Лъималазда куркьби гъола

 

ГIемерисел умумуз учительзабазде тIаде рехун тола жидерго лъималазул пагьму цIикIинабиялъул суал. Гьезда ракIалдеги ккола школалде иналде лъималгун хIалтIизе кколарин ва гьезда щибго жоги бичIуларин.

 

Умумузда ккола цого-цо цIалун бажарани ва лъикIал къиматал росани лъималазе гIунги тIокIаб бугин. Амма нилъеда бихьула гьабураб къоялдаса нахъе лъимер берцинабщиналде балагьулеб, хIеренаб гьаркьихъ гIенеккулеб ва кьер берцинал расанкIабигун расандулел рукIунел.

 

 Умумузда тIадаб буго жидерго лъимер, гьабураб къоялдаса нахъе берцин бихьизеги, гьеб берцинлъи загьир гьабизе ругьун гьабизеги. Искусство буго дунял бичIчIи, лъай. ЛъикIаб буго лъималазе берцинго, хIеренго ахIулеб кечIцин биччазе. Къуръан цIалулеб гьаркьихъ гIенеккизе тIамизеги ккола гьел. Гьезие рицине ккола маргьаби. Ругьун гьаризе ккола квешаб-лъикIаб батIа бахъизе ва ритIухълъи кидаго бергьунеблъи биччIчIизабизе. Лъимералъе сурат бахъизе бокьулеблъи бихьани, росизе ккола краскаби, фломастерал, кьер-кьерал къалмал ва къваригIараб алат.

 

ГIемерал лъимал рихьана гьитIинаб къоялдасаго умумуз батIи-батIиял кружоказдеги рачун, гIураб мехалъ жидеего гIумру гьабиялъе бигьаго нух батарал. Гьединал лъимал сундасаго хIинкъуларо, жидедаго сверухъ кидаго бурцинлъи гIуцIулел рукIуна. Дир ясалъулги руго гьединал гьудулзаби. Масала, Жамиляца бицана гьитIинаб къоялдаса нахъе эбелалъ жий лъабго сон тIубралдасаго ячанила гIемерал кружкабазде: сурат бахъиялъул, кьурдиялде, кечI ахIиялде, пианиноялда бакънал рачине ва гьелда тIадеги спортивиябгун квен гьабиялъул кружоказдеги.

 

«ГьитIинаб мехалда дун йикIана цIакъ кIвахIалай яс. Эбелалда абулаан щай дун лъималгун рагьда тира-сверизе толарейин. Дихъ гIенеккичIо эбел ва щибаб къоялъ, бихьизабураб низамалда рекъон, киналниги кружоказдеги ячана. КIудияй гIедал, школалда цIалулеб мехалда диегоги бокьана гьение хьвадизе», — ян бицана Жамиляца.

 

Жакъайин абуни гьелъул буго истаграмалда бокьарав чи бахилаб гьумер. Гьелъ букъула ретIел, гьабула батIи-батIияб квен, тортал, рукъула лъилго гьечIел гIадал сумкаби, рахъула берцинал суратал, бачуна пианино. Гьелда тIадеги Жамиля щвечIеб пачалихъги хутIичIо. Гьелъ жакъа баркала кьола эбелалъе жиндир заманалда гьабураб тIалабалъухъ. Гьелъ тIадчIей гьабичIебани жиндир гьадинаб гIумру букIинароанин бицана Жамиляца. Дагъистаналдаги руго лъималазе киналго шартIал чIезарун: суратал рахъулезеги, кечI ахIулезеги, кьурдизе бокьаразеги, шагIил тIагIелал гьарулезеги ва цогидалги махщелал лъазаризеги. Гьедин букIин бихьана гьал къоязда МахIачхъалаялъул анлъго искусствоялъул школаз гIахьаллъи гьабураб, Москваялъул миллатазул рокъоб тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб лъималазул къец араб куц бихьидалги. Лъебергоялдаса цIикIкIун лъималаз рахъарал суратал ран рукIана, Франциялдаса, Китаялдаса, Белоруссиялдаса, Италиялдаса лъималазул суратазда цадахъ, Москваялъул кIудияб кIалгIаялъул къадада.

