Аралъул хIасил-букIинеселъул кьучI  

 

  Ахирал соназ нилъер республикаялда лъикIго цебетIолеб буго туризм. ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул рагIабазда рекъон, гъоркьиса нилъехъе вачIун вуго 1,2 миллион турист. Исанайин абуни вачIине вуго кIиго миллион турист. Гьедин цебетIей гьечIониги, росдал магIишаталъулги руго гIезегIан лъикIал хIасилал. Гьезул ва церечIарал масъалабазул бицана МахIачхъалаялда тIобитIараб Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул коллегиялда. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, Халкъияб Собраниялъул аграрияб комитеталъул председатель Асият ГIалиева, республикаялъулъ батIи-батIиял идарабазул («Россельхозбанк», ветеринарияб ва ччугIил магIишатазул комитетал) вакилзаби, районазул росдал магIишаталъул управлениязул нухмалъулел.

 

ГIаммаб баян

 

    Нилъер росдал магIишаталъул аслиял бутIабилъун ккола хурухъанлъи ва гIи-боцIухъанлъи. 2021 соналда гIезарурал, къватIире риччарал нигIматазул гIаммаб багьа бащалъана 176,2 млрд гъурщида (хурухъанлъи – 47,9 процент ва гIи-боцIухъанлъи – 52,1 процент). Гьеб соналда АПКялъул 363 проекталда хIалтIизабуна инвестициязул 4,6 млрд гъурущ, гьелъие квербакъиялъе бюджеталъ биччана 2,8 млрд гъурущ. Гьебго заманалда АПКялъ бюджеталде кьуна налогазул 6,5 млрд гъурущ (2020 соналдаса 5,1 проценталъ цIикIкIун). ГIуцIана 5177 чи хIалтIизе бакI. Республикаялда ругел магIишатазул (СПК, СПОК ва гь. ц.) 96,9 процент хайир щоледухъ хIалтIулел ругониги, гьезул гIемерисезул гIарцулаб ахIвал-хIал гIемер беццизесеб гьечIо. Кидаго гуро хIажатаб техника, алат-къайи босизе гIарац гIолеб бугеб, бигьалъу­ларо учузаб къагIидаялда къарзал щвейги.

 

Хурухъанлъи

 

     Республикаялда батIи-батIиял нигIматал хьараб, рекьараб, чIараб гIаммаб гIатIилъи бащалъула 360 азарго гектаралда (2020 соналде дандеккун 2,5 азарго гектаралъ цIикIкIун). Могьолал культураби хьан рукIана 165 азарго гектаралда ва гьениса бакIарана 450 азарго тонна хIалухъиналъул (ролъ, пурчIина, цIоросаролъ ва гь.ц.). ПиринчI хьан букIана 27 азарго гектаралда ва гьениса бакIарана 119,3 азарго тонна. Цебехун республикаялда киданиги бакIарун букIинчIо гьединаб къадар, гьеб рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъеца ккола кIиабилеб бакI (тIоцебесеб бакIалда буго Краснодар край). Гьебго гIатIилъиялдаса исана нилъеца бакIаризе ккола 125 азарго тонна пиринчIалъул, аслияб куцалда, хIалтIул даража борхизабиялдалъун ва цIиял технологиялгун техника хIалтIизабиялдалъун. Овощал гIезариялъул рахъалъги нилъер республикаялъ Россиялда ккола тIоцебесеб бакI, 40,6 азарго гектаралдаса гъоркьиса бакIарана 1361 азарго тонна. Исана дагьабги цIикIкIинабизе буго гьел рекьулеб гIатIилъи (кIиазарго гектаралъ овощал ва 1,5 азарго гектаралъ картошка). Теплицабаз ккун буго 628 гектар, гьелдаса 30 гектар ккола цIиял тайпаялъул теплицабаз. Гъоркьиса теплицабазда гIезабуна овощазул 68,8 азарго тонна, гьеб рахъалъ Россиялда нилъеца ккола анкьабилеб бакI, СКФОялда — кIиабилеб.

Картошка бекьун букIараб 19 азарго гектаралдаса бакIарана 365 азарго тонна. Бахчаби рекьун рукIана анкь­азарго гектаралда ва бакIарана 193 азарго тонна хъарпуз-пастIаналъул. Гьелъие зарал гьабулеб гарцI тIибитIизе рес бугеб 360 азарго гектаралда хал гьабуна ва 77 азарго гектаралда хIалтIизабуна загьру.

