«ХIакъикъаталъул» гъасда ЛЪАРАТIА

Ражаб РАЖАБОВ:
«ХIалтIулъ гIадлу цIуни — щивасда тIадаб иш»

 

Жал хIалтIулеб бакIалда гIадлу-низам цIуниялде ахIулеб букIана районалъул администрациялда тIобитIараб иргадулаб данделъи. Щибаб идараялъул хъулухъчи ва махщелчагIи камичIого, кватIичIого жидер хIалтIул кабинетазда рукIине ккелин гьениб лъазабуна районалъул нухмалъулез. Райцентралъул учреждениязда гIадлу цIуниялда хадуб жиндирго халкквей букIине бугинги абун, районалъул бетIер Ражаб Ражабовас тIадкъаял кьуна заместителазе ва идарабазул нухмалъулезе. Гьеб тIалаб тIубазабичIел чагIи законалда рекъон тамихIалде цIазе ругиланги лъазабуна. Данделъиялда гIахьаллъана районалъул киналго идарабазул нухмалъулел.

Халкъалъе гьабулеб хъулухъ лъикIлъизабиялъул мурадалда хIал­тIи гIуцIиялъул тIалабгун ва малъа-хъваялгун кIалъаял гьаруна райо­налъул бетIерасул заместитель Мадина Саидовалъ ва администрациялъул ишазул нухмалъулев Каримула МухIамадгIалиевас.
Р. Ражабовасул рагIабазда рекъон, гьес хадубккунги кIудияб кIвар кьезе буго щивав махщелчи жиндир хIалтIулеб бакIалда чIезавиялде. Гьесул бербалагьиялда гъоркь щибаб идараялда бугеб ахIвал-хIалалъул халги гьабун букIана. Гьелъул хIасилалги гьарун, хашго хIалтIи гьабуразе районалъул бетIерасул рахъалдаса бадирчIваял щвана, гIадлу-низам цIунаразе лъикIаб къимат кьуна.
— Щибаб идараялда букIине ккела жиндир заманалда хIалтIуде рачIунеб ва нахъе унеб тартиб, — ан абуна районалъул бетIер Р. Ражабовас. — Гьеб буго нилъеца бищунго цебе цIунизе кколеб хIукуматалъул аслияб тIадкъай. Гьеб бутIаялда гIадлу гьечIони, районалъулго халкъалъе кIудияб квалквал ккола. Нужер жавабчилъи гьечIолъиялъ, 40-50 км нухги тун, рикIкIадал росабалъа райцентралде къваригIелалъ щварав гIадатияв мискинчи, заманги гIарацги хун, мурадги тIубачIого нахъе ине ккезе рес буго.
— Законалъул букIа, гIаданлъиялъул букIа, кинабго рахъалъ нилъеда тIадаб буго чIезабураб заманалда хIалтIуде щвезе, — ян абуна данделъи­ялда кIалъалаго райадминистрациялъул ишазул нухмалъу­лев Каримула МухIамадгIалиевас. — ХIалтIулъ тартиб цIуни — гьеб кинабго бараб буго щибаб идараялъул нухмалъу­лесда. Гьоркьоса къотIичIого хIалтIуде кватIулев чи тамихIалдеги цIазе ккола щибаб идараялъул нухмалъулес.