Дагъистаналъул мелиорация: жакъа ва метер

2020 соналъул 24 сентябралда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул дан­делъиялда кIалъалаго, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заме­ститель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас абуна: «Дагъистаналъул экономикаялда аслияб бутIа ккола агропромышленнияб комплексалъ (АПК) – гьелъул цебетIеялда бараб буго росабалъ гIумру гьабулел гIемерисел дагъистаниязул», — ан.

Гьаб макъалаялда бокьун буго «Мелиорация – Дагъистаналъул АПК цебетIезабиялъул стратегияб рахъ» абураб темаялда гьабураб ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул кIалъаялдаса аслиял бутIабазул баянал кьезе.

 

ГIаммал баянал

Республикаялда росдал магIишат цебетIеялъе руго захIматал тIабигIиял шартIал: бекьулеб ракьул 75 процент буго ракъдаллъиялда, 16 процент – цIадал къанагIатаб ва лъалъазе кколеб ракьул ва гIицIго ичIго процент – дагьа-макъабниги тIабигIияб регьел щолеб ракь. Гьеб­го заманалда, Дагъистан буго лъел рахъалъ бечедаб бакI. Гьединлъидал республикаялъул росдал магIишат цебетIезабиялъе цIакъ санагIатаб иш ккола мелиорация. ГьабсагIаталда республикаялда ракьал лъалъазе са­найил хIалтIизабула цо миллиардгун микьго миллионалдаса цIикIкIун ку­бометр лъел.

Россиялъул лъалъалел ракьазул гIаммаб хIисаб гьабидал, Дагъи­станалъ ккола 8,5 процент, СКФО­ялда ругезул – 40,2 процент. Ме­лиорациялъул кумекалдалъун хIалтIизабула республикаялъул росдал магIишаталъул ракьул 395,6 азарго гектар, гьезда гьоркьоса 65 про­цент ккола бекьулеб ракь (Россиялда – гIицIго микьго процент). Республи­каялъул росдал магIишаталъул ракьул гIицIго 12 процентлъун ккола лъалъ­алеб ракь, амма гьенир хIадурула хурухъанлъиялъул нигIматазул 70 проценталдасаги цIикIкIун (гIарцул хIисаб гьабун, гьеб ккола 45 миллиардгIанасеб гъурущ).

 

Салул гьужум

Ракьал лъалъазе къваригIунел каналал Дагъистаналда рана араб гIасруялъул 50-60-абилел сона­зда. Рана гьел, инженериял ро­ценалги хIисабалде росичIого. Гьезул гIемерисел гьабсагIаталда бакI-бакIаздаса риххун ун руго, гье­динлъидал, проекталда бихьизабу­ралде данде ккун, 50-60 проценталъ дагьлъун буго гьезул пайда. Кана­лазда рукIине кколел гидротехни­киял алаталги, нормативазде данде ккун, лъабго нухалъ дагьал руго. Гьелъие гIилла — араб гIасруялъул 90-абилел соназдаса байбихьун, лъалъалел ракьазе биччалеб букIараб гIарцул къадар гIезегIанго мукъсанлъи.

ХIинкъараб хIалалде ккун буго Гъизляралъул мучIдузулги ЧIегIер ракьазулги (1519 азарго га) экологияб ахIвал-хIал. Гьениб хасало хьихьула кIигогун бащдаб миллион бет1ер гIиял. Рехсарал ракьазул 90 процент чIунтун руго ва гьабсагIаталда 70 азаргоялдаса цIикIкIун гектар сверу­леб буго салул авлахъалде. ХIажат буго гьеб масъалаялдеги кIвар кьезе ва ракьаздаса гIакъилго пайда боси­зе.

