Халкъалда гъорлъе кколев ватичIо

ГIадамазе кумекалъе гурищ МФЦял рагьун ругел?

 

ГIемер бицуна МФЦялъул хIал­тIу­хъабаз гьабулеб хIалтIул хIакъа­лъулъ. Хасго районазда ругел хIал­тIухъабазе кьола лъикIаб къимат. Гьеб лъикIги буго, щайгурелъул,  ни­лъехъа нилъер­го рокъор ругезулцин букIине кколедухъ тIалаб гьабун бажарулареб мехалда, тIубараб халкъалъул ургъел гьабизе ккей, гьеб бигьаяб иш гурелъулха.

«Epistulam non erubescit» (эпистулам нон эрубесцит) абун буго латиназул цо аби, ай магIарул мацIалда абуни «Кагътица щибго хIехьола» абураб. Дун гуро, ка­гъат-къаламалъу­л ихтияр кодоб букIунилан, бокьа-бокьараб хъва­лев чи, хъваларо дидаго жаваб кьезе кIолареб хIужаялъул хIакъалъулъги. Амма, дирго пикру за­гьир гьабичIого, рекIеда хIунсараб къва­тIибе рехичIого, чIезеги кIо­ларо.
Гьайгьай, лъикIаб хIалтIуе лъи­кIаб къимат кьезеги, квеш хIал­тIа­рал какизеги кIвезе ккола ни­лъе­­да, гьурмахъ, хъулухъалъухъ ба­­ла­гьичIого. Гьебги, хъулухъчиясул хIалтIуде гъирабазабиялъул ва гьев кантIизавиялъул мурадалда, ки­­наб бугониги жахIда рекIелъе би­ччачIого. Жиндир адресалда критика гьабулесулги щибго ракIхвей букIине ккеларо бугеб жо абунилан ва тадбирал гьаризе ккела рехсараб гIунгутIи тIагIинабиялъе, хадубккун биччангутIиялъе гIоло.
Цо заманалда, гендерил тоннельги къан, рикIкIадасан свериза­руна шагьаралде-нахъе унел-ра­чIу­нел гIадамал. Амма цо хасал гIа­дамазе гьелъул кIудияб къвари­лъи букIинчIо, квалквал гьечIого гье­нисан унаан ва рачIунаан. Гьеб за­маналда хъван букIана дица «ХIа­къикъат» газеталде «ГIадамал цIал­кIулеб цIалкIу» абураб асар. Гьединаб цIалкIуцин гуродай МФЦялъулазу­хъеги щварабилан ракIалде ккезе бачIана, гьез ургъел гьабулеб халкъалъул къапилаялде гъорлъе, щаялиго, дун кколев ватичIеб мехалда ва щаклъизе бачIунеб буго дун гIадинал жеги ратизе бегьулеблъиялда. «ХIакъикъат» газеталъул «РекIел ахIи» рубрикаялда, «Киналъулго хIалбихьана» абураб бетIергун, ба­хъун букIана (№37, 16.09.2016 с.) дир макъала. Гьениб хъваралъул хIа­къалъулъ кинабго такрар гьабиларо, рехсела цо-кIиго мисал.
«Поддержка начинающих фермеров на период 2015-2017 годы» абураб хIукуматалъул программа лъие хIалтIулеб жояли лъазе бокьун. Росдал магIишаталъул министерствоялдасан, лъикIаланго квалквалаздаса хадуб, дагьабго квербазе бакIги щун, документал хIадуреян гьаригун щвана районалъул МФЦялде. ЦIадаса ХIамзатица абухъе, «басиялъ гIощ­тIол гIоркь хъублъун батана», ай «мохмохалда нах бахунеб» программа батана гьеб: цо чанго къоялдасан ахIун бачIана банкалъул счеталда миллион «Р» букIине кколеб рагIулин. Миллион кодоб букIун хадуб гьезул кумекго щаяли бичIчIичIо, лъаларо! Гьадинаб ахIвал-хIалалда рекъараб букIинароандай хIукуматалъул пуланаб яги рехсараб министерствоялъул пуланаб номералъул, пуланаб заманалда бахъараб хIукмуялъул кьучIалда, пуланаб къадар гIарцул бетIергьанлъун мун ватичIони, дуе рехсараб кумек щоларин абун хъван кагъат битIун, къваригIел тIубаян вачIарасда лъазабизе, кIал букъулеб бакIги букIунарелъул! Гьеб мехалда гьезул кумекалде хIажатазда якъинго лъазе букIанагури тIалаб закониябищ яги, законалда тIасан галиги бегьун, ургъун бахъарабищали.
