СУАЛАЛ-ЖАВАБАЛ

Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат ШейхмухIамад ГъазимухIамадовас:

 

«Дир росасул буго цее йикIарай лъадуца гьабураб лъимер. Гьес гьелъие алименталги кьола. Нижерги буго цадахъаб лъимер. Гьединаб ахIвал-хIалалда рекъон, алиментазул къадар кин дагь гьабизе бегьу­леб?»

— Алиментазул роцен хисизаби бараб букIуна кIиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хIалалда. РФялъул Хъизамалъу­лаб кодексалъул № 101 статьяялъул 2-абилеб пункталда рекъон, али­ментазул роценалъул суал тIубазе бегьула кIиябго рахъ рекъон гьабу­раб къотIи-къаялдалъун. Гьединаб куцалда масъала тIубалеб гьечIони, судалде хитIаб гьабизе ккола.

 

РФялъул Хъизамалъулаб кодек­салъул № 119 статьяялда рекъон, али­ментазул роценалъул хIакъалъулъ гьабураб къотIи-къай гьечIони, су­далъ гьелъул роцен чIезабун хадубги, кIиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хIал хисун бугони, алиментазул чIезабураб роцен, нуже­ца кьураб гIарзаялда рекъон, судалъ дагь гьабизе бегьула. Амма санаде бахинчIеб лъимадуе кьолел алимен­тазул роцен дагь гьабизе ккани, чара гьечIого чIезабизе ккола алиментал кьолесул рес гьечIолъи.

 

 

«КIиабилеб группаялъул инвалидасул ихтияр букIунищ хIалтIизе?»

— 1995 соналъул 24 ноябралда къа­бул гьабураб N181-ФЗ «О социаль­ной защите инвалидов в Российской Федерации» абулеб Федералияб законалъул 23-абилеб статьяялда рекъон, хасаб программаялда бихьи­забун буго, «хIукуматалъул ва жал­го бетIергьанал чагIазул идарабазда инвалидазе чIезабула гьезухъа бажа­рулеб хIалтIи гьабиялъе данде кко­лел шартIал» абун. Законалъ гьукъу­ла, харжалъул, хIалтIул низамалъул, хIухьбахъиялъул, гьединго щибаб соналъ букIунеб харж цIунулеб ва тIаде кьолеб отпускабазул рахъалъ хIалтIул коллективазда яги гьезул­гун гьарурал хIалтIулал къотIи- къаязда, цогидал хIалтIухъабазда дандеккун, инвалидал батIа гьари­зе. ТIубараб харжги цIунун, I-себ ва II-леб группаялъул инвалида­зе хIалтIул заман къокъ гьабураб, ай анкьида жаниб 34 сагIаталдаса халат бахъинчIеб букIине ккола. ЧIезабуралдаса цIикIкIараб замана­ялъ яги гIодоркъояз, гьединго къа­си заманаялъ гьарулел хIалтIабазде гьезул разилъиги цIехечIого, инва­лидал рачине бегьуларо. Инвалидазе букIине ккола, 30 календарияб къо­ялдаса дагь гьечIеб, харж цIунараб щибаб сонилаб отпуск.

 

2001 соналъул 30 декабралда къабул гьабураб РФялъул ЗахIматалъулаб кодексалъул N197-ФЗялда 224-абилеб статьяялда абулеб буго, хIалтIи кьолесда тIадаблъун гьабулила сакъатал чагIи зарали­ял ва гIумруялъе хIинкъи бугел хIалтIаби тIуразаризе тIамизе бе­гьуларин. ХIалтIул заманалда­сан гьезие чIезабизе ккола хIухьбахъиялъе перерыв, гьединго гьезул сахлъиялда данде кколел хIалтIул шартIал. ХIасил-калам, РФялъул ЗахIматалъулаб законалда рекъон, гIажизав чиясул ихтияр букIуна дан­де кколеб хIалтIи гьабизе.

 

 

«ГIарац щванин абулеб расписка кин битIун гIуцIизе-хъвазе кколеб, гьеб документалдехун кинал тIалабал рукIунел?»

— ГIарац босулес гьеб босиялъул хIакъалъулъ жиндирго квералъ рас­писка хъвала. Гьеб документалда букIине ккола «Расписка» абун цIар, гьелда бихьизабула гьеб хъвараб бакI ва къо-моцI, гьединго гIарац кьурав ва босарав чиясул паспорталъулал баянал, гIарцул къадар ва гьеб тIад буссинабизе чIезабураб заман.

