ХIалтIичIес хIанчIиларо

 

    2021 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса нахъе Россиялъул регионазда 37 сон барал лъималазе социалияб пособие кьеялъул къагIида хисана. 2020 соналъул риидал, ай пандемиялъул заманалда, лъазабун букIана пособие кьезе бугин ресукъал хъизамазейилан абун. Июлалъ бихьизабураб посо­бие январь моцIалдаса нахъего рикIкIун (перерасчетги гьабун) кьунги букIана. Гьеб кьолаан официалияб харж бачIунарел яги гьелъул къадар дагьал хъизамазул лъималазе. Официалияб харж щолезул хъизамазул рокъобе бачIунеб гIаммаб хайиралъул къадар хъизамалда ругелщина­зул къадаралдеги бикьун, гьезул щивасе гIумру гьабизе бихьизабураб роцадаса цIикIкIун батани, лъимадуе пособие кьолароан. Официалияб гуреб хайирги щолел, кIикIи минаги, гIураб малмулкги бугел хъиза­мазул лъималазеги кьолаан пособие. Гьеб хIужаги хIисабалде босун, 2021 соналдаса нахъе пособие кьеялъул къагIида хисизабуна.

     Кинал хъизамазеха гьеб цIикIкIинабизе бугеб яги лъие кьезе гьечIеб?

 

     Официалияб харж букIине ккола

 

     2020 соналда 37 сон барал (8 сон тIубараб къоялде щвезегIан) лъимала­зе бачIунаан регионалда бугеб гIумру гьабиялъе хIажатаб гIарцул къада­ралъул бащдаб бутIа. 2021 соналъул январалдаса нахъе гьеб кьезе буго гIумру гьабиялъе хIажатаб къадаралъ­ул 75100 процент хIисабалде босун.

     ЦIиял низамазда рекъон, льготни­казе щолеб харжалъул гуребги, гье­зул бетIергьанлъиялда бугеб мина­ялъул, квартираялъул, машинаялъул ва цогидалъулги хIисаб гьабулеб буго. Гьеб низамалда рекъон, ре­сукъал хъизамаздаса лъималазе по­собие кьолелъул гьезул хъизамалъе кинабгIаги харж бачIунгутIиялъеги гIиллаби цIехолел руго. Гьелда рекъон, цоцо хIалтIи гьечIел хъиза­маздаса 37 сон барал лъималазе пособие къотIизабизеги бегьула. ХIалтIи гьечIел ва ресукъал хъиза­мазул лъималазе пособие кьезе ин­кар гьабиялъул магIна щиб?

Гьел ва цогидал суалалги рор­хун, нижеца гарачIвари гьабуна ДРялъул ЗахIматалъул ва социали­яб цебетIеялъул министерствоялъул отделалъул нухмалъулей Ирада ХIажиевалъулгун.

     -2021 соналдаса нахъе 37 сон барал лъималазе пособие гIицIго хIалтIулел хъизамазул яги кинаб букIаниги харж бачIунел, хайир щолел гIадамазул лъималазе гуро­ни щвезе гьечIин бицунеб жо уяб бугищ?

     БачIунеб харжалъул къадар, хъи­замалдаго гьоркьоб бикьун, щивасе гIумру гьабизе гIураб къадаралдаса цIикIкIунеб гьечIони, гьезул 37 сон барал лъималазе пособие кьола. Ас­лияб жо буго гьев чиясул официали­яб харж (доход) букIин. Гьеб харжал­да гъорлъе рикIкIуна:

захIматалъулаб яги творческияб пишаялдаса щвараб хайир (автор­лъиялъул гонорар ва гь.ц.);

предпринимательлъиялъул ишалдаса щвараб хайир, самозанятыязе щвараб хайир;

пенсия;

стипендия.

     Жакъа республикаялда цо чия­се гIумру гьабиялъе хIажатаблъун бихьизабураб гIарцул къадар 10628 гъурущ буго. Хъизамалъул до­ход, тIатIалаги рехун, хадуб 12 моцIалдеги бикьун бачIараб къадар хъизамалда ругезул къадаралдеги бикьун щивасе 10628 гъурщидаса цIикIкIун бугони, нижеца гьезие ин­кар гьабула. Гьелъулги хал гьабула пособие щвезе жанибе гIарза кьурал­даса ункъо моцIалъ цебе букIараб лъагIалил харжги хIисабалде босун. Масала, исана апрель моцIалда 37 сон бараб лъимадул эбелалъ яги ин­суца пособие щвеялъе гIарза кьуни, 2019 соналъул октябрь моцIалдаса нахъе 2020 соналъул ноябрал­де щвезегIан хъизамалъего щолеб букIараб хайиралъул хал гьабу­ла. Гьеб хайир щвезе кколезулъе рикIкIуна эбелэмен, гьелгун цадахъ гIумру гьабун ругел 1823 сон барал лъимал (жидерго хъизан гIуцIичIел). Хъизам хьихьизе кколел эбел ва эмен хIалтIунгутIиялъе гIиллаги букIине ккола. Гьелда абула «правила нуле­вого дохода» абун.

