БоцIи гIемерлъана, хур цIун бачIана

   Хасалихъе байбихьула хIисаб гьабизе, рикIкIине, нахърателал гьаризе. Гьедин гьабулеб буго исанаги Казбек районалъул хурухъабазгун боцIухъабаз. АбизегIан гIемер гьечIо гьезул бекьулеб ракь -8500 гектаралдецин баху­наро. Гьелда гьоркьоса 2030 гектаралда рекьун рукIана хаслихъе хьалел могьолал культураби. Гьелда гьоркьоса 1850 гектаралъул щибалдаса бакIарана 26,3 центнер ролъ­ул, кIикъоялда щу-щу цент­нер бакIарана 400 гектаралда бекьараб цIоросаролъул, 327 тонна бакъдебуссалъул, 400 гектаралдаса бакIарана 6000 тонна картошкадул. Ахихъа­баз бакIарун базаразде бичи­зе битIана гIага-шагарго 1700 тонна гIечул, генул, кокамалъ­ул ва 800 тонна цIолбол. Иса­насел хIалтIул хIасилазухъ рецц-бакъалъе мустахIикълъана овощал гIезарулелги. 220 гектаралдаса гьез бакIарана 5800 тонна охцеразул, помидоразул, хъапустIаналъул, лама­дуралъул, картошкадул. Бергьенлъиялдалъун рагIалде бахъулеб буго иса­насеб росдал магIишаталъулаб сон пиринчI гIезабулезги. 510 гектаралдаса 2040 тонна пиринчIалъул бакIарана. ЛъикI хIалтIана боцIухъабиги.

  -Росдал магIишаталъул лъагIалил хIасилаздаса разиго руго, -ян бица­на Ленинаул росдал «Гьудуллъи» СПКялъул нухмалъулев Изамодин Ша­мирзаевас. – Бекьулеб 1143 гектар ракьалъул 525 гектаралда хаслихъе ре­кьарал могьолал культурабазул бакIарана ва цагърахъе бана 1627 тонна. Араб соналъул хIасилазде дандеккун гьеб буго 362 тоннаялъ цIикIкIун. Щибаб гектаралдаса щун буго 31 центнер. ЛъикIал хIасилал рихьизаруна гIи-боцIуе хасалие рагIи-хер хIадур гьабулезги. Щварал бергьенлъабазда гIей гьабун чIезе ракIалда гьечIо росдал магIишаталъулгун производствен­нияб кооперативалъул хIалтIухъабазда. БачIунеб соналъги бачIин бечедаб букIиналъе гIоло, хаслихъе хьалел могьолал культураби жиндир заманал­да рекьана.

   БоцIухъанлъиялъул бутIаялда лъикIал хIасилалгун хIалтIулел руго «БагIараб Октябрь» кооперативалъул гIухьбигун дояркаби. Гьезул буго 433 чIегIерхIайван, гьездаго гьоркьоб 183 гIакаги. ГIи-цIцIаназул къада­рин абуни 8000-ялде бахун буго. Исана дояркабаз бечIчIун буго 385 тонна рахьдал, гьан бичиялъул рахъалъги багIараб байрахъулаз мустахIикъал бергьенлъаби росун руго 248 тонна гьаналги бичун.

   Алмахъалдаса Салман Набиевас гIуцIараб магIишаталъулги хIалтIухъаби хIалтIулел руго лъикI. ООО «Алмахъ» гIуцIиялъул буго 3700 лемаг, 400 чIегIерхIайван.

   ХIалтIул лъикIал хIасилазе гIоло районалъул росдал магIишаталъул це­рехъабазда гьоркьоб цIар хъвазе мустахIикъал руго Керим ГIалижановасул магIишаталъул хIалтIухъабиги. 2019 соналда гьеб магIишат ДРялъул Росдал магIишаталъул министерствоялъ гIуцIараб конкурсалдаги бер­гьун, хасаб гранталъе мустахIикълъана. К. ГIалижановас бицана лъикIал хIасилазухъ жал мустахIикълъанин ХIурматияб грамотаялъегиян.

  Гьал къоязда «Гертма» кооперативалда хIалуцараб хIал буго. ТIадбан унеб буго тIорщел бакIариялъул хIалтIи. Гьеб кооперативалъул нух­малъулев ГIабдурахIман Мусаевасас бицухъе, 43 центнер пиринчIалъул бакIарулеб буго 310 гектаралъул щибалдаса. Гьеб буго гъоркьиса букIаралдаса 18 проценталъ цIикIкIун. Бечедаб бачIин бакIарана хаслихъе рекьарал могьолал культурабазулги.

Гирай ХIАЙДАРОВ