ТалихI биларазе рохел кьолеб ракI

 

 

    Раисат ГIусмановалъ нухмалъи гьабулеб «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялъ гьал къоязда гьоболлъухъ ахIун рукIана исана школалде, тIоцебесеб классалде рачине ругел лъимал. Гьезда гьоркьор рукIана Украинаялда Россиялъ тIобитIулеб хасаб операциялда, Сириялда, яги нагагьаб балагьалдалъун, унтун ва цогидал гIиллабаздалъун умумул хварал лъимал.

 

   Тадбир гIуцIун букIана МахIачхъалаялда, «Дербент» рестораналда. Гьелъул азбаралда Раисат ГIусмановалъ жинцаго дандчIвай гьабуна лъималазда ва гьезул улбузда. Цо-цо лъимал рачIун рукIана цадахъ дахIабаба, дахIададагун. Байрам байбихьана лъималазул хIаяздасан, бицанкIаби чIваяздасан, гьединго лъимал ургъизе тIамулел суалаздасан.

Гьеб лахIзаталъ дица пикру гьабулеб букIана къисматалъул кьогIлъи жеги бичIчIуларел лъималазул гьурмазда бугеб гьимиялъул. Гьеб лъималазе къойилго сайгъат гьабулей йигей Р. ГIусмановалъул рекIел кIутIиги, гьединабго талихIаб гурони, кинабха букIинеб.

Жиндир гьеб талихIалъулъ жидергоги бутIа лъурал руччабазулги нижерги (дида цадахъ йикIана «МагIарулай» журналалъул редактор Баху МухIидиноваги) лъай-хъвайги гьабуна Раисатица.

Жакъа лъималазда цебе бугебщинаб нигIмат гьаб столалде бачIиналъе квербакъарал руччаби ккола Зуляги, Джамиляги, Аминатги, рестораналъул администрацияги, гьединго лъималазе мороженоялъул ящикалги росун рачIарал гIолилалги, аниматорги. Гьеб къо лъималазе букIана талихIал къоязул цояблъун. Щвана гьезие сайгъатал — тIоцебесеб классалъе къваригIунеб школалъул къайи-къоно.

   Гьел сахаватал руччабазулгун гара-чIвариги гьабуна нижеца. Зуля, масала, щолей йиго онкологиялъ ва туберкулезалъ унтарал лъимал ругел больницабазде, лъималазул рокъое. Джамиля кколей йиго Москваялда бугеб кIазал, квербацIцIал гьарулеб фирмаялъул Дагъистаналда йигей вакил. Гьелъ Раисатиеги кьуна Дагъистаналъул хаслъиялъул расен бугеб косынка. Гьелъул нахъисеб рахъалда букIана миллияб партал ретIарай гIолилай, кодоб хъабаги ккун. Гьелъулги магIна ккола дагь-дагьккун нилъехъе нилъерго гIадатал тIадруссунел ругин абураб. Гьединго тIагIамал нигIматаздалъун лъимал рохизарурай Аминатицаги абуна гьеб бугила щивасда тIадаб иш — бугеб ресалда рекъон, цогидазе рохел бикьи.

«Гьадинал гIадамал цадахъ рукIинчIелани, дихъаго бажарилароан кинабго гьабун. Сахал гIадамазул сахаватлъиялъ кIолеб буго хIалтIи цебехун бачинеги. Дун налъулай йиго гьадинал лъикIал гIадамазе», — ян абуна гьениб Раисатица.

 

ГIумруялъул даимаб ахIи

 

   Раисат ГIусманова. Гьай магIарулалъул хIакъалъулъ абизе, бицине, хъвазе дир хулжазухъ ругел лъикIал рагIабазул къуватцин гIезе батиларо. Бахиллъула дун гьелъул рекIел кIутIиялда. Гьеб даим кIетIелеб буго къварилъиялда ругел руччабазул ургъел гьабулагоги, эбел-эмен гье­чIого хутIарал лъималазул тIа­лабаздаги. Раисатие цIакъ бо­кьуларо жийго еццизеги. Кинха абичIогоги телеб гьединай лъикIай чIужугIаданалъул хIакъалъулъ мустахIикъаб рагIи.

Гьей гIадал гIадамазул лъикI­лъиялъ берцин гьабун буго нилъер гIумру. Раисатица тIубана ТIадегIанасул тIадкъай. Гьей ракьалде йитIулелъул, гьелда тIадкъан букIун батула бесдалазул тIалаб-агъаз гьабизе. Раисатил ишаз кунчIараб цIва гьабсагIаталда буго жибго мустахIикълъараб борхалъиялда. Гьелъул лъикIал ишазда цадахъго гвангъулеб-гвангъулеб буго гьеб.

ГIемер щола дун Раисат МухIамадовнаялъ тIоритIулел тадбиразде. Бищунго рухIдаллъизе бачIуна гьелъ лъималазе бицунеб хIикматго хIайранаб мацIалда.

Раисатил хIалтIул цоги къо ана реццалъе мустахIикъаб хIалалда. Раисатил рекIел чIвабзазул талихIал бакъназухъе жеги чанги кьурдизе хъван ратаги талихI биларал лъималазул къисматал.

 

ЛъикIлъиялъул лахIзатал

 

   Гьал къояз республикаялъул щибаб шагьаралда ва гьединго районазда тIоритIулел руго гурхIел-рахIмуялъул батIи-батIиял акциял. Гьел сайгъат гьарулел руго цIияб цIалул соналъе. Мискинал ва эбел-эмен гьечIого хутIарал хъизамаздаса лъималазе гьабулеб буго кумек, школалда къваригIунеб къайиялдалъун.

Дагьай цеегIан росулъе щварай дида мадугьалалъ, лъабабилеб классалъул цIалдохъаналъ бицана жий Хунзахъе ахIун ун йикIанилан абун. Гьелъие кьун ругоан тетрадал, ручкаби, кьерал ругел къалмал, портфель ва цогидабги.

Гьебги гIураб кумек гьечIищ дагьаб гурони харж щоларел хъизамазе. Гьеле гьедин букIана киса-кибегоги. МахIачхъалаялъул къватIазда чанги дандчIвана гьал къояз «Школалде рачунел лъималазе кумек» абураб акциялъул гIахьалчагIи-волонтерал. Гьез бицунеб букIана акциялъул мурадалъул. Республикаялъул парламенталъул депутат, МахIачхъалаялъул ГКБялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Маллаевги гIахьаллъана «Единая Россия» партиялъ тIобитIараб гьеб акциялъулъ ва анцIго лъималазе школалде къваригIунеб къайи босана.

Гьедин нилъеца куцалел руго хадусел гIелалги гурхIел-рахIмуялдеги, лъикIлъиялдеги, цогидазул къварилъи бичIчIулеллъун, гьеб гIахьал гьабулеллъун лъугьине.

Ш. Хъазанбиева