МагIарул найил гьоцIоги гIиял гьанги

 

Нилъер республикаялдаса найихъан Рафик Сефербеков бергьана «Россиялдаго бищун тIагIамаб гьоцIо» абураб кIудияб конкурсалда. Гьеб тIобитIана ДРялъул Найихъабазул ассоциациялъ, гьединго, гьеб тадбиралъе квербакъана республикаялъул Росдал магIишаталъул ми­нистерствоялъги.

 

Бищун лъикIал найихъаби тIаса рищулел рукIана анлъго батIияб номина­циялда рекъон. Конкурсалда цере лъун рукIана Россиялъул 30 субъекталда­са 200 батIи-батIияб тайпаялъул гьоцIо.

Рафик Сефербеков бергьана «Полифлорнияб чIегIераб гьоцIо» абураб но­минациялда. Гьесие щвана 240 балл.

ГьанжегIагар лъазабун букIараб «Россиялъул тIагIамал» абураб тIолгороссиялъул конкурсалда бергьана Дагъистаналъул гIиял гьанги. Гье­динго нилъер республикаялъул бренд хIисабалда, конкурсалда рихьизарун рукIана нилъер ахбазаналъул сокги, хIанги, пурчIинадул хьонги, бакъвараб бакьги, хурдузул чайги.

Финалалде борчIана гIиял гьан ва гьениб бергьенлъиги босана.

МагIарул гIиял гьанал тIагIамалъе къимат кьуна рикIкIадаб Севералда­са байбихьун Дальний Востокалде гIунтIун батIи-батIияб миллаталъул гIадамаз.