Щулиял кьалбазул магIишат

Хунзахъ районалъул ТIануси росдал Бабаюрталъулаб зонаялда бу­геб «Машгьурал гIадамал» СПК ккола республикаялъул церетIурал магIишатазул цояб. Пачалихъалъул гIемерал шапакъатазда, хIурматиял гIаламатазда гьоркьор руго 2015 ва 2018 соназда ВДНХял­да СПКялъе щварал меседил медалалги. Гьелъул ракьалъул гIатIилъи ккола 5200 гектар (кIиазарго гектар Кочубей зонаялда), буго 170 бетIер чIегIербоцIул, 6600 бетIер гIи-цIцIаназул, хIалтIуе гIураб къадар техни­каялъул. Гьал къоязда гьенире щварал ниж дандчIвана 10-гIанасеб со­налъ магIишаталъе нухмалъи гьабулев вугев Зиявудин МухIамадовгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

 

Зиявудин, «Машгьурал гIадамал» абураб цIаралда рекъа­раб хIалтIи бугищ магIишаталъул?

— Сверухълъиялдаги заманалдаги рекъон унеб буго хIалтIи. Къадру- къиматалда ругел гIадамазул цIар хвезабиларин абун, биххизе течIого магIишатги цIунун хIалтIана дида цере рукIаралги.

Жакъа гIемерисезе бокьулеб буго шагьар, амма гьениб киназего хIалтIи букIунаро ва гьединлъидал дир кинабгIаги щаклъи гьечIо гIадамал дагь-дагьккун ракь хIалтIизабиялде руссине рукIиналда.

Гьаб буго, магIарухъ рукIаго, ни­жер умумузе кьураб, пачалихъалъ жамагIаталда хадуб бухьинабураб ракь. Гьаниб буго 100-110 цIараки.

— Нужер буго 90-гIанасеб бечIчIулеб гIака. Рахь кибе кьолеб ва дотация кин щолеб?

— ЛъагIалида жаниб бечIчIула 150 тонна рахьдал. Гьеб кьола МахIачхъалаялъул рахьдал заводал­де. Гьелъул багьаги хисардула, маса­ла, букIана заман цо литралъухъ 20 гъурущ кьолеб. ГьабсагIаталда кьола 19 гъурущ.

Гьелъухъ кьолел дотаци­ялги рукIана батIи-батIиял. ГьабсагIаталда цо литралъухъ кьола 2-3 гъурущ, букIана 7 гъурущ кьолеб мехги.

ХIакъикъаталдаги рахь лъедасаги гIемерго учузлъун буго. Гьебги буго жакъаги «дару» гьечIеб «унти». До­тациял кьолел рукIин буго кIудияб мадар.

— Гьединабго хIал букIана ква­сулги, ай гьеб бичиялъул пайда­го гьечIеб. Нужеца кигIан квас къунцIулеб ва кинаб букIунеб гьелъул хадусеб къисмат?

— 2018 соналда нижеца 18 тонна бичун букIана 135 гъурщиде килоги гьабун. 2019 соналда къунцIараб 20 тонна гьал къоязда бичана (70 гъур­щиде кило гьабун, 30-40 гъурущ дотациялъул щвелин абураб хьу­лалда) Черкесск шагьаралъул квас къачIалеб комбинаталъе.

— Къинлъул кампания кин араб?

— Гьеб рахъалъ исана ниж раз­ияб хIал буго. ГьабсагIаталда бугеб хIисабалда рекъон, кьегIер бахъи­ялъул букIина 100-105 процент, гъор­кьиса букIана 80-85 процент.

— ГIи-боцIуе гIураб къадаралда кIалцIи-хер нужедаго хIадуризе кIолищ?

— ЛъагIалие къваригIуна 200-250 тонна кIалцIул, 2-2,3 азарго тонна харил. Гьел тIалабал тIурала ниже­цаго, гъоркьиса босизе ккана 100 тонна кIалцIул.

— Исана 150 гектаралда нужеца бекьизе буго пиринчI. Гьеб бигьа­яб хIалтIиги гуро. Гьелъие гIураб къуват бугищ?

— Гьеб хьазе хIадурун букIараб ракьалъул 300-400 гектар буго гьа­ниб. Дагьаб бугониги, санайил гьеб бекьулаан. Лъим бугони, гьеб бекьи­ялъе щибго къварилъи гьечIо.

— ГIезабураб пиринчI кибе кьо­леб?

