Унтарал дагьлъулел гьечIо….

Декабралъул бащдаб моцIалда жаниб республикаялда ковидалъ ун­таразул къадар цIикIкIана микьнусгогIан чиясдалъун. Гьезул гIаммаб къадар бахана 1750 чиясде.

 

 

Коронавирусалде данде къеркьолеб Россиялъул Оперативияб штабалъ кьурал баяназда рекъон, 30 ноябралда республикаялда ковидалъ унтун вукIана 937 чи.

 

МахIачхъалаялъул тIоцебесеб больницаялда ругел унтаразул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ Фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералдасан гьеб больницаялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Маллаевас 15 декабралда гьадин бицана:

«ГьабсагIат больницаялда регарал унтаразул 184 чи вуго захIматаб хIалалда. Гьезда гьоркьоса 42 чи вуго реанимациялда. Гьезда хадуб хъулухъ гьабулеб буго 245 тохтурас, гьоркьохъеб медицинаялъул 345 хIалтIухъанас ва гIиcинаб персоналалъул 207 чияс».