ТечIеб хIалтIи, тIечIеб гьудуллъи  

 

 

ГIумруялъул 80 сон бугониги, сундулъго хIалхьи лъаларев хIалтIухъан, заман хисаниги, хиси гьечIев жамгIияв хIаракатчи Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъа Камил ХIадисов гIемерал соназ хIалтIана гIагараб росдал колхозалъул зоотехниклъун, гьелъул председательлъун. ВукIана Аргъвани росдал колхозалъул председательлъунги, хIалтIана районалъул батIи-батIиял идарабаздаги. ГьабсагIаталда хIалтIулев вуго 11 чиясул цIцIаниги цолъизарун гIуцIараб «Труженик» КФХялъул нухмалъулевлъун. Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ щварав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

— Камил, ЧIиркъатIа буго ахихъанлъиялъул рахъалъ кибго цIар араб росу. Амма дуца тIаса бищун буго гIи-боцIухъанлъиялда хурха­ раб зоотехникасул хIалтIи. Щиб гIиллаялдалъун гьеб ккараб?

— ГьитIинго эбелги хун росулъ дун вукIана кIудияй эбелалда аскIов. Киназего гIадин, диеги кутакалда бокьулаан гъветI-херги. ЦIали тIаса бищулаго дица документал кьун рукIана росдал магIишаталъул ин- ституталъул агрономияб факульте- талде. Гьелги жанире кьун, чанго экзаменги кьун вукIарав дихъе бачIана гьеб факультеталде цIакъго кIудияб конкурс кколеб бугин, гьединлъидал мунги жидеца зоотехникияб факультеталде восулев вугин абураб баян кьураб кагъат. Гьеб заманалда зоотехника щиб жо кколебалицин лъалароан дида, амма тIубараб лъагIел гьоркьоб хутIизе бокьичIого, дун разилъана. Гьедин ккана дир зоотехниклъун вахъи, вахъиналдаса кутакалда вохичIониги, пашманлъизеги пашманлъичIо.

 

— Нужер магIишаталъул аслияб хIалтIи кколеб буго цIцIани хьихьи. Хас гьабун гьездехун нуж руссин кин ккараб?

— Кьурабазда рахъун ратарал суратазда ва цоги баяназда рекъон, нижер мухъалда цIцIани хьихьизе гIадамаз байбихьун буго чанго нусго соналъ цебеккунго, некIсияб заманалдаго. Абизе бегьула нижееги щванин гьезул ирс абун. Гьелъие аслияб гIиллалъунги ккола нижер гIемерисеб ракь гIемер лъикI хер бижулареб, кьураби-ганчIал гIемераб, цоги боцIи берцинаб куцалда хьи- хьизе рес кколареб букIин. ГIияе хIажалъула хъутаби, кIалцIи-хер, гьел хьихьун бажаруларо лъора, цIцIани хIебтIула чIегIерзаз кванан- цин.

 

— Хасалониги кIалцIи-хер кьечIого тIуралищ гьел?

— Къинлъулеб мехалда (мартапрель моцIал) дагьа-макъаб кьун гурого цоги заманалда гьеб бицине гIураб хIажалъуларо.

 

— Нужеца гьел речIчIулищ ялъу­ни гьанаейищ хьихьулел?

 

— Цо заманалда нижер рукIана Гьоркьохъеб Азиялдасаги росун, нилъералгун журазеги гьарун хьихьулел хасаб тайпаялъул цIцIани. Гьездаса бахъулаан пух, амма батIибатIиял унтаби раккун, гьава-бакъ рекъоларого букIун гьел холаан, зазица кквеялъги кьолаан гьезие гIакъуба. Гьединлъидал тезе ккана гьезулгун хIалтIи гьаби. РечIчIулел цIцIаназеги къваригIуна лъикIал шартIал, гьелде тIаде гьел речIчIизе ва цоги хIажатаб хIалтIи гьабизе гIадамал щвейги гьаб заманалда буго захIматаб масъала. Церехун нижер гьанир речIчIулаан цIцIани, гьанже тезе ккана гьеб рахъги. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, нижеца гьел хьихьула цохIо гьанае. Нижеца ричула чIагоял цIцIаниги (2-3 сон барал, гIага-шагарго 10 азарго гъурщиде), бичула гьезул гьанги (кило 400 гъурщиде). Я гьан, я цIцIани ричизеги гьабсагIаталда кинабгIаги къварилъи гьечIо, гьезул буго цIикIкIараб тIалаб, ниж кирениги ине кколаро, гIадамаз кинабго босун уна лъореги рачIун.

