

Рехселин ВОЗалъул (сахлъи цIуниялъул рахъалъ дунялалъул гIуцIи) баянги: 5 G-ялъул бухьен 4 G-ялдаса гIемерго къуватаб бугони­ги, гьелъ чорхое зарал гьабуларо.