Игьелдерил ракьалда шагьранухлул рагIаллъабазда рарал даран гьабулел ва квана-гьекъолел бакIазул цонигияб букIинчIо умумуздаса ирсалъе щвараб, жалго бетIергьанаб ракьалда бараб, нижер гурони. Гьел бакIал разе байбихьилелдего кьуна документал МФЦялде, «зеленка» гьабизе абун камурал-тарал документалгун чанго нухалда щвана гьениве. Ахиралдаги гьадигIанасеб гIарац кьезе кколин, гьелда бан бугин кинабгоян абидал, кьуна гьебги, босана квитанцияги. Гьале 3-4 сон унеб буго, документ щоларого. Лъабго соналъ цебе, гьеб документ дихъе щвани, бахъизе бер кьелин абулелги рукIана, дунгоги хIинкъун вукIана дун сабаблъун берги гьечIого хутIиладай цонигиявилан. Гьединги Вангада гуребги лъалеб букIун буго балъголъи. Газеталда хъван бачIиндалгIаги цодагьаб шура-хъули лъугьине бегьулин букIана пикру, амма… гIурусаз абухъе – «Как об стенку горох». Дагьабги гIажаиблъизе ккараб жо гьечIищ: цоял рачIуна рарал бакIазул документилан, тIад гIакIа къотIизе лъугьуна. Цин ракьул документ гьечIого рарал бакIазул документ кин букIинеб, гьаваялда рарал гьелги гьечIелъул? Гьанже ракIалде кколеб буго цощинаб, бетIергьабаздасаги балъго, цониги хIакимас документалги гьарун жиндиего босун бугодай гьеб мухъа­лъул ракь абун, гIурумухъалъул кIиябго рахъалда ругел ракьазе, цоги гIадамазеги инкар гьабун бугелъулха гьеб документ гьабизе. Гурого, рехсараб документ гьабунгутIизе щиб гIилла бугебалигIаги баян кьезе ккеларищ? ГIадамаз минабиги разе байбихьун руго гьенир.
КинабгIаги жоялъул букIуна кIиго рахъ: авал-ахир, у-гуро, бихьана-би­хьичIо, рагIана-рагIичIо, лъала-лъаларо, бажарула-бажаруларо ва гь. ц. «Tarcium non datur» абула латиналъ, ай лъабабилеб нух гье­чIо. БачIинахъего «гьаб нижер иш гуро», «гьеб нижехъа бажаруларо, яги бажарула, цIараб болжалалда тIубазе буго» абун абизе бигьаяб бу­кIинароандай, гьалщинал нерваби хвезаричIого. «Босанищ тIаде — тIубазабе, кьунищ рагIи – щулаго ккве» абун руго магIарулазул гIакъилал рагIаби.
Цебе кинаб бугониги идараялде бачIараб кагъат, гIарза яги газеталда бахъараб критикияб макъала, иш тIадал гIадамаз, ун бакIалдегун, гъорлъе раккун, халгьабун, хIа­къи­къат мухIкан гьабун, иш ро­цIи­набиялъе тадбирал гьарулаан ва законалъ чIезабураб болжалалда жавабги кьолаан. Гьелъ борхулаан живго нухмалъулесулги, гьес нухмалъи гьабулеб хъулухъалъулги къадру. Жакъа щибха камун бугеб? ГIадамазухъ гIенеккараб мехалда, бихьулеб буго гьезул цо-цоязул нухмалъулездаса тIубанго ракIбуссун букIин, абураб, хъвараб жоялъги щибго пайда кьолеб гьечIолъи. Чан­го соналъ цебе районалда би­лълъан­хъараб гIадат букIана зама-заманалда, щибаб отделалъул нух­малъулелгун росабалъе щун, жа­магIаталгун дандчIван, гьезул гIуз­рабазухъ гIенеккун, бажарани ба­кIалдаго мурад тIубан, санагIат кке­чIони, цадахъ хъван росун гьабу­леб, хадубккун гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ гIадамазе баянги кьолеб. ТIубанго мурад тIубачIониги, гьеб букIана жамагIатал разияб хIалтIи.
РукIуна гIадамал цо-цо хIаким­за­баз рикIкIунарел, гьезул «лъикIаб бе­ралда» рихьуларел, кинавго чи цо­го вукIунарелъулха. ХIалтIиги хъу­лухъги заманалъул иш буго: жакъа – мун, метер – цогидав. Воре, ма­гIарулал, хъулухъалъе, гIиси-би­къинаб дунялалъул боцIуе гIоло билизе тоге умумуз нилъее ирсалъе тараб иманги, намусги, гIаданлъиги.
Гьаб накъиталъеги ахир лъезе бокьун буго латиназул цоги абиялда­лъу­н: «Dum spiro-spero» («ЧIаго ву­кIаго — хьул буго»). БичIчIулесда би­чIчIила.
Магьди ГIабдурахIманов,
Игьали росу