СалтIа цIияб нух рагьана

Гъуниб районалъул СалтIа росулъе рачIунеб шагьранух кьучIдасанго къачIан бахъана. Гьеб ккола 2017-2020 соназда Дагъистаналъул нухазул магIишат цебетIезабиялда хурхун къабул гьабураб программаялъул цо бутIа.

 

 Нух рагьизе СалтIе рачIун рукIана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хиз­ри Абакаров, транспорталъулгун нухлул магIишаталъул министр Ширухан ХIажимурадов, туризмалъулгун халкъияб махщалил рахъалъ министрасул заместитель Эмин Мерданов, Халкъияб Собраниялъул депутатал МухIамад КIудиямухIамадов, Муслим Гиндиев ва цогидал.

 

Гъуниб районалъул официалияб сайталда хъвавухъе, къачIан лъугIараб гьеб нухлул халалъи ккола анкьго километр. Гьелда тIад харж гьабуна 138 млн гъурущ. Нухлул рагIалчIван лъун руго цIадал ва цогидаб лъим чвахизе маххул 15 рогIоро, нухлул 99 ишара, сигнал кьезе хIажалъулеб 424 хIуби.

 

 

Гьеб нух къачIазе квербакъарал гIадамазе баркалаги кьолаго, Хизри Аба­каровас кIвар буссинабуна тIабигIаталъул берцинлъиялъул ва гьава-бакъ­алъул рахъалъ Гъунибги СалтIаги туристазул ракIал тIаде цIалел бакIал рукIиналде. Гьединлъидал гьединал бакIазда нухалги квегIенал рукIине кколин абуна гьес.

 

Туризмалъул хабар ккун букIаго, Эмин Мердановасги тIаде жубана Хизри Абакаров сабаблъун тIадеялъул риидал СалтIа рагьизе бугин экстрим-базаги гостиницаги.

 

 

Росдал бегавул Шамил Каримовас «ХIакъикъаталъе» бицана 1970-абилел соназдаго гIатIид гьабун, къачIазе хIисабалде босараб нух кколаанин гьеб. Амма батIи-батIиял гIиллабазда бан, кIвар кьечIого хутIун букIанин.

 

— 2017 соналда ДРялъул Нухазул магIишаталъул агентствоялъул нухмалъулев хIисабалда, МухIамадзагьид Хучбаров Гъуниве вачIараб заманалда борхун букIана гьеб суал.

 

 

ГьабсагIаталда Хизри Абакаровасги Выборгалда вугев бизнесмен Сира­жудин МухIамадовасги кумекги гьабун, ниж цоги нухалъ ун Хучбарова­сухъегун, роцIинабуна гьеб.

 

Анкьго километралъул манзилалда хъилги тIун, МахIачхъалаялдасан рачIунаго ТIасияб Гъунибе СалтIасан унеб шагьранух къачIазе рагIи кьун букIана Хучбаровас, — ан бицана Ш. Каримовас.

 

 

Гьесул рагIабазда рекъон, гьаб нухлул проекталда хIисабалде босун букIун буго туристазда гьоркьоб машгьураб СалтIа чваххукье унеб нухги къачIазе. Амма чанцIулго тIаса бюджетги къотIун хутIана.

 

Амма цIияб проекталда рекъон, ДРялъул Нухазул магIишаталъул агент­ствоялъул нухмалъиялъ рагIи кьуна гьенибе нухги Кудалибе унеб кьоги их­дал къачIазе, ай туризмалъул сезон байбихьилалде.