Бечедаб бачIиналъ рази гьаруна

 

 

   Росдал магIишаталъул исанасеб сон нахъа танин абизе бегьула. ХутIун буго ахирисел гектараздаса пиринчI бакIарун рагIалде бахъинабизе. ЛъагIалил хIасилалги лъикIал ругин бицана Хасавюрт районалъул рос­дал магIишаталъул муниципалияб учреждениялъул директор Идрис За­гъаловас.

   Кинабнги 142358 гектар ракьул буго районалъул къайимлъиялда. Ас­лияб масъалаги ккола гьел ракьал пайдаяб куцалда хIалтIизари. Гьеб ракьалъул цIикIкIарасеб къадар бекьула. Масала, 17 азаргогIан гекта­ралда хьала хаслихъе рекьулел культураби, гьелдаса кIигогIан нухалъ, 33135 гектар ккун буго ихдалил рекьулел культурабаз, 255 гектаралдаса санайил бакIарула гIодокари, 7500 гектар ккун буго харибакIаз. Ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб хаслихъе могьолал культураби рекьулел ракьал 3000 гектаралъ цIикIкIинарунинги руго. Могьолал культураби гIезарулезул хIалтIул хIасилал лъикIал ккана. 16985 гектаралдаса исана бакIарана, гIаммаб къагIидаялъ рикIкIун, 61398 тонна хаслихъе бекьа­раб ролъул. Щибаб гектаралдаса щун буго 25,6 центнер. 2022 соналъул букIинесеб бачIиналъеги исана жиндир заманалда ракь бегун, хьон хьан щулияб кьучI лъуна районалъул хурухъабаз.

 

ПиринчI

 

— Санайилго цIикIкIунеб буго хур­забахъа бачIунеб ва боцIухъанлъиялъ кьолеб хайир, — ан бицана И. Загъало­вас. – ХIисаб гьабе, 2020 соналъ ху­рухъанлъиялъ районалъе кьун буго 10 миллиардгун 50 миллион гъурущ, боцIухъанлъиялъ – 5 миллиард­гун 541 миллион гъурущ. Гьединал хIасилалгун 2020 соналда Хасавюрт район республикаялда цебесеб кьер­даги букIана. Исанасел хIасилалги гьездасаги лъикIал рукIинеги руго. ТIорщалил бачIин цIикIкIинабиялъе, боцIухъанлъиялъ кьолеб продукция гIемерлъизабиялъе гIоло хIалтIулел руго 142 росдал магIишаталъул предприятиязул хIалтIухъаби. Гьезда гьоркьоре уна 28 — росдал магIишаталъулгун производствен­нияб кооператив, 12 — муниципалияб предприятие, 81 — рекьарухъабазул­гун фермеразул магIишат, гIезегIан руго жалго жидедаго чIарал пред­принимателазул магIишаталги. Хасавюрт районалда кидаго кIвар кьолеб букIана хурзабахъ ихдалил могьолал культураби рекьиялде. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола цIоросаролъалъ, пиринчIалъ, бакъ­дебуссалъ, овощаз, бахчабазул куль­турабаз.

Гьал къоязда тIадбан унеб буго Аджиевасул, Нуровасул цIаралда ругел ва «Къуруш» предприятияз­да пиринчI бакIариялъул хIалтIи. Азаргоялдасаги цIикIкIун гектарал­да пиринчI гIезабун буго Казмаул ва Темираул росабазул хурухъабазги.

— 230 гектаралдаса бакIарана пиринчI. Щибаб гектар рикIкIун щвана 45-47 центнер. Гьединлъи­дал гьабураб хIалтIи гIадада ккечIо, — ян бицана Нуровасул цIаралда ЦIияб Костек росулъ бугеб росдал магIишаталъулгун производствен­нияб кооперативалъул нухмалъулев Рабадан Мамаевас.

