ЖамгIияб транспорт

Кумек гьечIого тIубаларо

Исана тахшагьаралъул маршрутазда хIалтIизе байбихьана 45 цIияб автобус

«РакIалда буго, 2018 соналъул кIиабилеб ва лъабабилеб кварталазда шагьаралъул маршрутазде жеги тIадеги 90 цIияб автобус биччазе. 2017 соналда тахшагьаралъул транспорталъулал компанияз бюджеталъе кьун буго 1801700 гъуруш, страховиял фондазде — 2611700 гъуруш», — ан бицана нижергун букIараб гара-чIвариялда МахIачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъулаб №2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас. Рехсараб предприятиялъул хIалтIул хIасилазул, церечIарал масъалабазул ва тIуразаризе кколел суалазул хIакъалъулъ букIана директорасулгун гьабураб гара-чIвариги.

— Юсуп, бокьилаан лъазе предприятиялъул, материалиябгун тех­­ни­кияб базаялъул, специалиста­зе чIезарун ругел шартIазул хIа­къа­лъулъ.
— Нижер гаражалда буго 68 автобус: 60 «Нефаз» ва 8 «МАЗ». Руго хIажатал мастерскаял, ва гьенир хIалтIулел руго махщел камилал автомеханикалгун слесарал. Гьел киналго предприятиялъул столоваялда чIорого кваназеги гьарула.
— Щибаб къоялъ чан автобус къватIибе бахъунеб?
— Къойилго гIадин маршруталде бахъуна 37-40 автобус. Жакъа тIокIаб ресги гьечIо гьезул къадар цIикIкIинабизе. Щайгурелъул, цеве вукIарав нухмалъулесул тIалаб гьечIолъиялдалъун, хвезе тун буго 22 «Нефаз» автобус, хутIаралги ремонталда руго. Шагьаралъул администрациялъ рагIи кьуна исана 80 автобус босизе.
«Нефаз» автобусал рукIана заво­далъ хIалбихьизелъун къватIире риччарал ва гьезулъ тIатана гIемерал гIун­гутIаби. Гьединлъидал, абулеб буго, заводалъ гьел тIокIалъ къва­тIире риччазеги гьечIилан. «МАЗ» автобусал руго нилъер нухал хIе­хьолел. Тахшагьаралда жанир гурел­ги, гьел автобусал хьвадула Богатыревкаялде, Шамхалалде, Шамхал-Терменалде, Сулахъалде, ЦIияб Косаялде, Шаваялде ва Назраналде.
— МахIачхъалаялъулазул гIарз бу­кIуна шоферзаби хъачIго кIалъалин, гьез рекIаразулгун дагIба гьабулин. Кин гьел хIалтIуде росулел ва кин жавабчилъи тIалаб гьабулеб?
— Нижеца хIалтIуде росула лъаб­го соналъул хIалбихьи бугел ча­гIи. ХIалтIуде росун хадуб, 80 са­гIаталъ гьел хьвадизе ккола ни­жеца тIобитIулеб стажировкаялде. ХIалтIуде иналде цеве, щибаб къоялъ щивав шоферасулгун би­чIчIикьеялъулаб хIалтIиги гьабула. ГIадамазул гIарз бачIани, шоферасе премия кьоларо ва гъуршидалъу­н тамихIги гьабула.
— Автобусалъул техникиял гIун­гу­тIабигун, тохтурас сахлъиялъу­хъ халгьабичIого ва документал гье­чIого, шофер маршруталде ине рес бу­кIунищ?
— Маршруталде иналде ва тIад­руссун рачIарабго, дежурнияв механик, балагьула щибаб автобусалъул техникияб ахIвал-хIалалъухъ, тохтурас халккола шоферасул сахлъиялда хадуб. Автобусалда гаражалдаса къватIиве вахъиналде, диспетчерас халгьабула гьесул документазухъ. Автобусалда жанив пассажир хвани, компенсация хIисабалда, кьола кIиго миллионгун 250 азарго гъуруш. Масала, лъил бугониги килищ беканицин компенсация кьола.
— Телевизоралдасан рихьизарулел рукIана туркменазул шагьаразда ругел автобусал чIолел бакIал. Гьел ругоан цIакъ санагIатал, хIатта кондиционер, телевизор гIадал жалаздалъун хьезарурал. Нилъер анир ругезул бицинчIониги лъалелъулха, бокьилаан лъазе гьеб рахъалъ кида гIадлу букIине бугебали?
