ГIияхъабазе дарсал кьолеб къебелъи

 

 

 

     Россельхозбанкалъул кумекалдалъун ДРялъул Росдал магIиша­ талъул ва кванил нигIматазул министерствоялъ республикаялда рагьулеб буго фермеразулаб школа. Фермеразе дарсал кьезе руго Аграрияб университеталда цебе гIуцIараб базаялда.

    Школалде рачIине бегьула гьанжего-гьанже гIи-боцIи хьихьизе байбихьаралги церего гьеб ишалде руссун ругелги фермерал. МагIишат бечед гьабизелъун цIиял къагIидаби хIалтIизаризе, агротехнологиялъул тайпаби лъазаризе, гIарцул суалазда хурхарал документал хIадур гьаризе ва жеги гIемераб жоялъе куцазе руго гьенир гIи-боцIухъаби.

     Цебе гьединал дарсал кьолеб къебелъи букIинчIо Дагъистаналда. Агрономал, зоотехникал, боцIул тохтурзаби хIадур гьарулеб росдал магIишаталъул университет букIана ва гьанжеги буго. Амма гIи-боцIул къадар цIикIкIинабизе ялъуни хур бекьун, гIака хьихьун, магIишат цебетIезабизе малъулеб бакI букIинчIо.

 

БОЦIУЛ ТОХТУРГИ КЪВАРИГIУНА, КАГЪАТ-КЪАЛАМГИ ГЬЕЧIОГО ГIОЛАРО

 

   Щибха абулеб бугеб жалго фермераз? Масала, Казбек районалъул Дилималдаса ХIажи Абубакаровасул буго живго бетIергьанаб магIишат, ай гIиги чIегIербоцIиги. Гьанже гьес гьеб кьун буго васасухъе. ХIажица бицана гьесие фермеразул школалъул мунпагIат ккелин.

— Жакъа кутакалда цебетIун буго техника. Цебе нилъеда макьилъцин бихьичIеб тайпаялъул чанго батIияб алат буго хIалтIизабулеб. Гьелъул гIелму лъалеб бугони, фермерасеги бигьа букIина магIишат гьабизе. Гьединлъидал дир васасеги зарал букIинаро гьединаб школалъул. Нагагь гIи-боцIиялъе гьитIинабниги гъая ккани, ветеринарасда хадув вортизе ккола. Фермерасул школалда гьелъие ругьун гьарулел ратилин ккола дида. Гьеб кутакалда лъикIаб иш буго.

КIиабизе, фермерасул магIишат бугеб бакIалда хIажатав чи ккола бухгалтер. Нусго батIияб кагътида гъулбасине ккола, тIаса араб, тIаде бачIунеб гIарцул хIисаб гьабизеги лъай хIажалъула. Гьелъиеги куцазе ратила школалда, — ян бицана ХI. Абубакаровас.

 

ЦИВИЛИЗАЦИЯЛЪУЛ ТIИРИ ЩВЕЧIЕЛГИ РУГО БАКIАЛ

 

     Тарумовкаялдаса ХIусенги ккола фермер. Гьесул пикруялда рекъон, гьединал школал рагьизе кколаан лъеберго соналъ цебего.

   — ТIилги кодоб ккун, рехъада цевеги чIун, тIубалеб хIал гьечIо жакъа. Чара гьечIого хIажат буго лъай. Компьютералъул кумекалдалъун чан масъала жакъа тIубазе кIолеб?

    Цоялдаса цоял гучал технологиялъулал алаталги руго къватIире риччалел. Гьезул хIажалъиги буго росдал магIишаталда, къваригIун руго гьел хIалтIизаризе лъалел гIолохъаби.

     Чанги фермаби руго магIарухъ интернет ва ток гьечIел. Гьел киналго араб гIасруялъул басриял хутIелал гIадин, къабул гьарула жакъа. Гьединал фермабазда цивилизациялъул канлъи чIвазабизеги гьунар бугел гIадамал къваригIуна. Гьелъие куцазе ратула фермеразул школазда.

 

УМУМУЗ МАЛЪАРАБ МАГЪИЛ ГIЕЛМУ

 

         Гъуниб районалъул Гьонодаса ХIажиев МухIамадгIарипил чанго сон буго гIи-боцIуе хъулухъ гьабу­лелдаса. Щибаб соналъ жамагIата­ лъул боцIиги бачун, риидалил мучI­дузда тIамула гьес ункъо-щуго моцI.

       — Умумуз кини таралдаса нахъе малъана дида гIиязегун боцIуе хъулухъ гьабизе кколеб къагIида. Анкьумумуз цебеса цебе кьун, жакъа дихъеги щун буго гIи-боцIул гIелму. Гьанже гьез рагьарал школаз дида малъизе цIияб жо гьечIо. Школал рагьулел рукIинчIого, нижее кумек гьабулебани, цIакъ лъикIаб букIинаан.

       БацIцIадаб нигIмат гIезабизе киналго шартIал ругин гаргадула цо-цо хIакимзаби, «гургинал сто- лалги» гIуцIун. Росдал магIишат цебетIеялъе исана гьадигIан къадаралда гIарац биччазе бугин, тарихалги рехсола зама-заманалда. Амма кибха бугеб гIарац?

      ГIадада чIун рукIинчIогойилан хьихьула дицаги цогидазги магIарухъ гIакаги, оцги, гIиги. Амма пайда бугищин абуни, гьечIо. Хасалоде гьезие кIалцIи-хер хIадурулаго харж гьабулебщинаб гIарац дида лъала. МахIниги бигьаго гьечIо жакъа боцIухъабазе. Гьединлъидал гьеб школалъ хурухъабазеги гIияхъабазеги кьезесеб жо дида бихьулеб гьечIо. Нижее гьеб гуро къваригIун бугеб. БоцIуе кIалцIигун хер дагьаб мухъда щолеб хIал гьабулебани, гьеб букIина цIакъаб иш. Гьеб мехалъ магIарухъ боцIиги хьихьула гIадамаз, нахги бахъула, хIанги къала, рахьги букIуна, — ян бицана М.-ГI. ХIажиевас.

     ГIезегIан гIетIги тIун, гIезабула жакъа магIарухъ боцIиги, рекьула хурзалги. ЦIадалабги гьекъон, бакъулабги хIехьон, рорхатал мугIрузда рииги тIамун, хьихьула гIи-боцIи. Хасалоги дагьаб къо гуро бихьулеб гьезие хъулухъ гьабулаго. Гьединаб захIматги баччулел, росдал магIишаталъул гIадамазда квер чIвани, цIакъ лъикIаб букIинаан.

 Ашахан ЮСУПОВ