 

 

ЦIибил

— ЗахIмат бихьичIого рахIат бо­кьарас, бекьичIого лъилъе нилъ гьечIого хурилан хъван буго Ин­хоса ГIалихIажияс. ГIакъубаги къварилъиги бихьичIого хурги бачIунаро, нигIматалги рижула­ро. ЦIолбохъанлъи буго бищун захIматаб иш. Их бачIаралдаса на­хъе хIалтIизе ккола цIолбохъаби, — ян бицана ЦIияб Гъагъалъ бу­геб рекьарухъабазулгун фермера­зул магIишаталъул нухмалъулев Ташав-хIажи Дадаевас. Хасалил цIороялъукьа цIунизелъун ра­кьулъ бахчун букIараб цIолбол гъабу къватIибеги бахъун, гьелъул гIаркьалаби кIуризе ккола, ха­дуб бухьуна кваразда. Цинги хIутI-хъумуралдаса гъабу цIунизе речIчIизабизе ккола дару. Гье­динаб хIалтIуца кьола ракI раз­иял хIасилалги. 222 гектаралда­са Ташав-хIажил нухмалъиялда гъоркь хIалтIарал фермераз щибаб гектаралдаса бакIарана 160 цент­нер цIолбол. Гьединабго цIолбол бачIин бакIарана жидерго ахикьа Гъойтемир ГIалипашаевас, Ислам ХIажиевас, Шагьрурамазан Аслан­хановас, ХIусен Ирасхановас.

Ахихъанлъи

2043,7 гектаралдаса бакIарараб пихъил къадар бахана 9212 тонна­ялде. Санайилго цIикIкIунел руго росабалъ ахалги. Гъоркьиса 170 гек­таралдаги чIана ахал. Исана ихдал гъутIби чIун рукIана 48 гектаралда. РакIалда буго жеги 52 гектаралдаги чIезе.

— КIудияб хьул буго 120 гектарал­да чIун рукIарал гъутIби тIадеялъул тIегьалин абураб. Цудунго барщулеб гIечул гъутIбуздаса, ихдал цIоройги ккун, тIегь гъенана. БижичIо, бакIаричIо исана щибго, — ян бицана Сивухъ росулъа рекьарухъабазулгун фермеразул магIишаталъул хважаин Мариям ГIалимирзаевалъ.

 

Техника

 

Районалда росдал магIишаталъул батIи-батIиял рахъал церетIезариялъе нухмалъулез хIаракат бахъулеб буго шартIал чIезаризе. Аслияб ку­цалда пикру буссинабула техника цIилъизабиялде. Гьал ахирал со­назда босун буго анкьго комбайн, микьго трактор ва 50 сельхозмаши­наби. ГьабсагIаталда районалъул магIишатазда буго 186 трактор, 51 хьон хьалеб сеялка, 68 комбайн, 63 бакIал хурзал къачIалел дискал, 59 пуруц, 43 дару речIчIизабулел агре­гатал. Гьеб гуребги, районалда ху­рухъабазе, фермеразе кумекалъе гIуцIун буго МУП МТС «Хасавюрт- агросевис». Гьеб гIуцIиялъе, лизин­галъул къагIидаялда, 68,8 миллион гъурщиде босун буго 3 «Вектор-410» комбайн, 3 МТЗ-82, 2 К-704 трактор.

Лъалъалел ракьазул къадар рай­оналда бахуна 46337 гектарал­де. Лъалъадизе лъим чIезабиялъе магIишатазда гьоркьосел 887 кило­метр халалъи бугел каналалги руго. Ахирал соназда 520 километралъул халалъиялда каналал рацIцIад гьа­руна. Мелиорациялъул программа гIумруялде бахъинабиялъе гIоло, Садовое росулъ 2 миллионгун 800 азарго гъурщил багьаяб, нусго гек­тар лъалъазе рес бугеб, машинабазул кумекалдалъун цIад базабулеб агре­гат лъун буго.

Гьарулел хIалтIабазда хадуб хал ккола росдал магIишаталъул управ­лениялъул хIалтIухъабаз. Гьеди­нал халгьабиязул хIасилалда лъана Хасавюрт районалъул гIемерисел рекьулел ракьазулъ беэнлъи цо проценталдасаги дагь бугеб­лъи. Ракь беэн гьабичIел хурза­бахъе гIураб къагIидаялда рала магIданиял удобрениял, рак. Ха­дубккунги гьеб рахъалъ хIалтIул иш лъикIлъизабиялъе гIоло ихдал хурзабахъе базе 1000-гIан тонна удобрениязул хIадурунги буго.

 

Гирай ХIАЙДАРОВ