 

Масъалаби тIуразаризе ресал

2014 соналда къабул гьаруна «2014-2020 соназда Россиялъул рос­дал магIишаталъул ракьазул мелио­рациялъул цебетIей» ва «2012-2020 соназда Россиялъул Федерациялъул лъелгун магIишатияб комплекс цебетIезаби» абурал федералиял про­граммаби. Гьел хIалтIизариялъул хIасилалда дагьабго лъикIлъана би­цен гьабулел ракьазда бугеб ахIвал- хIалги.

Рехсарал программабазул кьучIалда ва «АПКялъул нигIматазул экспорт» абураб федералияб проек­талда рекъон чIезаруна мелиорати­вияб комплексалъе пачалихъияб ку­мек гьабулел тадбирал. Гьел ккола:

— магIишатазда гьоркьосел кана­лал цIигьари;

— ихдал цIадал цIикIкIиналъул хIасилалда щварал гIораз каналазул рахъал риххизарунгутIиялъе ва рос­дал магIишаталъул ракьалгун роса­би лъелъ гъанкъунгутIиялде данде тадбирал гIуцIи;

— субсидиялги кьун, росдал магIишаталъул кооперативазегун пред­приятиязе кумек гьаби: магIишатазда жанисел каналал раялъухъ, къачIаялъухъ, цIи гьариялъухъ ва тех­никиял алатаздалъун хьезариялъухъ 70 процент; чIунталиде ккарал ра­кьазда агролесомелиоративиял, фи­томелиоративиял, ай ракь цIилъулел тадбирал гIуцIаралъухъ — 90 про­цент; рехун тарал ракьал цIидасан хIалтIизаризе байбихьиялъул му­радалда лъалъазе санагIатал бакIал цIуладасагун чIахI-къулалдаса, ганчIаздаса ва цогидал жалаздаса эркенги гьарун, гьенибе сали-ракь баччун, гьеб бухъун-бегун, хурзал гьариялде харж гьабураб гIарцул – 90 проценталъ; мучIдузда артезиан бухъиялъухъ араб гIарцул — 70 про­центалъ.

Ахирал соназда регионалда гIураб хIалтIи гьабуна мелиоративияб ком­плекс нормативазде рекъонккеза­биялъул мурадалда. Пачалихъияб кумекалдалъун, ахираб щуго со­налда жаниб росдал магIишаталъул нухмалъулез рана ва къачIана магIишатазда жанисел каналал – гьезул лъеца лъалъала 69,33 азарго гектар ракьул; 35,33 азаргоялдаса цIикIкIун гектаралда цIи гьаруна ва рана пиринчI бекьулел чекал.

 

Салул авлахъалде сверунгутIиялъул мурадалда 10,25 азарго гекта­ралда гIуцIана фитомелиоративиял тадбирал 8653 гектаралда гьабуна культуриябгун техникияб хIалтIи. Гъоркьиса мучIдузда бухъана анлъ­го артезианалъул гъуйги.

Гьединал хIасилазе квербакъана аслияб къагIидаялда пачалихъияб кумекалъ. Ахираб 30 соналда жа­ниб тIоцебесеб нухалда гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса ме­лиорациялъе кьун букIана 500 млн гъурущ. Гьеб гIарцухъ гьарурал тад­биразул хIасилалда рекъон, кIиго- лъабго соналдаса гьел ракьаз кьезе буго лъикIаб бачIинги. Пачалихъияб кумек щвана 178 магIишаталъе — гьел ккола пиринчI бекьизе цIиял ракьал хIалтIизарурал Гъизляр ва Тарумов­ка районазул ракьал.

Гъоркьиса 21 азарго гектарал­даса бакIарана 95,2 азарго тонна пиринчIалъул. Масала, 1987 сонал­да бакIарун букIана 89 азарго тон­на. ТIоцебесеб нухалда къват1ибе битIана пиринчIалъул 1,2 азарго тон­на.