WhatsApp Image 2019 10 29 at 15.48.35

user 

«ХIакъикъат» газеталъул мухбир, ДРялъул кидагосеб вакиллъиялда цебе гIуцIараб жамгIияб советалъул СМИялъул комиссиялъул председатель ПатIимат Расуловалъ данде гьарун рукIана, конкурсалъул хIасилалда бергьарал, МахIачхъалаялъул лъималазул централъул №8 искусствалъул школалъул, республикаялъул «Центр одаренных детей» школа-лицеялъул, «Жизнь без слез» абураб сакъатазе кумек гьабулеб регионалияб централъул, канлъукъазул школа-интернаталъул, гIинда бакIал лъималазул школалъул лъималазул хIалтIаби. Гьел суратал рахъулел школазул мугIалим Муслим Хавчаев ккола РФялъул лъайкьеялъул хIурматияв хIалтIухъан ва гьес гIемераб хIалтIиги гьабула лъималазда суратал рахъизе малъулаго.

 

«Дун цIакъ вохарав вуго МахIачхъалаялъул лъималазул халкъалда гьоркьосеб къецалда гIахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Эбел-инсуда тIадаб буго лъимал цо сунде ругониги руссинаризе, гьезулъ тIатараб гьунар цебетIезабизе. Дихъеги рачIуна сурат бахъизеги хIатIул батI-батIиял тIагIалаби гьаризе ругьунлъизеги бокьарал гIемерал лъимал. ХIатта рачIуна кIиго-лъабго сон баралцин. Гьелгун хIалтIизе захIматго букIаниги, дида бихьула щибаб дарсидаса хадуб гьезул гьурмал гвангъулел куц. Цо кинаб бугониги гьунар гьечIел лъимал рукIунаро. Аслияб жо буго гьезулъ бугеб гьунар-махщел тIатинаби ва гьел цо рахънире ккезари, ай лъималазда гъола куркьбал», — ян бицана Муслим Хавчаевас.

 

Москваялда тIобитIараб гьеб къецалде рачIун рукIана Франциялдаса гIахьалчагIиги, хасго гьеб проект гIуцIарай Стефани Гаспар. Гьей ккола We are the World evehts ассоциациялъул президентги, ЮНЕСКОялъул вакилги.

 

— Нижеца цогидалги пачалихъазда тIоритIана гьадиналго церелъеял. Дун цIакъ разияй йиго, нижер гьариги къабул гьабун, Дагъистаналъги лъикIаб гIахьаллъи гьабиялдаса. Гьаб буго цогидалги улкабазда тIобитIизе ракIалда бугеб проект. МахIачхъалаялдаса рачIарал суртал росизе руго нижеца Франциялда тIобитIизе бугеб выставкаялдеги. Нилъеда бихьана гьанире рачIарал лъималазул букIараб рохел, гьез цоцадехун бикьулеб букIараб ургъел, гьаниб лъималаз лъай-хъвайги гьабуна.

 

WhatsApp Image 2019 10 29 at 15.39.40

 

Гьаб тадбиралда гIахьаллъизе ахIун рукIана Москваялъул лъимал ругьун гьурулел школазул нухмалъулелги. Гьезги бицана жидецаго гьабулеб хIалтIулги, ругел ресазулги, церечIарал масъалабазулги. Дица рикIкIуна данделъи анин цIакъ пайдаяб къагIидаялда. Нижеца церелъурал масъалаби тIуразаруна», — ян бицана Стефани Гаспарица.

 

Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ва кIалъазе рахъана спилс-картаялъул халкъазда гьоркьосеб федерациялъул президент Евгений Тюриков, Китаялъулгун Белоруссиялъул вакилзаби, художниказулгун бухьен гьабиялъул идараялъул председатель, жамагIатчи Александр Путин. Гьениб кIудияб гIахьаллъи гьабуна Москваялда бугеб дагъистаниязул «Намус» централъул цIалдохъабазги гьелъул директор ПарсихIат МуртазагIалиевалъги.

 

Гьениб лъималал кьурдана, рикIкIана батIи-батIиял мацIазда кучIдул.

 

Выставкаялъе лъикIаб къимат кьуна ва батIи-батIиял даражабазул дипломазе мустахIикълъана гьеб кинабго гьабизе хIаракат бахъарал Стефани Гаспарие ва гьал мухъазул авторалъе.