Наслуго тIокIкIинабизе гIураб мисал

27 соналъ цебе дица ТIадмагъилъа Къурбанов Тажудинил къисма­талъул хIакъалъулъ хъвараб макъала бахъун букIана «Известия» га­зеталда, «Партизанасул къисмат» абураб бетIералда гъоркь (№ 237, 25 август 1987 с.). Гьелдаса хадур Тажудинихъе ва дихъе рачIине байби­хьана гIемерал кагътал. Гьезда гьоркьоб букIана Украиналъул Херсон областалъул Геническ шагьаралдаса А. Б. Лубенскиясул кагъатги. Гьес хъвалеб букIана граждан рагъул соназда живги вукIанила Дагъиста­налда вагъулев. А. Б. Лубенскияс жиндирго макъала бахъун буго «При­азовская правда» газеталдаги… ХIакъикъаталдаги, гIажаибаб къисма­талъул инсан вукIана Тажудин. Гьев гьавуна Лологъонилъ, амма гьесул гIумру ана ТIадмагъилъ. Гьенив мадрасалда цIалана, лъадиги гьениса ячана, магIишатги гьениб гьабуна. Дагъистаналда граждан рагъ унеб заманалда гьесул букIана 17 сон.

 

Пачаясул заманалда къо бухIараб, ракъараб, язихълъиялда рукIана магIарулал. ГIахьвалалин абуни магIарулазда гьоркьорги язихъаб бетIербахъиялда рукIана. Хуриса бачIараб хIалухъин 3-4 моцIалъе гурони гIолароан. БетIербахъиялде хьвадизе кколаан ЦIоралде, Чача­налъе, гIатIиракьалде. ХIалтIизе уна­ан магIарул росабалъеги рикIкIадал шагьараздеги. Гьениса щолеб мухь­ги цIакъго мукъсанаб букIунаан.

 

1914 соналда ГIахьвахъа 60 чи ана пачаясул армиялде мухьдахъ рагъизе. Гьел рукIана «ГIалхулаб диви­зиялда» рекIаразул эскадроналда. Рагъана австро-венгриялъул фрон­талда ва революция бергьун хадуб росабалъе тIад руссана. Гьезие рагъ­улаб гуребги, революциялъулаб лъа­дариги щун букIана.

 

 

Дагъистаналда граждан рагъ байбихьидал, ГIахьвахъ участ­каялда, Шамхал СалихIовасул бетIерлъиялда, партизаназул отря­далде лъугьана Тажудинги. Михъ­ида хIур чIвачIев гьесул гIелалъул гIолохъабиги отрядалда дагьал рукIинчIо. Багьавудин Жамбула­ев, ГIисалмухIамад Шамхалов, Ха­лид ЧIахиев, Гъайирбег Дибиров, ХIаид Махиев ва цогидалги. Тажу­динил командирлъун вукIана Турач ГIамиров, хадув гьев лъукъидал — ХIажимухIамад Эхунов.

 

1920 соналда Шамхалил ва Мус­лим Атаевасул отрядаз ЦIунтIе чабхъен гьабуна. Имам Нажмудин­ги Хъайтмаз ГIалихановги Гуржи­ялъе тIурун ун кодоре щвечIо. Гьеб сапаралъ Хушетире разведкаялъ ритIарал Изаноса ГIамирханги Та­жудинги гъачагъаз сверун ккуна. Рагъана патронал лъугIизегIан. Хьул букIана тIаде кумек бачIиналда, амма гьеб щвечIо. ГIамирхан гьенив чIвана, Тажудин асирлъуде ккана. Хадусеб къоялъ партизаназ гьев эр­кен гьавуна. Кидероса наиб Жабул МухIамадовги гьесул васги асир гьа­рун, партизанал тIад руссана.

