ГIемераздаги лъалареб, лъалезги жеги течIеб

МухIамад ва Юсуп СултIановал

 

 

7 декабралда МахIачхъалаялда (Пушкинил къватI) тIобитIараб росдал магIишаталъул ярмаркаялда гIахьаллъана 200-гIанасеб СПКязул, КФХязул, ЛПХязул, росдал магIишаталъул нигIматал къачIалел предприятиязул вакилзаби.

 

Ярмаркаялда гIахьаллъи гьабуразда гьоркьор рукIана гIиял хIан гьабулелги, форель ччугIа гIезабулелги. Масала, «Джурмут-I» СПК. ЧчугIил магIишаталъул хIалтIухъан МухIамад ГIумаровасулгун, гIиял хIан гьабулел МухIамадилгун ва гьесул вас Юсуп СултIановазулгун гьабуна къокъабго гара-чIвариги.

 

IMG 8769 08 12 19 08 47

 МухIамад ГIумаров

 

 

— МухIамад, форель тайпаялъул ччугIа гIезабизе байбихьиялъе гIилла щиб ккараб?

 

 

— Цебе нижер букIана ункъо росдае (Белъелда, Гъерел, ГIулгьеб, Гъоркьнуб) гIахьалаб, Ленинил цIаралда букIараб колхоз. Заманалда рекъон гьеб сверана «Джурмут-I» СПКялде ва гьениб хIалтIиги гIуцIун буго умумуздасан щвараб махшалида рекъон. Салда росулъ буго хасалоцин цIер къалареб лъар. Гьениса лъимги бачун гIуцIана форель гIезабулеб комплекс.

 

 

Лъабабилеб сезон буго нижеца гьеб гIезабизе байбихьаралдаса. ЛъагIалида жаниб гIезабула гIага-шагарго 300-500 кг ччугIил. Жакъа гьаб ярмаркаялда нижеца гьеб бичула килограммалъухъ 4I0 гъурущ хIисаб гьабун, ай базаралда бугелдаса 30 проценталъ учузго.

 

 

— МагIарухъ форель гIезаби пайдаяб хIалтIи бугищ?

 

 

— Гьеб буго лъикIаб хайир щвезе ккани тIад саламатал харжал гьаризе кколеб хIалтIи. Гьаб ишги гьабуларо тавакалав, хIалтIи лъалев чияс гурони.

 

 

Дагъистаналда гIемер хутIун гьечIо гIиял хIан гьабулел магIишатал ва гIадамал, амма жидеца цIунун бугин гьеб ишилан бицана МухIамад ва Юсуп СултIановаз.

 

 

— ГIи бечIчIиги хIан гьабиги бигьаяб пиша гуро. ТIаде гIолеб гIелалъе бокьулищ гьеб гьабизе?

  

— Гьаб пиша тIасабищулеб батила I0 вехьасда гьоркьоса цояс. Нижер магIишаталда буго гочинабун хьихьулеб лъабазаргогIанасеб бечIчIулеб гIиялъажо. Гьел речIчIулеб заман ккола июнь-июль моцIал, лъагIалида жаниб цо лемагалъ кьола 25 литргIанасеб рахь. Цо килограмм хIанил гьабизе ккани хIажалъула щуго литр рахьдал.

 

 

Ярмаркалда нижеца хIан бичулеб букIана 850 гъурщиде килограмм хIисаб гьабун. Базаразда гьелъул багьа буго I200 гъурущ.

 

 

ПалхIасил, ярмаркаялде вачIун вукIана гIезегIан чи ва гьезул щивав разигоги хутIанин абизе бегьула.