Салуца рахчулел мучIдулги руго…

 

   Ракь кидаго рикIкIуна къиматаб бечелъилъун. Амма, ахираб заманалда, республикаялда гIемер руго, пайдаялъе хIалтIизаризе бегьулел ругониги, рехун тарал ракьал. Гьелдаго цадахъ салул авлахъазде сверулел руго Гъизляралъулгун Нугъай районазул ракьал. Специалистаз абулеб буго, гьеб кколин цебегоялдаса нахъе бичча-бихъан тараб ва, гIемерал харжалги гьарун, Россиялъул хIукуматалъ къабул гьабизе кколеб хасаб программаялда гурони тIубазабун бажарулареб захIматаб масъалаян абун.

  Гьелда тIасан нижергун букIараб гара-чIвариялда Гъизляр районалъул гIалахазда лъугьун бугеб хIалуцараб хIалалъул ва гьеб лъикIлъизабиялъе тIоритIизе кколел тадбиразул хIакъалъулъ гьадин бицана «Управление Фитомелиорация» абулеб Дагъистаналъул ФГБУялъул филиаллъун бугеб ЧIегIер ракьалгун Гъизляралъул мучIдул цIи гьариялъул управлениялъул директор МухIамад Ахъбердиловас:

    — Каспиялъул рагIалда бугеб регионги, мукъсаналго хурдул рижулел гьелъул гIатIидал авлахъа­лазул гIалахалги ккола, билълъараб гIадаталда рекъон, умумузул заманалдаса нахъего щвалде щвараб куцалда гIи-боцIи гIезабулеб ва гьеб мурадалда хурдузул сурсатаздаса пайда босулеб зона. Россиялда цого-цо Дагъистан ккола, тIабигIиял ресаздаса пайдаги босун, ЧIегIер ракьазда ва Гъизляралъул мучIдузда гочинабун гIи-боцIи хьихьулеб регион.

  Дагъистаналъул магIишатаз пайда босулеб ЧIегIер ракьалъул ва Гъизляралъул мучIдузул гIаммаб гIатIилъи буго цогун бащдаб миллион гектаралдаса цIикIкIараб. Гьелда гьоркьоре уна нилъер магIишатаз гIи-боцIи хьихьулел Калмыкиялъул ва Ставрополь краялъул гIалахалги. Гьениб гIи-боцIи гIезаби ва гьеб регионалда гIумру гьабун бугеб халкъалъул сах-саламалъи гIемерисеб мехалда бараб буго гьел гIалахазда хурдузул сурсатазул бугеб хIалалда ва гьелъул пайда-хайир буголъиялда. ГIалимзабаз ва специалистаз жакъа гьелъие кьолеб буго «квешаб, ай рази гьарулареб» абун къимат.

   Дагь-дагьккун къадарлъарал Дагъистаналъул гIалахазул гIаммаб гIатIилъи 1100 азарго гектаралдасаги цIикIкIунеб буго. Гьелда гьоркьобе уна хьвадулел (рагьарал) салул авлахъазул 70 азарго га ва батIи-батIияб къадаралда цIамхIалал ракьазул 300 азаргоялдаса цIикIкIун гектар.

   Гьединаб захIматаб хIал лъугьиналъе бугеб гIилла ккола, гьава-бакъалъул хъачIал шартIал гуребги, гIалахазда кваназабун, ай хIебтIун бажарулареб къадаралъул гIи-боцIи гьениб хьихьулеб букIин. ГIи-боцIул къадар цIакъго цIикIкIун букIиналъ, биччалеб гьечIо я ракьалда чIахI бижизе, я харида хьон лъугьине. Гьелъул хIасилалда гIалахазда дагь-дагьккун дагьлъулел руго хурдул.