 

— Пачалихъалъул рахъалдасан нужее щолеб кумек гIемер букIунищ, къарзалъе гIарац боси­зе хIажалъи кканищ?

— РукIуна гIи-цIцIани хьихьулезе квербакъиялъе, гьеб магIишат цебетIеялъе кьолел дотациял. Цо заманалда бетIер рикIкIун (щибаб эбелаб цIцIе) лъагIалие кьолаан 100 гъурущ, цинги гьеб ккана 50 гъурщиде. БукIана сон 200-ялде бахарабги, исана кьезе буго 165 гъурущ. ТIокIаб гьечIо щолеб ва щвараб кумек. Къарзалъе гIарац киданиги босичIо, босизе ракIалдаги гьечIо.

 

— ЦIцIани хьихьиялда цадахъ нужер магIишаталъул буго пихъил (микьир, ахбазан) ахалъул кIиго гектарги. Нужер шартIазда пихъ гIезабийищ цебе кколеб, цIцIани хьихьийищ?

— Дагьабниги ракь лъикIаб, лъел ресал ругеб бакIалда рукIуна ахал, расги гуреб бакIалда хьихьула цIцIани. БукIуна батIа-батIайисаги. Масала, цо сон цогидалда рекъараб кколаро. Гьоркьохъеб хIисабалда босун, пихъ гIезаби гIемерго бигьаяб буго, гьениса щолеб пайдаги дагьаб цIикIкIараб батила. Амма кидаго гуро гьедин кколеб. Мисалалъе, гъоркьиса букIинчIо пихъ, гьеб тIубанго хвана. Унтаби цIцIаназул гIемер рукIунаро, амма цIадал гIемер ралеб заманалда гIезегIан ккола гьел иххаз рачун иналъул хIужаби, камуларо бацIазул балагьги. Гьеб заралги пачалихъалъ бецIуларо.

 

— Дур буго 80 сон, захIмалъулеб гьечIищ хIалтIи?

— Гьеб суалалда сверухъ васасулги дирги букIуна питна. Гьес кидаго абула щай дуе гьеб иш, тейин абун. Тадбир ва хъвай-хъвагIай гьаби, гIуцIиялъул хIалтIи бачин, отчетал кьей (гьелги сон анагIан цIикIкIунел руго) – щиб захIмалъиха батIаго гьеб киналъулго букIинеб. Амма исана ЦСУялъул цо хIалтIухъанас хIинкъизавуна, пуланаб отчет жидер заманалда кьечIони, чамалиго азарго гъурщил гIакIа тIад лъолинги абун. Гъурщил пайда букIунинги абун, туменалъул заралги ккезе бегьулелъул, кин бугониги, тIадеялъул телин ккола дица гьаб иш.

 

 

— Дуца тани гьеб иш тIаде босулел гIолохъаби ругищ?

— ГIолохъабаз гьабуларо гьаб хIалтIи. Гьезие рихараб буго росдал магIишатги, гьаб хъвай-хъвагIайги. Гьез тIаса бищулеб буго бигьаяб, цIикIкIун гIетI тIезе кколареб, бацIцIадаб хIалтIи.

— Пенсия гIемер бугищ дуе?

— Дун гIадал гIадамазда дандеккун дие букIана цIакъ дагьаб пенсия, щолаан 17 азарго гъурущ. Исана соналъул март моцIалдаса хадуб гьеб бахана 25 азаргоялде.

— Дида бичIчIана «ХIакъикъат» газеталъулгун дур цебегосеб ва лъикIаб гьудуллъи букIинги…

— Райкомпартиялъул инструкторлъун вукIарав дунги, районалъул газеталъул хIалтIухъан ГIабас Шейховги 1970 соналда райкомпартиялъ тасдикъ гьаруна «БагIараб байрахъ» газеталъул районалда ругел хIалтIухъаби хIисабалда. Доб мехалъ газеталъул бетIерав редакторасул заместительлъун вукIарав Хочо ХIамзатовас нижехъеги вачIун дие кьураб ХIурматияб грамотаги буго. Гьелдаса нахъе газеталъулгун байбихьараб гьудуллъи киданиги течIо. Жакъаги «ХIакъикъат» хъванги буго, цо щибго гьоркьоб биччачIого цIализеги цIалула.

ГIабаш ГIабашилов