— Гъоркьиса гIемер букIинчIо. Бу­гебги гьанире рачIун гIадамаз унаан босун (12-13 гъурущ кило гьабун). ГIадамазе бичунги Краснодаралде баччунги, пиринчI бичиялъе щибго къварилъи гьечIо.

Исана бекьизе буго 150 гектарал­да. Цо гектаралдаса 30-40 центнер бачIани, нижее щола 500-600 тонна. Гьеб къадар 12 гъурщиде кьабгIани, 7 млн гъурущ щола. Гьелдаса 3 млн гIезабулаго ун батани, 4 млн хутIулеб буго магIишаталъе.

— ХIалтIи нухда бачине би­гьаяб заман гьечIониги, нужер СПКялъ гIезегIан кумек гьабу­леб буго гIагараб росдаеги росдал гIадамазеги…

— Гьаб буго гIаммаб магIишат, гьединлъидал жамагIаталъеги щве­зе ккола ресалда рекъараб кумек. МагIарухъ бугеб школалъе гьабу­на материалияб кумек, лъимал ру­гьун гьаризе босана цIияб трактор, мажгиталъе ва ясли-ахалъе гьабу­на кумек, тIубана росдал лъел суал. Росулъ вуго 80-гIанасев пенсионер, сахIал рахъулеб заманалда гьезул щивасе кьола нус-нус килограмм ролъул, 20-30 танг харил.

СПКялде щварал ниж дандчIвана 36 соналъ вехьлъун вугев МухIамад ГIубайдулаевгунги (гьесдаго цадахъ руго гьесул васалги — Шамил (сура­талда), Рамазан, Юсуп).

— МухIамад, киналха ругел дандчIвалел захIмалъаби?

— ЗахIмалъулеб буго къунцIараб квас бичи, гъоркьиса къунцIарабги жеги бегун буго. Гьелдаса бугелъул нижер бетIербахъи, нижее бигьалъу­леб гьечIо гьеб суал.

— Кинаб бугеб вехьасул гьор­кьохъеб хIалтIул къо?

— Риидалил заманалда радал тIаде вахъуна ва хIалтIи байбихьула сагIат 4 тIубараб заманалда, къаси сагIат 7-8-ялда лъугIизе тола. ГIодоркъоял рукIунаро, нижецаго гьаруни гуро­ни, байрамкъоялги рукIунаро.

— Чан гIиялъажо бугеб дуца жаваб кьолеб ва кинаб бугеб дуе чIезабураб мухь?

— Дир ва дир васазул тIалабалда буго 1200 гIиялъажо. ЛъагIалил мухь хIисабалда нижер щивасе кьо­ла 35 къинлъизесеб чахъу. Нижер щивасулги буго нус-нус бетIер, гьел­ги хьихьула чIорого.

— Лъабавго дур васас вехьасул хIалтIи тIаса бищиялдаса рази ву­гищ мун?

— Васазул буго цIала-къали, дие бокьилаан гьел шагьаралда, рекъ­араб хIалтIуда рукIине. Амма що­леб гьечIо хIалтIи. Гьединлъидал дун рази вуго гьал дида аскIор рукIиналдаса.

Цинги ниж щвана 35 соналъ вехьлъун хIалтIулев вугев Шарап ХIайбулаевасухъе (гьесда цадахъги вуго кIиявго вас – Муслим ва МухIамадрасул).

— Шарап, кин араб гIи къинлъи­ялъул иш?

— ГIезегIан захIматгоги букIана, амма хIасил лъикIаб ккана. 95 про­цент бахъанин ккола тIинчIалъул.

— МагIишаталъул чан гIиялъажо бугеб дур тIалабалда?

— Дицаги, дир кIиявго васасги, цоги вехьасги жаваб кьола 1200 бетIералъул. Лъабасулго данде бо­сун буго 800-гIанасеб бетIер гIи- цIцIаназул. Мухь хIисабалда нижее (щивасе) кьола 35 чахъу.

— Дур кIиявго вас дуда цадахъ вукIиналдаса рази вугищ мун?

— Дир хIисабалда, къо бахъанагIан бигьалъулеб хIалтIиги СПКялъ гьа­булеб кумекги цIикIкIунеб буго. Амма гIолохъабазе бокьулеб гьечIо гьаб иш. Диегоги бокьилароаан ва­сал гьаб хIалтIуда рукIине, амма гьез тIаса бищун бугелъул, пашмангоги гьечIо. Завод-фабрикалги гьечIони, цоги хIалтIиги щолеб гьечIони, рега- рахъун чIунги нижехъа бажаруларо, магIишат гьабизе кколелъулха.