ГIи-цIцIаназул выставка

Меседил медалал ва месед гIадаб квас

 

Жакъа Россиялъул магIишатазда буго гIи-цIцIаназул 23 млн 609,3 азарго бетIер

Россиялъул хазина

Россиялъул цогидал субъектазде дандеккун, Дагьистан кидаго букIана росдал магIишат цебетIураб республикалъун. ГIи-цIцIаназул къадаралъухъ балагьун, нилъеца Россиялдаго ккола тIоцебесеб бакIги. Гьелде тIадеги, нилъер мучIдузда гIезабураб гIиял гьан Россиялдаго къиматаблъунги рикIкIуна. Гъоркьиса Дагъистаналъ Ираналъе бичун буго ункъазаргоялдасаги цIикIкIун тонна гьанал. Исанаги бичизе буго жеги цIикIкIун. Дагъистаналдаса цIикIкIун гьан къватIибе бичун буго гIицIго Астрахань областалъ (5,1 азарго тонна). Гьел хIужабаз бихьизабулеб буго гIи-цIцIани гIезари Дагъистанальул аслиял масъалабазул цояб кколеб букIин. Гьеб масъала гIумруялде кин бахъинабулеб бугебалиги бихьизабуна гьал къоязда Астраханалда тIобитIараб ТIолгороссиялъул тайпадулал гIи-цIцIаназул выставкаялда. Гьенибин абуни, Дагъистаналъул гIи мустахIикълъана 21 медалалъе: 12 – меседил, 5 – гIарцул ва 4 — мазгарул. Выставкаялда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул 22 субъекталдаса рачIун рукIарал магIишатазул гIиял батIи-батIиял тайпабаз ва гIияхъабазул коллективаз. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул росдал магIишаталъул ми­нистрасул заместитель Жамбу­лат Хатуовасги министерствоя­лъул гIи-боцIухъанлъиялъул ва тай­па лъикIлъизабиялъул департа­мен­талъул директор Гьарун ГIамир­ха­но­васги.
Выставкаялда гIахьаллъана Бо­лъихъ, Буйнакск, Гумбет, Гъуниб, Гъизилюрт, Казбек, Рутул, Хунзахъ районаздаса 12 коллектив. Гьениб бихьизабуна Дагъистаналъул мугIрузулаб, гIандисезул чIегIераб, тушиназул ва лезгиязул тайпабазул гIи.
Жакъа Россиялъул магIишатазда буго 23 млн 609,3 азарго гIи-цIцIаназул бетIер. Гьеб буго гъоркьи­салалде дандеккун 1 млн 260 азарго бетIералъ дагь. ГIезабураб квасул къадар бахуна 57 азарго тоннаялде. 2025 соналдейин абуни, гьелъул къадар бахинабизе буго 61 азарго тоннаялде. Гьелда рекъон Дагъистаналъ 4 млн 396,0 азарго бетIералдаса гIезабулеб ва бичулеб продукциялъул къадарги цIикIкIина. Амма, гъоркьисалалде дандеккун, исана нилъер гIи-цIцIаназул къадар 10 проценталъ дагьлъун батани, кинха гьеб захIматаб масъала тIубазе бугебин абураб суалалъе жавабги буго цо-цо бетIералдаса бахъулеб гьан ва квас цIикIкIинабизе кколин абураб. Гьелде кIвар кьолеб буго республи­кая­лъул росдал магIишаталъул ва ква­­нил нигIматазул министр ГIабдулмус­лим ГIабдулмуслимовасги.

Щибха бугеб
гIияхъанлъиялда цIияб жо?

Министрасул заместитель Жамбулат Хатуовас бицана Россиялда гIи-цIцIани хьихьулезе пачали­хъалъ чIезарун ругел бигьалъабазул ва гьезие тIадеги кьолеб гIарцул. Исана Россиялда квасул качествоялъул халгьабулеб лаборатория гIуцIизе буго. ХIукму гьабун буго гьезул цо­яб Дагъистаналдаги рагьизе. Гьелъ рес кьезе буго квас гIезабулезе гIе­мер­го кIудиял бигьалъаби гьаризе ва, мухIканаб качество букIиналъе нугI­лъи гьабулеб хасаб лабораториялъул кагъат бугони, квасул багьаги гьелда рекъон цIикIкIина.
ГIи-цIцIаназул суалазда тIад хIалтIулел гIалимзабаз лъикIаблъун рикIкIунеб буго гIияхъанлъиялда кооперация гIуцIизе, щайгурелъул жакъа къоялда гIи гIезабулез жидецаго балагьизе кколеб буго гьан, квас, рахь кьезе бакIал.
Субсидиял кьолел руго гIияхъабаз рахь гIезабулеб ферма базе гьарурал харжазул 25 процент бецIизе ва гьединго гьан гIезабулеб ферма базе гьарурал харжазул 20 процент бецIизеги. Гьеб ккола гьанжего гьанже гIи-цIцIаназул продукция гIезабизе хIукму гьабурал гIолилазе лъикIаб кумек. Гьелде тIадеги цIияб жо буго авлахъазда гIияе хIажатал артскважинаби рахъизеги пачали­хъалъ субсидиял кьезе рукIин ва гьединго лъалъадиялъе кьолеб субсидия кIиго нухалда цIикIкIинабизе букIинги.
ГIияхъанлъиялда бугеб ахIвал-хIал цIакъго хехго хисулеб жо бугелъул, министерствоялъу­л хIал­тIу­хъабаз ва гIалимзабаз лъикIаблъун рикIкIана интернеталъул социалиял гьиназда Россиялъул гIияхъабазул хасаб къокъа гIуцIизе ва хIажатал суалал хехго тIуразе. Гьеб букIина гIияхъабаздаги, министерствоя­лъул хIакимзабаздаги, росдал ма­гIишаталъул гIалимзабаздаги гьоркьоб бугеб щулияб бухьенлъунги.
ГIияхъаби разиго хутIана выставкаялда гьарурал пайдаял данделъабаздаса ва рохалилаб ахIвал-хIалалдаса.
Зикрула Илясов