Хур бегун, бер гIорцIун

 

   Гьава-бакъалъул шартIазул рахъалъ гIезегIан захIматаб букIаниги 2021 соналда росдал магIишаталъ рихьизаруна лъикIал хIасилал. Гъоркьиса гIезарурал нигIматазул гIаммаб багьа ккола 176,2 млрд гъурущ (91,8 млрд гъурущ гIи-боцIухъанлъиялда ва 84,4 млрд гъурущ хурухъанлъи-ахихъанлъиялда). Аслияб куцалда гьеб буго агропромышленнияб комплексалъе пачалихъалъ гьабулеб бугеб кIудияб кумекалъул хIасил. 2021 соналда гьеб кумек бащалъана 3,05 млрд гъурщида, гьелдаса 2,57 млрд ккола федералияб бюджеталъ биччараб гIарац, хутIараб буго республикаялъул бюджеталдаса щвараб. Гьебго заманалда дагьаб гьечIо агрокомплексалъ бюджеталде кьолеб гIарацги (налогал), 2020 соналда – 6,14 млрд гъурущ (росдал магIишат ва гьелъул нигIматал къачIалеб промышленность, акцизазухъ бакIарулеб гIарац), 2021 соналда – 6,6 млрд гъурущ. Гъоркьиса соналда жаниб аграрияб секторалда цIи гIуцIун букIана 5177 чи хIалтIизе бакI, гьеб къадаралда гьоркьоре уна сезоналъул заманалда хIалтIизе росаралги халатккун хIалтIизе бакIал чIезарун ругелги.

 

  Нилъер республикаялъул хурухъанлъиялда аслияллъун гьабсагIаталда ккола пиринчI хьай ва гIезаби, интенсивияб тайпаялъул ахал чIей ва теплицабаздагун парниказда овощал гIезари. Гьел церетIезариялде кьолеб буго цIикIкIараб кIварги. Ахираб лъабго соналда жаниб пиринчI хьараб ракьалъул гIатIилъи цIикIкIана 25 проценталъ, бакIарараб бачIиналъул къадар — 22,1 проценталъ.  2021 соналда 25,8 азарго гектаралдаса бакIарана 116 азарго тонна пиринчIалъул (1 гектаралдаса 45 центнер), цебехун нилъер гьаниб киданиги щун букIинчIо гьединаб къадар. Гьеб рахъалъ Краснодар краялда хадуб буго Дагъистан. БакIарулеб пиринчIалъул къадаралдаго цадахъ цIикIкIунеб буго республикаялдаго къачIалеб гьелъул бутIаги. Масала, планазда рекъон 2024 соналда республикаялда бакIаризе ккола пиринчIалъул 130 азарго тонна, гьелъул 90 процент къачIазе хIисабалде босун буго нилъер гьанибго. ПиринчI гIезаби дагьабги лъикI цебетIеялъе квалквалал гьарулел масъалабилъун ккола хIажатаб къадаралда гьеб лъеца хьезабиялъулъ ругел захIмалъаби, мелиоративияб система басралъун, къачIачIого гIолареб хIалалда букIин ва пиринчI бакIарулел комбайнал гIоларого рукIин (гьел росизе исана биччан буго 100 млн гъурущ).

   КIудияб кумек ккана мелиоративияб хIалтIи гьабиялъе ахираб 3 соналда жаниб республикаялъул бюджеталдаса 884,5 млн гъурущ биччаялъ. Гьеб хIалтIул хIасилалда тIадеги бакIаризе кIвана 1,5 млрд гъурщил багьаяб пиринчI.

  Пихъ бакIариялъул рахъалъги республика Россиялъул регионазда гьоркьоб буго цебесеб кьерда. 2021 соналда цIиял ахал чIезе хIисабалде босун букIана 900 гектаралда, хIакъикъаталда чIана 1100 гектаралда, гьездасан 540 гектар интенсивияб тайпаялъул (2024 соналде щвезегIан чIезе ккола жеги 1,2 азарго гектар). Гьелъ рес кьуна ахазул гIаммаб гIатIилъи 28,9 азарго гектаралде бахинабизе, гьезда гьоркьоса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолел ахазул.

   Гъоркьиса республикаялда бакIа­рана пихъил 195 азарго тонна, амма гьеб цIуниялъулъ руго кIудиял масъалаби. Республикаялда гьечIо киналго тIадал тIалабал цIунун, хIажатал шартIал чIезарун бажарулел  хасал централ, 22 азарго тонна пихъил цIунизе складал гурони. Буго гьединал складал-централ раялъе къабул гьабураб 6 грант-проект, гьел киналго хIалтIизе ри­ччазе ккола 2023 соналде щвезегIан.