    ХIалхьиялда чIеялъеги гIилла цIехола

 

— Кинаб гIилла рикIкIунеб кIвар бугеблъун?

     ХIалтIуларел ва кисагIаги хайир рокъобе бачIунарел хъизамазул эбе­лалъул яги инсул гIарза къабул гьа­бизе бегьулел гIиллаби чанго руго. Масала:

сакъатлъи бугеб лъимада хадуб хъулухъ гьаби;

80 сонил ригьалда вугев яги сакъ­атав чиясда хадуб хъулухъ гьаби;

лъабго моцIидаса цIикIкIун ун­тун вукIин (гьеб документаздалъун тасдикъ гьабун бугони);

лъабго сон базегIан лъимада ха­дуб (эбелалъ яги инсуца) хъулухъ гьаби;

хIалтIи цIехолеб бакIалда (ЦЗН) хIисабалда вукIин (хIалтIи цIехолезда гьоркьор анлъго моцIидаса цIикIкIун рукIинеги бегьуларо);

эбел гьечIого инсуца яги эмен гьечIого эбелалъ жинцаго лъимал хьихьулел рукIин;

гIемерал лъимал (3 ва цIикIкIун) ругеб хъизамалда эбелалъ яги инсу­ца (цояз) лъималазда хадуб хъулухъ гьабулеб бугони;

эмен яги эбел туснахъалда рукIин (эркенлъудаса хадуб лъабго моцIги хIисабалде босула);

армиялда хъулухъ гьаби ва гьелдаса хадуб лъабго моцIил демобили­зация.

     Гьединал, инсанасул гIумруялда хурхарал гIиллаби ругезул лъималазе пособие кьезе нижеца инкар гьабу­ларо. Рехсарал гIиллабазул чангояб бугони ва 10 моцIидаса цIикIкIун за­маналъ гьеб ахIвалхIалалда вукIун ватани, гьесул рокъобе харж бачIунеб букIун батичIониги, гьесул 37 сон бараб лъимадуе пособие кьола. Ни­жеца инкар гьабула хъизамалъул хIалтIизе бажарулев цогIаги чиясе харж бачIунеб гьечIони (нулевой доход). Харж бачIунгутIиялъе кIвар бугеб гIилла батани кьола гьезул хъи­замалъе пособиеги. Пособие щолеб ригьалъул лъимал ругеб хъизамалъул кIиго яги цIикIкIун квартира, мина ва цогидаб мулк ва бечелъи бугони, гье­динаб хъизамалъеги инкар гьабула. Масала, пуланаб хъизамалъул кIиго квартира бугони, гьезул квадратура хъизамалъул щивав чи рикIкIун 24 квадратияб метралдаса цIикIкIун ба­тани, гьединазеги пособие кьезе ин­кар гьабула. КIиго мина бугони, ма­сала, цояб мина пособие щвезе гIарац кьурав чиясда тIад бугони, цогидаб минаялъулъги гьесул бутIа бугони, живго бетIергьанаб минаялъулги, гьесул бутIа гъорлъ бугеб минаялъулги квадратура тIатIала жубан, хъизамалъул щивав вакиласе 40 ква­дратияб метралдаса цIикIкIун кколеб бугони, гьезиеги пособие кьоларо.

Мулкракь гуребги, цогидаб хьва­дулеб мулк кIиго яги цIикIкIун буго­ниги, гьев чи рес бугевлъун рикIкIуна ва гьединазул лъималазеги пособие кьезе инкар гьабула. 250 чол къува­талъул машина бугеб хъизамалъе инкар гьабула, амма гьеб хъизамалда лъабго яги цIикIкIун лъимал ратани, гьединазул гIарза къабул гьабула.

 

   Рес бугезул лъималазе кьолеб гьечIо

 

     -Цебеккун пособие бачIунел рукIарал хъизамазул вакилзабазе харж бачIунгутIиялъе тIадехун дуца рехсарал кIвар бугел гIиллаби гьечIони, гьезие пособие гьоркьо­бищ къотIизабулеб?