   АхIвал-хIал жеги квешлъулеб буго ракъдаллъиялъги: гьелда бараб букIуна гIалахазул бутIабазде кколеб хIал. Ракь борлъун, лъабкъоабилел соназдаго бахъараб артезианалъул картIазухъан бачIунеб лъел нахърател лъугIана ва гIи-боцIухъабазе гьеб лъугьана захIматаб, ай хIукуматалъул кумек гьечIого тIубазабун бажарулареб масъала­лъун. Жакъа гьез гIи-боцIуе лъим баччула цистернабаз яги боцIи гьекъезе бачине ккола щуго-анлъго километралъул манзилалда бугеб иццухъе. БитIун ва низамалда ракь лъалъаялъе тадбир гIуцIун гьечIолъиялъ артезианазул гъуязда сверун бугеб ракь къадарлъулеб буго. ЦIакъго гIемерал хIайванал лъеде ракIарулел ругелъул, гьел бакIал сверулел руго чIорогоял салул авлахъазде. Гьеб киналъулго хIасилазда щибаб соналъ гIалахазул нус-нус гектар сверулеб буго салуде ва жакъа сали щун буго Дагъистаналъул гIатIиракьазул северияб рахъалъул росабазда, гъутабазда ва фермабазда аскIобе. Гьелъ гьабулеб буго, экологияб гуребги, социалиябгун экономикиябги зарал: рехсараб регионалъул росу-ракь ккураб халкъ гьениса нахъе гочунеб буго.

   Гъизляралъул авлахъазда гIи-боцIи гIезабулезе цIакъго захIматаб букIана 2020 сон. Мисалалъе, Нугъай ва Тарумовка районазул ракьазда лъазабун букIана гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъулаб низам (ЧС). Гьеб букIана, гIемераб заманалъ цIадалги рачIого ва кинабго жо бакъвазабулел гьуралги пун, гIи-боцIи кваналел ракьал хвезариялъул хIасил. Гьелдалъун тIубанго салулъ къана республикаялъул батIи-батIиял районазул 120 росдал магIишатазул гIалахазул 200 азарго га; гьезда гьоркьобе уна гIи-боцIул фермабиги гIадамазул минабиги. Гьел гIалахазда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, ракь чIобоголъиялде данде къеркьей, гьединго чIобоголъараб ракь цIи гьаби (рекультивация) ва лъедалъун гьеб хьезаби ккола жакъа Северияб Дагъистан цебетIезабиялъул мурадалда чара гьечIого тIубазе кколеб аслияб агроэкологияб масъала.

   ХIакъикъаталдаги ракьал чIоро­голъиялъул масъала аслияблъун лъугьун буго бакътIерхьулаб Прикаспиялъул кинабго ракьалда. Гьеб балагь хъинтIун буго цо чанго республикаялъул ва областазул территориязда. Гьеб рахъалъ бищунго захIматаб хIал буго ЧIегIер ракьазда ва Гъизляралъул мучIдузда. ХIасил-калам, бакIалъулаб кIваралдасаги ун, ракьал къадарлъиялъул масъала цебего лъугьун буго тIолгороссиялъулаблъун.

    Жакъа гIалахазул ракьал салул авлахъазде свериялда данде гьарулел тадбиралги, гьел рукIалиде ккезариги, лъедалъун хьезариги регун руго росдал магIишатазул гъуждузде. Гьебго заманалда, Гъизляралъул мучIдуздаса пайда босулел магIишатазул 80 процент ккола хIукуматалъухъа ижараялъе босараб ракьалда хIалтIулел гIисинал ва мискинал СПКял, КФХял ва ЛПХял. Салуде свериялдаса авлахъал цIуниялъе гьел магIишатазул гьечIо я экономикияб къуват, я технологиял, я кадрабазул рахъалъ ресал. Гьел шартIазда ругел мискинал СПКязги фермеразги, жидехъго гьечIеб гIарцул харжалги гьарун, жидерго гуреб ракь салул авла­хъалде свериялдаса хвасар гьабилин кколаро. Гьелде тIадеги, «Развитие мелиорации земель сельскохозяйственного назначения России на 2014-2020 годы» абураб программаялда ФЦПялъ илагьиялдаса арал гIалахазул муниципалиял гIуцIабазда тIадаблъун гьабулеб гьечIо гьеб программаялда рихьизарурал тадбиразулъ чара гьечIого гIахьаллъи.

