Республикаялъул журналистазулгун дандчlвай

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов 12 ноябралда дандчIвана республикаялъул журналисталгун.Гьениб бицана коронавирусалъ унтарал цIикIкIунел рукIи налъулги, республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIезабизе хIажат букIиналъулги, миллиял проектал тIуразе ккеялъулги, спорталъулги 
ва цогидал суалазулги хIакъалъулъ. Масала, миллиял проектал рихьдае гIоло гурел, унго-унголъунги гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе гIоло тIуразаризе кколин абуна республикаялъул бетIерас. Спорталъул рахъалъ абуна нилъер гьанир цIар рагIарал спортменал рахъунел рукIинги лъикI бугила, амма массовияб куцалдаги машгьур гьабизе къваригIун бугила. Гьединго гIемерисезе интерес ккана Сергей Меликовас жив соцсетазда вукIунарин абидал. Киб бугониги нужеда жиндир цIар хъвараб гьумер бихьани, гьев жив гурин абуна гьес. 
Гьелдаса хадур блогерал соцсетаздасан хъвадаризе лъугьана Меликовасул цIаралда ругел гьурмал гьересиял ругилан.
Гьеб баян гьабулаго, С. Меликовасул пресс-секретарь Низами ХIажибалаевас абуна ДРялъул бетIерас абулеб бугин хас гьабун 
жив хъвадарулеб гьумер гьечIин соцсетазда. Амма ругила хIакъикъиял гьурмал — гьесул ишазул хIакъалъулъ хъвалел.