БоцIуе – дару, инсанасе – сабаб

 

 

Гьал къоязда ДРялъул Ветеринариялъул комитеталда тIобитIараб данделъиялда дандрана лъагIалил тIоцебесеб бащалъиялъул хIасилал. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Нариман ГIабдулмутIалибов, комитеталъул председатель МухIамад Шапиев, районазул ветеринариял управлениязул нухмалъулел, гьебго хъулухъалъул батIи-батIиял идарабазул хIалтIухъаби.

  Гьениб МухIамад Шапиевас бицана ветеринарияб хъулухъалъул бугеб кIваралъул, церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ. Гьабураб хIалтIул хIасилалда цIунизе кIвана ящур, сибирская язва, гIиял оспа, батIи-батIиял гриппалъул тайпаби, туберкулез гIадал унтабаздаса. Гьеб хIужаялъги рес кьуна кIудияб ками ккечIого гIи-боцIиялъ хасел нухда тIамизе. Гьебго заманалда руго хIинкъи бугел, тIурачIого рес гьечIел масъалабиги — гIадамазде ва гIи-боцIуде бахунеб бруццелез ва чIегIербоцIул лейкоз унтаби. Гьес мухIканаб баян кьуна Москваялдаса республикаялде рачIун рукIарал «Центр ветеринарий» гIуцIиялъул специалистаз гьаниб гьабураб хIалтIул, хасго федералияб централъ чIорого риччалел дараби пайдаялда хIалтIизариялда сверухъ бугеб хIалалъе. ХIасил гьабиялъул къалъайгун цеве вахъарав Нариман ГIабдулмутIалибовас ракIалде щвезабуна гIицIцIаназул къадаралъул рахъалъ Дагъистан, Россиялъул регионазда гьоркьоб, тIоцебесеб бакIалда ва чIегIербоцIул рахъалъ цебесеб кьерда букIин. Бицана гьеб киналдаго ветеринарияб хъулухъалъ лъолеб бугеб бутIаялъул хIакъалъулъги. Гьениб МухIамад Шапиевас бицана ветеринарияб хъулухъалъул бугеб кIваралъул, церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ. Гьабураб хIалтIул хIасилалда цIунизе кIвана ящур, сибирская язва, гIиял оспа, батIи-батIиял гриппалъул тайпаби, туберкулез гIадал унтабаздаса. Гьеб хIужаялъги рес кьуна кIудияб ками ккечIого гIи-боцIиялъ хасел нухда тIамизе. Гьебго заманалда руго хIинкъи бугел, тIурачIого рес гьечIел масъалабиги — гIадамазде ва гIи-боцIуде бахунеб бруццелез ва чIегIербоцIул лейкоз унтаби. Гьес мухIканаб баян кьуна Москваялдаса республикаялде рачIун рукIарал «Центр ветеринарий» гIуцIиялъул специалистаз гьаниб гьабураб хIалтIул, хасго федералияб централъ чIорого риччалел дараби пайдаялда хIалтIизариялда сверухъ бугеб хIалалъе. ХIасил гьабиялъул къалъайгун цеве вахъарав Нариман ГIабдулмутIалибовас ракIалде щвезабуна гIицIцIаназул къадаралъул рахъалъ Дагъистан, Россиялъул регионазда гьоркьоб, тIоцебесеб бакIалда ва чIегIербоцIул рахъалъ цебесеб кьерда букIин. Бицана гьеб киналдаго ветеринарияб хъулухъалъ лъолеб бугеб бутIаялъул хIакъалъулъги.

– ДРялъул хIукуматалъги гьабула комитеталъе кумек, – ан абуна Н. ГIабдулмутIалибовас. — Масала, ахираб кIиго соналда жаниб биччана лабораториябгун диагностикияб хIалтIи тIубазе ресал ругеб кIиго машина босизе гIарац. Босана цIияб тайпаялъул лабораторияб къайи, капиталияб къагIидаялда къачIана 30 ветеринарияб учреждение, цIикIкIинабуна специалистазе щолел харжал.

ПалхIасил, лъикIаб къимат кьуна комитеталъул хIалтIул гIуцIиялъе, ветеринариял хIалтIухъабазе загьир гьабуна баркала.