 

Инвестициял ва гьезул хIасил

2019 соналда мелиорациялде кьу­на инвестициязул гIарцул кIиго мил­лиардгун микьго млн гъурущ: цо­гун бащдаб млрд гъурущ — ДРялъул Росдал магIишаталъулгун кванил нигIматазул министерствоялъ (282 млн гъурущ федералияб ва 500 млн гъурущ республикаялъул бюдже­таздасаги ва росдал магIишаталъул нигIматал хIадуриялде — 771 млн гъурущ) ва «ДРялъул Мелиораци­ялъулгун лъел магIишатазул мини­стерство» абураб ФГБУялъул рахъ­алдаса — цо миллиардгун лъабнусго млн гъурущ.

Исана мелиоративияб комплексалъе ДРялъул Росдал магIишаталъулгун кванил нигIматазул министерствоялдаса кьезе буго 550 млн гъурущ. Гьезухъ республикаялъул росдал магIишаталъул нигIматал хIадурулел предприятиязе бецIизе буго мелиоративиял хIалтIабазухъ гьез харж гьабураб гIарац: 5860 гек­таралда рана ва цIигьаруна каналал, росдал магIишаталъе цIунана 3000 гектар, 4000 гектаралда гьаруна фитомелиоративиял тадбирал, 700 гектаралда хIалтIизаруна сурсатал цIунулел технологиял.

 

Гидромелиоративияб хIалтIи цIи гьабулеб буго «ДРялъул Минмелиоводхоз» абураб ФГБУялъги. ХIалтIизарулел руго гьелъул мура­далда федералиял программабиги. КъачIан бахъунеб буго Сардапкен­талъул лъим бикьулеб пункт. Гьел­далъун Сулейман-Стальск районалъул Карчагъ авлахъалде чвахизе буго лъим. Гьелдалъун рес щвезе буго ток тIокIлъизабизеги лъалъалеб ра­кьул 2500 гектар хIалтIизабизеги. Байбихьун буго ахал гIезариялъул проект гIумруялде бахъинабизеги. Жакъа къоялде 120 гектаралда чIун руго пихъил гъутIби.

 

Хинлъиялъул хIинкъи

Гидрометеорологиялъул хъулухъалъул Дагъистаналъул централъул баяназда рекъон, ахираб 40 соналда жаниб 30 проценталъ дагьлъана Се­верияб Кавказалъул мугIрузда бу­геб цIер; ахираб 5-10 соналда жаниб 0,3-0,5 градусалъ багIарана Дагъи­станалда гьава-бакъ ва 15-30 про­центалъ дагьлана ралел цIадазул къадарги.

Советияб заманалда хIалтIизабулаан цIадхIалаб заманалда ва их­дал гIазу-цIер биараб мехалда лъим данде гьабиялъул къагIида (ирри­гация). Гьелъ лъалъалаан ракьалги. Советияб улка биххаралдаса нахъе ирригациялъул объектазе техники­яб хъулухъ гьабичIо ва гьел рехунго тана.

 

ГьабсагIаталда республикаялда буго 33 ирригациялъулаб хIор: 23 – магIишатазда гьоркьосеб ва 10 – пуланаб магIишаталъул балансалда бугеб. Гьезул цо-цоял ран руго да­гьалъ цере, гьанжезаманалъул тех­нологиязул кьучIалда. 33 хIориниб данде бакIаризе бегьула 94 млн лъел кубометр ва гьелъ лъалъазе рес щола 10 азаргоялдаса цIикIкIун гек­тар. Гьоркьоса къотIичIого ракьал лъалъазе гьеб лъим гIоларо. Гьедин­лъидал Югалъулаб Дагъистаналда 2012 соналдаса нахъе балеб буго Шурдере абураб ва 50 млн кубоме­тра унеб лъел хIор. Гьеб цIезабизе буго Самур гIурул лъиналъ. Гьелъ рес кьезе буго тIолабго лъагIелалъ 25 азаргоялдаса цIикIкIун гектар лъалъазе. Шурдере хIоралда све­рухъ щунусгогIанасеб гектаралда гьанжеялдего чIун буго цIолбол гъабуги.