     Гъизляралъул гIалахазда гIи-боцIуе хер гIолеб гьечIолъиги, салул авлахъазде сверулел ракьазул къадар цIикIкIунеблъиги, гьениб киса-кибго лъел кIудияб къварилъи букIинги хIисабалде босун, чара гьечIеллъун ккола хадусел тадбирал тIоритIи:

  1. ЧIегIер ракьал ва Гъизляралъул мучIдул салул авлахъазде сверулел рукIинги гьел лъедалъун хьезариги рикIкIине ккола пачалихъияб масъа­лалъун.
  2. ТIобитIизе ккола ракьазул агроэкологияб цIех-рех ва тIадегIанаб даражаялда кьезе ккола ракьазе къимат ва гьелъул кьучIалда хIадуризе ккола ракьулгун агроэкологияб, гьединго чIорогоял авлахъал лъугьиналъул ва ЧIегIер ракьазул ва Гъизляралъул мучIдузул ракьазда гъорлъ бугеб цIамул даражаялъул дурусал картаби.
  3. ХIукуматалъул тIадкъаялдалъун гIуцIизе ккола гIалахал рукIалиде ккезарулеб цо хасаб ишалъулал предприятиял (ЛМС).
  4. Сали щула гьабиялъе, гIалахал рукIалиде ккезариялъе ва щибаб соналъ гьезул 20 азарго га лъедалъун хьезабизелъун чIезабизе ккола хасаб программа ва гьеб пачалихъалъ гIарцудалъун хьезабизе ккола.
  5. 2002 соналъул кIиабилеб октябралда РФялъул хIукуматалъ къабул гьабураб «Хер мукъсанлъарал ракьал цIи гьариялъул хIакъалъулъ» №830 постановлениялда рекъон, щуазаргоялдаса цIикIкIун гьединаб ракь кьезе ккола хасал идарабазухъе гьел цIи гьариялъул ва хадурккун росдал магIишаталъул предприятияз пайдаялъе хIалтIизариялъул мурадалда.
  6. ГIуцIизе ккола авлахъалда рижулел хурдузул хьоналги гъутIбигун хъархъалги гIезарулел питомникал.
  7. Гъизляралъул мучIдузда чIезабизе ккола гIи-боцIул кьварараб къадар ва гьелдаса цIикIкIине биччалареб низам. Гьединго инкар гьабизе кIолареб бюрухъалдалъун гьукъизе ккола ихдалил ва риидалил моцIазда гIалахазда гIи-боцIи тезе, ай гьел Дагъистаналъул мугIрузде гочинаризе.

    ТIадехун рехсарал суалал тIу­разарулел ругони, бигьалъила ракьал хъарцинлъиялъул масъала тIубазе. Ахирал соназда нижеца гIуцIун руго гIалахал рукIалиде ккезариялъе къваригIунел тадбиразул проектал. Руго тIад хIалтIарал ва хIалбихьарал салул гохIазул киналго бутIаби щула гьариялъул технологиял, гьединго гьел зонабазул буриял ракьазда житняк, прутняк ва цIам гъорлъ бугел ракьазда пырей бижизабиялъул хIасил кьолел технологиял.

    Республикаялъул северияб бутIаялъул ракьал хъарцинлъулел рукIиналдалъун, хасалил мучIдузул 200 азарго гектар бахчун буго салуца. ХIинкъи буго, риидал хурдул дагьлъун, хасало рагIи-хер гьечIого, Дагъистаналъул гIемераб гIи-боцIи хутIиялда.

   Гочинабун гIи-боцIи гIезабулел республикаялъул ракьазул гIаммаб гIатIилъи цIикIкIуна цогун бащдаб миллион гектаралдасаги. Гьездаса пайда босула 552 магIишаталъ ва щибаб соналъ гьел ракьазда хасел тIамула 2,5 миллион гIи-цIцIаназ, 165 азарго чIегIерхIайваналъ ва 3200 чуялъ.

   Ахирал соназда республикаялъул чIороголъарал мучIдузул гIатIилъи бахун буго гIага-шагарго миллион гектаралде. Аслияб къагIидаялда гьеб балагь ккола, гIи-боцIи гIемерлъиялъ, ракьазда хурдул рижизе риччаларого рукIиналъ ва, мугIрузде гочинабичIого, тIубараб лъагIелалъ гьел авлахъаздаго гIи-боцIи хьихьулеб букIиналъ. Къокъго абуни, жакъа гьел гIалахазда лъугьун буго ахIи базе ккараб хIал. Гьеб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъе хехал тадбирал гьаричIони, хIинкъи буго республикаялъул гIи-боцIухъанлъи цIакъго захIматаб бакIалде ккеялда.

Нури Нуриев