ГIолилазул субкультураби

ТалихIалъе гIорхъи букIунаро

ГIадатияб гуреб рукIа-рахъиналъул гIадамазул хIакъалъулъ

ГIолилазул субкультура (гIадатиял гIадамаздаса ратIлидалъун яги гIамал-хасияталдалъун ратIа-рахъиялъул къагIида) цебетIун бачIана гьал ахирал соназда ва жакъаги нилъеда гьоркьор гIемер руго гьединал. РакIалде ккезе бегьула цIикIкIараб къадаралда бусурбабаз гIумру гьабулеб нилъер республикаялда гьединал чагIи къанагIат гурони ратиларин. Амма, бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьани, гьединал гIемер дандчIвала. Рехсезин республикаялъул тахшагьаралда дандчIвалел субкультураби.

«Байкерал». Гьел ккола мугжулги тарал, ботIрол расги халатал гIолохъаби. Мотоцикл, пиво ва рок-музыка гьечIого жидерго гIумру цебечIезабизецин кIоларо гьезда.
«МахIачхъалаялъул» хипстерал. Гьел модаялда ва искусствоялда хадур чIун рукIуна, гIенеккула альтернативияб музыкаялъухъ ва хинди-рокалъулъ. Техника ва социалиял гьинал гьечIого гьезда гIумру гьабун бажаруларо. Политикаялъулги гьезие кинабгIаги кIвар букIунаро. Гьеб тайпаялъул гIолилазе кIвар бугеб жолъун ккола инсанасул жанисеб дунял гуреб, гьесул ретIа-къай. Щивав хипстерас рикIкIуна живго творческияв чилъун. Узухъда, гьединал, ай тIасан къачIарал, ратIлил гуреб ургъел гьечIел гIадамал программисталлъун яги юристаллъун хIалтIулел рихьизе ресго гьечIо.
Фанатазул субкультура. Гьезда гьоркьоре уна футболалъул фанаталги. Гьединал гIадамал нилъеда гьоркьорги гIемер ратизе бегьула. Гьезул руго жидерго хасал СМИял — «фанзины» абулел. Гьел ккола фанатазе риччалел хасал журналал.
ГIемерисезда лъала щал чагIи эмо, гот ва хиппи къо-къаялъул гIадамал кколелали. Гьединал къокъаби нилъер республикаялда рати щакаб жо буго. Амма дандчIвазе бегьула гьанже раккарал цIиял субкультураби: «ванильки», «тамбер герл» ва «кореялъул карачел».
«Ванилькабазде» гъорлъе уна гIолохъанал ясал. Гьел ккола гIумрудул хIалбихьи гьечIел, сундаго божулел, талихIаб гIумруялъул анищазда рукIунел ясал. Цогидал субкультурабазулго гIадин, гьезулги букIуна жидеего хасиятаб ретIа-къай.
«Тамбер герл» абурал ккола модаялда рекъон къачIа-кIатIалел ясазул цо къокъа. Гьезул гарбазда бухьун букIуна чIегIераб тIеренаб рачел, канчIал кьераз белъун букIуна рас. Аслияб къагIидаялъ гьел ккола Тамблер абулеб сайталда хъвадарулел ва гьенир жидерго гIадатиял гурел суратал лъолел гIолилал.
«Кореялъул карачел» ккола югалъулаб кореялъул музыкалиял къокъабазул ва артистазул творчество бокьулел фанатал.
Ахираб заманалда нилъеда дандчIвазе бегьула компьютералъул столалдаса нахъего рахъунарел гIолилал. Я дунялалъул яги сверухъ лъугьа-бахъунелъул ургъел гьабуларел гьезда абула «хикикомори» абун (живго жиндаго чIей). Гьединазда абула дунял рихарал чагIийиланги.
Мадинат Ибрагьимова,
ДГУялъул филологияб факультеталъул
2 курсалъул студентка