 

 

«Дун лъагIелалъ вичарухъанлъун тукада хIалтIулев вукIана. ХIалтIуде вачIинчIогоян, анкьалъ цеве дун хIалтIудаса рехана. Дие рес букIинчIо, щай­гурелъул сапаралъ ун вукIана, гьениб дир телефонги билана. Директорасул лъазабиги дихъе щвечIо, гра­фик хисун букIинги дида лъачIо. Дида бугеб гIайиб щиб?»

— РФялъул ЗахIматалъул ко­дексалъул 81-абилеб статьяялъул тIоцебесеб бутIаялъул анлъабилеб «а» пункталда рекъон, хIалтIудаса рехизе бегьула мун тIубараб хIалтIул къоялъ яги тIатIалаго ункъо сагIаталъ хIалтIулеб бакIалда камун вугони.

Амма, хIалтIул график хисун букIин дуда лъан батичIони, ай кко­леб къагIидаялда гьеб дуда лъазабун батичIони, хIалтIуда мун ками, про­гуллъун рикIкIине бегьуларо. Гъоркь дур букIараб хъулухъалде тIад вуссун тIамеян судалде гIарза хъвалеб буго­ни, дуца хIужабаздалъун чIезабизе ккола дур телефон билун букIинги, кIвар бугеб гIилла ккун сапаралде ине ккейги, директорасул дургун бу­хьен букIинчIолъиги. ХIалтIул низа­малъул график бихьизабун букIуна захIматалъул къотIи-къаялда, хIалтIуда дудаса тIалаб гьарулел низама­зулгун лъай-хъвай гьабиялъул хIужа ккола къотIи-къаялда гъоркь гьабу­раб дур гъулбас.

 

 

«Къого сон унеб буго гIумру гьабун дун Германи­ялда йигелдаса. Россиялда руго дир вацги яцги. Гер­манияда дица гьитIинабго квартира босана. Бокьун буго гьеб гьезие ирсалъе тезе. ГIакълу кье, гьезие ирсалъе квартира кьолеб бугилан васиятищ хъвалеб яги цоги лъикIаб къагIидайищ букIунеб?»

— Гьайгьай, дур ихтияр буго бо­кьарав чиясе ирсалъе квартира кьезе. Гьелъул хъвай-хъвагIай бо­кьани Германиялда, бокьани Рос­сиялда гьабизе бегьула, документ законияблъун рикIкIуна. Амма ва­сият хъваялъул низам букIине ккола ФРГялъул законалда данде кколеб: дуца гьеб хъвазе бегьула кагътида квералъ яги нотариусалде хитIаб гьабун. ЛъикIаб букIина кIиабилеб къагIида тIаса бищани, щайгурелъул нотариусалъ хъвараб васияталъул хъвай-хъвагIай гьабула васиятазул БетIераб (Централияб) регистрал­да. Гьедин хъвай-хъвагIай гьабураб васият ккола дур вацги яцги жал­го бетIергьанал чагIазул тIехьалде росиялъе гIураб кьучI. Улка бахъун къватIиб ирс кьеялъе квералъ хъва­раб васият бугони, судалде хитIабги гьабун, дур гIагарал чагIаз гIуцIизе ккола жидер ирсалъулаб ихтияр бу­гин абураб свидетельство. Россиялда васият хъвалеб бугони, нотариусал­да тасдикъ гьабула дуца гIуцIараб документ.

 

 

«Эбелалъ васасе квартира сайгъат гьабулеб буго. ДагIба букIунареб хIалалъ, кин гьелъул хъвай- хъвагIай гьабизе кколеб? Гьелда хъвазе бегьулищ эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьулин абулеб шартI?»

— Эбелалдаги васасдаги гьоркьоб гьабизе ккола квартира сайгъат гьа­биялъул хIакъалъулъ къотIи-къай. Гьеб чара гьечIого нотариусалда тасдикъ гьабизе кколаро. РФялъул Гражданлъиялъулаб кодексалъул 572 статьяялъул тIоцебесеб пунктал­да рекъон, сайгъат гьабулаго, гьеб кьолев чиясухъа кинабгIаги шартI тIалаб гьабизе бегьуларо, гьелда «безвозмездная сделка» абула. Гье­динлъидал, сайгъат гьабураб къотIи- къаялда «Эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьула» абулеб шартI хъвазе бегьуларо.