  Ахирал соназда лъикIаб цебетIей щвана теплицабаздагун парниказда овощал гIезариялъе. ГьабсагIаталда республикаялда буго теплицабазул 631 гектар, 2024 соналде щве­зегIан гьеб гIатIилъи бахине ккола 800 гектаралде. Теплицабазда гIезарулел овощазул къадаралъул ра­хъалъ Дагъистан Россиялъул регионазда гьоркьоб буго 7-абилеб бакIалда, СКФОялда 2-абилеб ба­кIалда буго. Нилъер республикаялъул хаслъи ккола гIезарулел овощазул аслияб къадар (96,2 процент) ЛПХязда тIаде кколеб букIин (тIолабго Россиялда 50,1 процент). ГIи-боцIухъанлъиялъул рахъалъги нилъ нахъе ккун ругин абизе бегьуларо. Официалиял баяназда рекъон, нилъер республикаялда (СПК, КФХ, ЛПХ ва гь. ц.) буго гIи-цIцIаназул 4,46 млн бетIер (Россиялда 1 бакI, гIаммаб къадаралъул 20 процент). Щибаб соналъ нилъер гьаниб гIезабула гIиял гьанал 35 азарго тонна (гьелдаса 15 азарго тонна уна Россиялъул цогидал регионазде ва къватIисел пачалихъазде).

  2019-2021 соназда республикаялда бана ва хIалтIизе биччана гьан къачIалеб 5 цех. Кванил ва нигIматал къачIалеб промышленносталда хIалтIулев вуго 2 азарго чи. 2021 соналда гьелъ къватIибе биччана (къачIана): гьан ва субпродуктал – 12,6 азарго тонна; хIан ва хIанил нигIматал – 4,6 азарго тонна; нисо – 2,9 азарго тонна; пихъил ва овощазул консерваби – 21 млн шартIияб банка; минералияб лъим – 313,5 млн шиша-банка; ханжу – 1,5 азарго тонна.

  2021 соналда агрокомплекса­лъул предприятияз босана 540 млн гъурщил багьаяб 284 единица техникаялъул (исана босизе ккола 700 млн гъурщиде). ХIакъаб жо, гьеб буго нилъер росдал магIишаталда цере лъун ругел суалал тIураялъе кинго гIолареб къадар, гIагарал соназда босизе ккола чанго нухалъ цIикIкIун техника, лъала гьелда сверухъ хIалтIи гьабулеб букIинги.

  ЦIибил гIезабиги ккола лъикIаб хIалалда цебехун унеб бугеб магIишат. 2021 соналда республикаялда бакIарана цIолбол 237,9 азарго тонна (2020 дандеккун 113,9 процент), 1 гектаралдаса 104 центнер. Краснодар крайги нахъа тун, нилъ рачIана тIоцебесеб бакIалде. БакIарараб къадаралъул 163,2 азарго тонна къачIана нилъер гьанибго (2020 соналдаса 12,2 проценталъ цIикIкIун). ЦIидасан цIибил чIана 663 гектаралда ва гьелъул гIаммаб гIатIилъи бащалъана 26,3 азарго гектаралда.

  Исана росдал магIишаталъул руго гIезегIан цIикIкIарал, амма тIуразе рес бугел тIадеросиял. Гьел ккола: санайил гарцIалъ магIишатазе гьабулеб заралалда данде хIалтIи цебеккунго байбихьи ва тIадегIанаб даражаялда гIуцIи, хIалтIизарулел минералиял удобрениязул къадар цIикIкIинаби (нормабазда рекъон), северияб  зонаялъул гIатIидаб ракь салул авлахъазде свериялда данде гьарулел хIалтIаби хIалуцинари, селекциялъулабгун тайпадулаб хIалтIи гьабулел централ гIуцIи, республикаялда къачIалел нигIматазул къадар цIикIкIинаби, магIишатазе  босулеб сельхозтехникаялъул къадар гIемер гьаби ва МТСазул хIалтIи цебе инаби. Гьеб киналдаго цадахъго цIикIкIун гурого гIодобе ккезе тезе гьечIо гIезарулел  нигIматазул къадарги гьезул даражаги.

ГIабаш ГIабашилов