— Гьел бакIал раялъул, къачIаялъул ва рацIцIадго чIезариялъул иш тIаде ккола шагьаралъул администрациялде. Гьедин бугониги, нижеца шагьаралъул администрациялда зама-заманалдаса ракIалдещвезабула гьеб масъала хIехьезе кIолеб хIалалдаса ун букIин.
— Автобус бачIиналъухъ балагьун кигIан заман базе кколеб?
— АнцIго минут гьоркьоб биччан автобус гьеб чIолеб бакIалде, ай остановкаялде бачIине ккола. Гьединаб графикалда хадуб халккола ункъо диспетчерас. Цо-цо мехалда автобусал кватIиялъе гIилла ккола нухазда рукIунел хIалкъаял (пробкаби).
— Нужер автобусазда бугищ спутникалъулаб бухьен?
— Киналго автобусазда буго «Глонас» абулеб бухьен. Гьелъул кумекалдалъун Интернеталдасан щибаб автобусалъулгун бухьен букIуна. Жакъа «Глонасалъул» база буго «Автоколонна 1736» ОАОялъул гаражалда. Гьединлъидал бухьеналдаса букIине кколедухъ пайда босизе рес гьечIо ва ракIалда буго кIварабгIан хехго «Глонасалъул» база нижерго гаражалде бахъинабизе.
— «Метан» абун тIад хъварал автобусал хIалтIизе байбихьун тIоцересел моцIазда репродуктораздасанги «бекерулеб мухъалъги» гьел лъалхъулел бакIал лъазарулаан, ракIгъеялъе мониторал хIалтIулаан, салоназда жаниб рацIцIалъи букIунаан. Жакъа гьеб кинабго гьечIо, мониторал хIалтIуларо, салоназда жаниб, хасго къалъудаса хадуб, чороклъиги хIурги букIуна. Нужеца кIвар кьоларищ гьел гIунгутIабазде?
— Автобусазул салоназда жанир ругел мониторал ккола, нижер­гун къотIи-къайги гьабун, рекламниял агентствабаз лъурал. Гьел хIал­тIи-хIалтIунгутIиялъул иш рек­ламачагIазда бараб букIуна. Лъал­­хъизабулеб бакI лъазабулеб «бе­керулеб мухъалъул» электронияб сис­тема къачIазе ихтияр букIунаро за­водалъу­л специалистазул гурони. Гьел къачIалел руго ва кватIичIо хIалтIизе риччала. Лъалхъизабулеб бакI гьаркьидалъун лъазабиги салоналда жаниб рацIцIалъи чIезабиги ккола нижер иш. Ункъо хIалтIухъанас чурула автобусал маршруталде инелде цере. Къойида жаниб 600-650 чи ваччулеб автобус чороклъичIого хутIуларо, нилъер гIадамазул «культураги» лъалелъулха.
— Харжаздаса рази ругищ шоферзаби?
— Шофер хIалтIула къо гьоркьоб бахъун. ХIукуматалъул дотацияги щвечIони, пассажиразухъа анцIго гъуруш гурони босизеги бегьичIони, шоферасе лъикIаб харж кин кьелеб? Гьесул харж буго 15-17 азарго гъуруш.
— Нужер хIалтIуе сунца квалквал гьабулеб бугеб, церечIарал масъалаби кинал ругел?
— ЖамгIияб пассажиразул транспорт хIукуматалъул кумек гьечIого тIубаларо. Нижер автобусал ри­кIкIуна социалияллъун, ай ресукъал чагIазе учузаб транспортлъун. 2017 соналъ дотациялъе кьезе кколеб букIараб 64 миллионги, исана кьезе кколеб 19 миллионги жеги кьечIо. Нижер предприятиялъул 31 «Рено» таксиги кIиго «Мерседес» микроавтобусги арендаторасе цIакъ учузго ричун ратана цеве вукIарав нухмалъулес. Цо мисал, 2500000 гъуршиде босараб, кIиго соналъ гурони хIалтIичIеб цIияб «Мерседес» микроавтобус бичун буго 27 азарго гъуршиде. Судалдеги кьун, гьеб транспорт предприятиялде тIадбуссинабизе къер­­кьолев вуго дун.
Нури Нуриев