ЗАГСалде рачIунезул къадар дагьлъизабуна

8 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцев гIахьаллъараб прессконференция.

 

 

Гьес бицана коронавирус тIибитIунгутIиялъе гIоло жидер ида­раялъ хIукму гьабунила гьаб гIагараб заманалда ЗАГСалде рачIунел гIадамазул къадар дагь­лъизаби.

Минюсталъ гIадамазда гьарулеб буго цIакъго рес къотIидал гурони гьенире рачIунгеян. Масала, лъи­мер гьабиялъул яги чи хвеялъул хIакъалъулъ нугIлъи гьабулел кагъ­тал росизе къваригIани рачIине бе­гьула.

 

ХутIарал суалал электроннияб къагIидаялда ялъуни «Госуслуги» сайталдасан тIуразарейин лъазабу­на министрасул заместителас.

Караченцевасул рагIабазда рекъон, ЗАГСалъул хIалтIухъабаз цого заманалда къабул гьарулел гIадамазул къадарги анцIго чиясда­са цIикIкIине бегьуларо.

 

Амма киназдаго гуро гьел тадбирал ритIун ричIчIулел ру­гел. Караченцевас бицухъе, гьел гьукъа-къаяз жидер ихтиярал хве­зарулел ругин цо-цо чагIи Росси­ялъул президентасул администра­циялде щвезегIанги гIарзахъдулел руго.

— МахIачхъалаялъул ЗАГСалъул бицани, гIорхъичIвай гьабураб за­маналдагицин, къойида жаниб 200 чи къабул гьавулев вуго гьенив. Жанисан гIатIидаб бакI бугони­ги, гIадамал гIемерлъараб мехалда унти бахине рес бугелъулха. Гье­динго, кигIан тIадаблъун гьабулеб бугониги, маскаби райин абураб тIалабги гIадахъ босулеб гьечIо гIадамаз. Гьезда гьел разаризе лъугьарал, аскIоре къагеян тIаде рачIаразе малъа-хъваял гьарулел ЗАГСалъул хIалтIухъабазулгун гIезегIан къваригIел гьечIеб ха­барги ккана. Кумекалъе полиция ахIарал хIужабигицин рукIана, — ян бицана С. Караченцевас.

 

Диналда рекъон магьариги лъун, ахираб заманалда ЗАГС гьабулел­ги гIемерго дагьлъун ругин абуна гьес. Гьединлъидал къойида жаниб щуго-анлъго ригьиналъул гуро­ни хъвай-хъвагIай гьабулеб гьечIо МахIачхъалаялда.

Гьединалго гьукъа-къаял гьару­лел руго централияб архивалдаги. Залалда щугоялдаса цIикIкIун чи вукIине бегьуларо, гьелги маскаби­ги ххун.