 

Ахихъанлъи

 

       Ахал руго 28,8 азарго гектаралда, гьезда гьоркьоса 21,9 азарго гектаралда ругел ккола пихъ кьолел. Гъоркьиса цIиял ахал чIана 1158 гектаралда, бакIарана 200,4 азарго тонна пихъил.

 

2022 соналда хурухъанлъиялъ тIуразе кколел суалал

 

— Жидер заманалда хьазе ва ракIаризе ккола могьолал культураби (ихдал гьел хьазе руго 225 азарго гектаралда, хасало 100 азарго гектаралда).

— БукIине кколеб даражаялда тIо­ритIизе руго гарцIаздаса цIуния­лъул хIалтIаби.

— ГIаммал магIишатазда гIезарулел овощазул къадар бахинабизе буго 56 азарго тоннаялде.

— ЦIикIкIинабизе ккола гIелмиял нормабазда рекъон авлахъазда хьалел минералиял удобрениязул къадар.

 

ГIи-боцIухъанлъи

 

   2021 соналда республикаялда букIана: чIегIербоцIул 940 азарго бетIер (2020 соналдаса 0,7 проценталъ цIикIкIун), гьезда гьоркьоса 461 азарго ккола бечIчIулеб гIака; гIи-цIцIаназул 4552 азарго бетIер (0,4 проценталъ цIикIкIун); гIанкIу-хIелекоялъул (хъазалгун ордекалги, гургуралги ва гь.ц.) 4152 азарго бетIер (1,1 проценталъ цIикIкIун).

Гъоркьиса нилъер гьаниб гIе­забуна ва хIадурана: гьан ва гьанае гIанкIу-хIелеко (чIагояб цIайи) – 266 азарго тонна; рахь – 936 азарго тонна; гIанкIудал хоно – 239 млн; квас – 11,2 азарго тонна.

 

Мелиорация

 

   Мелиоративиял каналазул лъеца хьезабула ракьалъул 369 азарго гектар (гьеб ккола тIолабго Россиялда лъалъалеб ракьалъул 9,2 процент). Гъоркьиса гидромелиоративияб хIалтIи гьабуна 4,3 азарго гектаралда. Салул гьужумалдаса ракь цIуниялъул фитомелиоративияб хIалтIи тIобитIана 4,9 азарго гектаралда. КъваригIел гьечIеб гъветI-хералдаса бацIцIад гьабуна ра­кьалъул 868 гектар.

 

Техника

 

   2021 соналда 22 районалъул 84 магIишаталъе босана 540 млн гъурщил багьаяб 284 единица техникаялъул. Исана гьеб босиялъе биччазе буго 700 млн гъурущ.

 

Кванил ва нигIматал къачIалеб промышленность

 

   Гьеб бутIаялда хIалтIулеб буго АПКялъул 100-гIанасеб предприятие. 2021 соналда гьез къватIибе биччараб продукциялъул гIаммаб къадар, цебесеб соналда дандеккун цIикIкIана, 3,1 проценталъ.

 

Багьаби, ярмаркаби

 

   Дагьалго хиса-свериял камичIо­ниги, 2021 соналда пачалихъа­лъул идарабазда кIвана аслия­л нигI­ма­тазул багьаби цIакъго рорхичIого чIезаризе. Гьелъие квербакъулел тадбиразул цояб ккола росдал ма­гIишаталъул нигIматазул ярмаркаби тIоритIи. Республикаялъул шагьаразда ва районазда гъоркьиса тIобитIана 119 ярмарка. НигIматал гIезарулел магIишатазе ва росулел гIадамазе квекIенал гьарула пихъ-овощал цIунизе складал, холодильникал гIунгутIиялъ. Исана соналъул 1 январалде республикаялда рукIана киналго хIажатал шартIал ругел 22 азарго тонна продукциялъул цIунизе рес кьолел гьединал складал. Исана тIаде разе ругел складал хIалтIизе риччан хадуб цIунизе кIола 26 азарго тонна, 2025 соналде гьеб къадар цIикIкIине буго 32 азаргоялде щвезегIан. 2030 соналде рукIине ккола 100 азарго тонна пихъилгун овощазул цIунулел складал.

ГIабаш ГIабашилов