Даимлъиялде арал цIарал

Гьазулги рукIун ратила анищал. Гьалги роржунел рукIун ратила, талихIалъул куркьбаздаги рекIун, жидерго цIваялъухъе. Гьазги гьабун букIун батила къотIи гIолиллъиялъул нухазда рокьилъун кенчIезеги, нурлъун гвангъизеги, тIугьдуллъун тIегьазеги. Кодоб талихIалъул кIулги ккун, анцIила микьиде каву къирарал гIолилал. Гьазул щивасулги букIун батила жидерго къисматалъул хIикматаб сага. Гьаниб тIегьазе букIанщинаб…

 

ХъахIал къункърабазде руссун ратила

 

Амма «метер» байбихьараб рагъалъ мерхьана, тIутIун бана гIумруялъул сага.

Ва гIолилазда рагIана ватIаналъул ахIи. Гьаз къомех лъикI гьабуна тIегь базе лъугьарал анищазулгун. Рокьи хисизе ккана тушманасде бижараб цциналъги рокьукълъиялъги. Азаазар советиял гIолилазул кьеразулъе журана дир гIагараб ТIануси росдал гIолилалги. ГIодулел сариназ нухарегIана гьел…

 

Гьанжего гьанже рокьул махI чIвазе лъугьарал гьазда дандчIвай гьабуна рагъул авлахъалда бетараб бидул махIалъ. Метер гьабизе букIаралда щвана рекIкIаб гула. Гьелъго лъукъана ахIизе щвечIеб талихIалъул кечIги.

ГIагараб росдал аслияб майдан. Гьенибго – рагъдаса руссинчIезе бараб памят- ник. Гьенир рикIарал цIарал цIалидал, сири бала тIолабго черхалда, цIидасанги ссудизе лъугьуна доб вахIшияб рагъул гIасиял ругънал…

 

Бергьенлъиялъул багьаги цIакъго хирияб букIана – рагъул майданалда хутIараб 27 миллионалдасаги цIикIкIун талихI, чIинтIарал пикраби, чIунтарал анищал, речIарал хьулал.

Накабиги ракьалда чIван, кIиябго кверги зобалазде битIун, гьарулеб буго ТIадегIанасда:

 

Бихьизе биччаге жакъасебги, хадусебги, гьелда хадуселги гIелазда рагъул кьогIлъи, абадиялъего рещтIараб батаги гьезул къисматалда талихIалъул нур.

Нахъеги тIадюссуней йиго памятникалъухъе – цоги нухалда бетIер къулулеб буго нужее, даимлъиялде цIарал арал Бергьенлъиялъул солдатал.