Гьурщун риччан гъалал, ххан риччан къунщби…

Гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана ясазда гьоркьоб «Бищун халатаб гъал» абураб къец.

 

Гьединаб къец тIобитIиялъе гIиллаги букIана гьаб заманалда гъалал тарал руччаби къанагIат гурони гьечIолъи. Цебейин абуни, нилъер улбузул чохтIоялда гъоркьан раккун рукIунаан халатал гъалал. Гьанже халатаб гъал бугей яс йихьи буго къанагIатаб жо ва мода бугинги абун, гIемерисез гьабулеб буго берцинаб катIари.

Къец тIобитIиялъе хIаракат бахъарай гIадан ккола Шапери Къурбанова. Гьей хIалтIана Дагъистаналъул радио-телевидениялда, гIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял проектазда.

Шаперица бицана жакъасел ясазул гIемерисезда лъаларила халатаб расуда хадуб кин хъулухъ гьабизе колебали. ХIатта парикмахерзабахъацин бажаруларила халатаб гъал берцинго къачIазе.

 

WhatsApp Image 2019 11 27 at 13.19.00

— Дида ракIалда букIана гьаб проект Сары-Кумалда тIобитIизе. Амма квачараб заман гьаб букIиналъги, гьеб бакI рикIкIад букIиналда банги, тIобитIизе ккана шагьаралъул ахикь бугеб рестораналда. РакIалдего ккун букIинчIо гьадигIан гIемерав чияс гIахьалъи гьабилин абунги. Кин батаниги, щивав гIахьалчиясе нижеца кьуна батIи-батIиял сайгъаталги. Гьадинабго къец тIобитIизе буго Дербент ва цогидалги шагьаразда, — ян бицана Ш. Къурбановалъ.

 

 

ХIакъикъаталдаги жюриялда гIезегIан къо бихьана лъикIаздаса лъикIал тIаса рищулаго. Жюриялъ халгьабулеб букIана расул биццалъи- тIеренлъиялъухъ, цIвакиялъухъ ва сахлъиялъухъ. Гьел шартIазул кьучIалда бергьараллъун рикIкIана Мадина МухIамадова, София ГIумарова, ПатIимат МухIамадова ва Фатима Ибеева. Гьезие кьуна сайгъаталги, батIи-батIиял шапакъаталги.