 

 

Гуржияхъа гIарацги ярагъги щун, ГIанди гIорккун эхеве вачIунев има­масул боялде данде гьебго соналъул октябрь моцIалъ отряд къватIибе бахъана. ХъварщикIкIалги бахун, «Богухъ» магIарда тIад щулалъи ккун букIана. Гъачагъазул къуват 3-4 нухалъ цIикIкIараб бугониги ракIчIей букIана Болъихъа кумек тIаде гIунтIиялда. Хабар бачIана Болъихъ хъала муридзабаз бахъ­анилан, гьениб букIараб армияги вахIшияб куцалда гъуранин, ярагъ­ги имамасухъе щванилан. БагIарал партизанал тушманасул горсверуде ккана. ЗахIматаб масъала букIана гьанже гьезда гьениса рорчIине кIвейги. Рагъал ккана гIемерал, хасго Хъварщи кьодухъ. Гьенив лъукъана отрядалъе нухмалъулев вукIарав Шамхал, кIиябго рахъалъа чIваралги рукIана. Тушман нахъаса вичIулев вукIинчIо, гъоркьчIел гьа­бунги гIемер батулаан. Агъвалиса, КIванадаса сверун отряд ГIахьвахъе щвана. Шамхалица байбихьана цIидасан рагъуе хIадурлъизе. От­рядалде тIадеги гIолохъаби рачана. Ярагъалда хадур Шурагьире ритIана Шарип МахIачов, ЦаракгIали СалихIов ва МахIач ГIамиров. ТIад руссун Лавашиса, Гъуниса рачIунел рукIарал гьел ругъеждерил магIарда чIвана ва ярагъгун гIарац тушбаба­зухъе ккана.

 

ЗахIматаб хIал букIана гьеб за­маналда ГIахьвахъ участкаялда. Муса Кундухов балъгого щвеза­вуна Хунзахъ хъаладухъе. Щибаб росулъ ва кулабазда гIуцIана щу­лалъаби. Нухазда аскIорегIан ругел минабазул тIохазде баччана гамачI, партизанал ругьун гьаруна ханжар- хвалченгун рагъизе, гIужихъабазе бакIал хIадур гьаруна, патираби ричун росизе сверухъ ругел роса­балъе гIадамал ритIана. Партизаназе хIинкъаби кьолел рукIаниги, гъа­чагъазда ГIахьвахъе рачIине кIвечIо. Партизаналги рокъор кьерун чIечIо, гьез хасало сапарал рухьана Лъану­ре, ЦIекIоре, Бакълъухъе, ЗанатIе, МестIерухъе. Гьезие щвана 60 чу, 100 туманкI-таманча, гIемерал патронал.

 

 

Тажудиница гъираялда бицунаан 1921 соналъул 26 февралалда парти­заназ ТIукитIе гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Росулъе нух букIинчIо цохIо бакIалдаса гурони. Гьениб­ги хъаравуллъи тIамун букIана. Разведкаялъ ритIарал Сулейман МутагIилов, Ихъали МухIамадов ва цогидал гIолохъаби хъаравул­лъиялда рукIарал кьижун ратарал гъачагъалги асир гьарун рачIана. ТуманкI кьвагьичIого бахъана росу. Амма хадусеб къоялъ росу све­рун ккуна азаргогIанасев муридас. Гьезухъ букIана гIемераб ярагъ, КIаратIаса гьенибе чIечIого балеб букIана гIарада. Росу сверухъ кьва­гьи къотIулебго букIинчIо, амма муридзабазда кIвечIо гьужумалъ рачIине. Хадуб партизаназе куме­калъе Хунзахъа рекIаразул эскадрон бачIана. Гьеб къоялъ эркен гьаруна МестIерухъ, Ингердахъ, ЦIолода, ТIарадаинхело, КIаратIа, ГIарчо, ГIанчихъ росаби. Хадур партизанал ана Болъихъ ва ЦIумада районазул росаби эркен гьаризе. Гьел лъугьа- бахъиназдаги жигараб гIахьаллъи гьабуна Тажудиница. Граждан рагъ лъугIун хадубги гIахьвалазул пар­тизанал гъачагъазда хадур Казбек районалде щвана. Гьенив чIвана Тажудинил вацгIал ГIалидибир МухIамадов. Хадуб сапар бухьана Чачаналъе. Гьенив командирлъун вукIана ГIалиев ГIабдурахIман. Гьев захIматго лъукъана. Партизаназ гье­нив ккуна ЦIамутIариялдаса Мусаги жеги 15-явги.

 

Росулъе вуссун хадув Тажудин ун­къо соналъ росдал Советалъул испол­комалъул секретарьлъун хIалтIана, хадув вукIана колхозалъул хурухъ­анлъиялъул бригадаялъул брига­дирлъун, гIачиязул фермаялъул за­ведующийлъун. Живго къватIиса чи вугониги, гьесдехун тIадмагъилъезул божилъи цIикIкIараб букIана. Гьес гьабулеб иш ракIбацIцIадго тIубалаан. ГIемерав вищана гьев де­путатлъун, колхозалъул правлени­ялъул членлъун.

 

 

ТIаде щвана рагъул сонал. Гьеб мехалде Тажудинил букIана ункъо лъимер. Рагъ байбихьарабго, жив ар­миялда хъулухъ гьабизе ине хIадурав вугин лъазабуна гьес. 1941 соналъул хаслихъе гьев ккана 29-абилеб гау­бичнияб артполкалде. ТIоцере гур­жиязул Вазнан магIарда ругьун гьа­руна, хадуб 1942 соналъул январалда гьезул полк рехана Новороссийски­ялде. Гьениб щвана багIарав партиза­насе унго-унгояб рагъулаб лъадари. Зама-заманалдаса немцазул самоле­таз бомбаби рехулаан гIарадачагIазде тIаде, чIварал-лъукъарал гIемерал рукIана. Тажудиница хъулухъ гьа­булеб полкалда гIемерал магIарулал, районцоял гIолохъабиги рукIана: Загъалав Мартаев, ГIисахан ХIасанов, КIаратIаса МухIамад Хиз­риев, ХIажиявдибир КъучIуев, ГIабдулбадихI ГъазимухIамадов, ГIабдула ГIалигъазиев, ДибирхIажияв Абулмуслимов, ГIарчоса ЖахIбар ДибирхIажиев, ГIанчихъа МухIамад Будунов ва цогидалги. Церехун рачIунел немцал чIезаризе кIвана ва гьеб кIудияб бергьенлъи букIана. Рагъда цохIониги нухалъ лъукъичIого ворчIарав Тажудин захIматго унтана ва госпиталалда моцIал рана. 1942 соналъул хаслихъе комиссиялъ гьесул щокълъи чIезабуна ва гьев рокъове витIана. Рагъда би­хьизабураб бахIарчилъиялъухъ сони­сев багIарав партизанасе кьун букIана ВатIанияб рагъул орденги «За отва­гу» медальги. ИчIго медаль букIана хадуб кьурабги.

 

Рокъовги лъагIелалъ унтана Та­жудин. Рагъ къотIун букIинчIо гьев хъутаналде колхозалъул учетчик­лъун хIалтIизе витIулелъул. Хадур тIурана колхозалъул правлениялъ тIадкъарал батIи-батIиял ишалги.

 

 

Тажудин Къурбановас ва гьесул лъади ПатIиматица гIезабуна ва гIумрудул нухда лъуна анцIго лъи­мер.

 

Доб мехалда (1987 с.) Тажудинил­ги ПатIиматилги наслуялъул гIун букIана 112 лъимер, гьанже гьезул къадар 150 чиясде бахун батила. Гьез гIумру гьабулеб буго росулъ, МахIачхъалаялда, Гъизилюрталда, Москваялда. Абизе бегьула гьел ки­налго эбел-инсул намус цIунарал магIарулал ругилан.

 

Тажудиние цIикIкIараб пенсия щолароан, амма гьес щварабги ро­сулъ ругел ресукъал гIадамазе, бес­дал хутIарал лъималазе бикьула­ан, жиндирго гIарац харж гьабуна магIардаса росулъе ва «ГIумаш» ко­лоде лъим бачине, росу рагIалда бу­геб къулгIа-ицц къачIазе, кумек гьа­буна Лологъонилъе нухда «Мазай» абулеб бакIалда кьо базе.

 

Гьесие цIакъ бокьулаан росулъ ва гIалахалда ругел нухал, кьо­ял къачIазе. КIаратIа жилдомалда аскIоб бугеб къулгIаги Тажудинил гIарцухъ бараб буго.

 

 

…БетIералдаса тIокIкIинчIеб лъим хадуб тIокIкIунарин аби буго магIарулазул. Тажудин Къурбано­васул наслуялъулго хал гьабуни, гьеб аби битIарабги буго ва гьелъ­ие мисаллъун кидаго гьев живго вукIана. Гьес бахъараб жигар, гье­сул гIумруялъул мисал наслуго тIокIкIинабизе гIун буго.