       ГIарза кьураб къоялдаса на­хъе лъагIел сверизегIан бачIуна лъималазе пособие. ЛъагIел ин­дал, цIияб гIарзаги кьезе ккола. Харж бачIунгутIиялъе кIвар бу­геб гIиллаги гьечIеб яги малмулк цIикIкIараб, 2020 соналъул июль моцIалда гIарза кьураб хъизамалъе 2021 соналъул июлалде щвезегIан бачIине буго пособие. Гьелдаса ха­дуб мустахIикъаб хъизамалъул лъи­малазе гурони кьезе гьечIо пособие.

 

 Пособие кинал хъизамазе цIикIкIинабизе бугеб?

 

     Исана регионалда лъималазе гIумру гьабиялъе гIураблъун рикIкIуна 10753 гъурущ. Гьелъул ба­щалъи, ай 5378 гъурущгун 50 капек бачIуна, 50 проценталъул къадарал­да пособие бихьизабурал хъизама­зул лъималазе. ГIумру гьабиялъе хIажатаб къадаралдаса дагьаб харж щолел хъизамазе 75 процент кьола. КIвар бугеб гIиллаги букIун харж бачIунарел яги гьеб цIакъго дагьаб къадаралда бачIунел хъизамазул лъимадуе 100 процент, ай 10753 гъу­рущ кьола.

     -Анкьго сон бараб лъимадул эбел МухIамадова ПатIиматица редак­циялде битIун бачIана гьадинаб суал: «Гъоркьисала 37 сон барал лъималазе кьолеб пособиялъе хъва­раб нижер гIарза къабул гьабичIо, нужер ункъо чи вугеб хъизамалъе бачIунеб харж регионалда гIумру гьабиялъе бихьизабураб къадарал­даса цIикIкIараб бугинги абун. Гьеб­го заманалда дир росги хIалтIудаса нахъе витIана, дие бачIунеб харж­ги дагьлъана. Исана дир гIарза къабул гьабулищ ва нижер харж дагьлъун букIин хIисабалдеги бо­сун, цIияб къагIидаялда рекъон цIикIкIинабураб къадаралда кьо­лищ?» абун.

     Гьезул лъимадуе пособие кьола гIарзаги кьун гьеб къабул гьабураб къоялдаса нахъе. Гьезул хъизамалъе бачIунеб харжалъул къадар ункъиде­ги бикьун щивасе гIумру гьабиялъе бихьизабураб къадаралдаса дагьаб батани хIукму гьабула 50, 75 яги 100 проценталъул къадаралда кьезеги. Масала, ункъо чи вугеб (эбелэменги кIиго лъимерги) хъизамалъе моцIида жаниб 30 000 гъурущ бачIунеб букIун батани, гьеб гIарац бикьула ункъиде. Гьединаб къагIидаялда хъизамалъул щивав чиясе 7500 гъурущ кколеб буго. Нилъер республикаялда щивав чиясе гIумру гьабиялъе бихьизабу­раб къадар 10628 гъурущ кколелъул, мисалалъулъ рехсараб хъизамалъе 37 сон базегIан лъималазе кьолеб пособие цIикIкIинабула.

       -ЦIикIкIараб къадаралда посо­бие щвезе мустахIикъал хъизамаз, перерасчет гьабизе гIарза кидаял­де щвезегIан кьезе бегьулеб?

      ТIоцебесеб апрелалдаса на­хъе къабул гьабулел руго пособие цIикIкIинабиялъе гIарзал. 2021 со­налъул ахиралде щвезегIан къабул гьарула гьел. Масала, 2020 соналъул 15 июналда гIарза хъван букIараз, цIикIкIараб къадаралда пособие щвезе бокьани, перерасчет гьабиялъе гIарза хъвазе ккола июнь моцI ба­кьулъе щвелалде. ТIоцебесеб гIарза хъваралдаса лъагIел сверилалде, цIияб законалда рекъон, цIикIкIараб къадаралда (75, 100 процент) посо­бие щвезелъун гIарза хъваразе пере­расчет гьабула 2021 соналъул январь моцIалдаса нахъе. КIочене бегьула­ро нужеца гIарза хъван букIараб за­маналдаса лъагIел сверарабго цIияб гIарза хъвазе кколеб букIинги. По­собие цIикIкIинабизе мустахIикъазе гьебги цIияб гIарза кьураб къоялдаса нахъе цIикIкIинабун кьола. ГIарза къабул гьабула МФЦялда, «Госуслу­ги» сайталъул хасаб кабинеталда яги нижехъе битIизе бегьула.

 

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА