Рагъул бахIарчиги хIалтIул цевехъанги

Атал ГIабдурахIман вукIана КъахIиб районалдаго (Шамил) машгьурав чи. Абулаан, ГIабдурахIман кколаанин районалдаго тIоцебе тIадегIанаб лъай босарав учителиланги.

 

ГIабдурахIман гьавуна ГIурада росулъ. 1940 соналда, анкьго сонилаб школа лъугIарав гIолилав, Буйнакскиялъул педучилищеялда цере рукIарал байбихьул классазул учительзаби хIадур гьарулел кур сазде цIализе ана. Гьенисан Аталаев витIана ЛъаратIа районалде учительлъун хIалтIизе.

1942 соналда, жиндиего бокьун, гьев хIалтIул армиялде ана. Хандакъал рухъиялда гьабураб жигаралъухъ мустахIикълъана «Кавказ цIуниялъе гIоло» медалалъе. Гьениса вуссиндал, Аталаев хIалтIана гIагараб районалда учительлъун, директорлъун ва ОНОялъул инспекторлъун.

 

Унеб букIана КIудияб ВатIанияб рагъ. Щибаб къоялъ гIадин росулъе рачIунел рукIана чIегIерал кагътал. Фашистаздаса къисас босизе бокьарав ГIабдурахIманица, фронталде витIеян гьарун, военкоматалде чамалиго гIарза хъвана. 17 сон гурони бачIев гIолилав, жинцаго тIаде цо сонги жубан, гIарзаги кьун ана рагъде.

«16 марталда ниж щвана Гуржиялъул Гори шагьаралде. Цадахъ вукIана кIиго ракьцоявги: ТIелекьа Расул ШехгIалиев ва Гьоориса МухIамад Давудов. Расул рагъдаса вуссана кверги лъукъун, «За отвагу» медальги босун, МухIамад — бохги гьечIого, «БагIараб ЦIва» орденги каранда бан, — ан ракIалде щвезабулаан Аталаевас.

 

1944 соналда Белоруссиялъул ракьалда унел рукIана захIматал рагъал. 23 июналда байбихьана «Багратион» операция. 11-абилеб армиялъул БагIарбайрахъулаб дивизиялъул 27-абилеб Городокскиялъулаб гвардиялъулаб полкалъул кIиабилеб батальоналъул щуабилеб ротаялда гьоркьов гьеб операциялда гIахьалъана ГIабдурахIман Аталаевги. Рагъ букIана вахIшияб, кIиябго рахъалъан гIемерал камиял ккараб. Тушманасул кIиго пулеметалъ, цIад гIадин, тIаде балеб гуллица щуабилеб рота гьужумалъ цебе ине биччалеб букIинчIо. Амма, рекерунги хъурщунги ун, советиял рагъухъаби гьужумалъ инчIого чIолел рукIинчIо. ГIабдурахIман тIоцеве щвана тушманасул пулеметчикал ругеб дзоталде аскIове. Гьес гьенибе рехараб гранатаялъ дзот щущазабуна. Пулеметалъул гьаракь къотIана ва рота цебехун ана.

Витебск областалъул Орш шагьаралъул бакъбаккул рахъалда оборона ккун чIарал немцаз гьужумалъ рачIунел нилъер рагъухъабазде гIарада балеб букIана. Гьениб ккараб кутакаб рагъулъ ГIабдурахIман лъукъана. ЗахIматаб хIалалда вугониги, Аталаевас взводалъул командир Алексеев хвалдаса хвасар гьавуна.

 

Дуего цIодорлъи гьабичIого, лейтенант щай дуца хвасар гьавуравин полкцояз цIехедал, гьес абуна: «Гьев ккола дир командир, кIиабизе — гьанжего гьанже гьес бана 18 сон. Гьаб букIана гьесул тIоцебесеб рагъ, гьелъ батила гьев дагьавго хIинкъаравги. Дун гьесда гурхIана», — ян.

Живго ГIабдурахIманги вукIана хвасар гьавурав лейтенантасдаса цо чанго моцIалъ кIудияв. Гьесулги букIинчIо рагъулаб хIалбихьи, амма магIарулав хIадур вукIана гьалмагъ хвасар гьавиялъе жиндирго гIумру кьезе.

 

Хадусеб къоялъ гьужумалъ унаго гьев захIматго лъукъана. Аталаев санчасталде витIана.

Халатаб букIинчIо Аталаевасул фронталъулаб нух — гIицIго лъабго моцI бана гьес кьалул майданалда. Гьеб къокъабго заманалда жаниб гьесда лъана рагъул кьогIлъиги, фашистазул вахIшилъиги, бихьана биги, гIетIги, магIуги. Вагъана бахIарчилъиялда, ритIухъавлъун вукIана ВатIаналъе бараб гьаялъе ва хIадур вукIана улка цIуниялъе гIоло гIумру кьезе.

 

Рагъда бихьизабураб бахIарчи­ лъиялъе ва къохIехьеялъе гIоло гьев мустахIикълъана тIоцебесеб даражаялъул КIудияб ВатIанияб рагъул ва лъабабилеб даражаялъул Реццалъул орденазе…

ГIабдурахIман росулъе вуссана кIиабилеб группаялъул инвалидлъунги лъугьун.

 

Гьелдаса нахъе пенсиялде инегIан Аталаев хIалтIана гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъул хIалтIабазда: учительлъун, завучлъун, директорлъун, ОНОялъул инспекторлъун ва республикаялъул лъай кьеялъул министрасул кумекчилъун. Аталаевасул чIаголъиялдалъун ЛъаратIа росдал байбихьул школалъе бана цIияб мина, ГIурада росулъ рагьана гьоркьохъеб школа ва гьелъиеги бана цIияб мина.

Аталаевасул вукIарав цIалдохъан НигIматула НурмухIамадовас гьадин ракIалде щвезавуна жиндирго учитель: «Доб букIана 1952 соналъул августалъул ахир. Ниж унел рукIана районалда цохIо букIараб КъахIиб школа-интернаталде. ХIухьбахъизе гIодор чIарал нижеда тIаде вачIана борхатаб черхалъул, берцинаб куц-мухъалъул гIолохъанчи. Гьесухъ кодоб ккун букIана гьитIинаб лъимер, хадуй йикIана мукъсанабго черхалъул гIурус миллаталъул гIадан. Саламги кьун, гьес нижер кверал рачана. Гьедин дир лъай-хъвай ккана Атал ГIабдурахIманилгун. Гьев вукIана гIадатияб гIамалалъул, киназего вокьулев лъикIав учитель ва унгоунгояв тарбиячи. Гьес нижее кьолаан тарихалъул дарсал. Жиндирго предмет гьесда цIакъ лъикI лъалаан, учебникалъул бокьараб гьумералда бугеб жо рекIехъе бицунаан. ЦIалдохъанасда баянал-хIужаби кIочани, абулаан: «Рагье пуланаб гьумер ва цIале пуланаб абзац», — ан. Гьесул дарсазде ниж гъираялда унаан. ЦIияб дарс бицунаан гIадатго, рекIелъе бортулеб къагIидаялда. Гьесул дарсазда лъиениги щолароан мустахIикъал гурел къиматал. ЦIалул заманалда Аталаев вукIана кьварарав ва тIалаб цIикIкIарав учитель, амма экзаменазда гьев киданиги лъугьунароан гIунгутIаби ралагьизе, гьелъул гIаксалда, гьес цIалдохъабазе ракI-макI ва бегьулеб кумек гьабулаан», — ян.

 

Аталаевасул хIакъалъулъ бицунеб мехалда, ГIурада росулъа пенсионер МухIамад ЧIегIеровас абуна, гьев вукIанин Аллагьасго пагьму-гьунарги лъай-махщелги кьун, кIодо гьавурав чийилан.

ГIемерал соназ учительлъунги районалъул ва республикаялъул лъай кьеялъул идарабаздаги хIалтIарав ГIабдурахIманил вацасул вас МухIамад Аталаевас абуна: «Гъваридаб лъалкI тана мунагьал чураяс ракьалда. Гьес гьарурал чIахIиял ишазул, гьесул бихьинаб гIамал-хасияталъул бицине дида рекъон букIинаро.

 

Эбел гурей, нахъа кверчIвазе чи гьечIев бесдалав вукIана дун. ГIумруялда жаниб дун вахараб борхалъиялде мали чIварав чи ккола ГIабдурахIман. Дие гуребги, гьев вукIана гIагарлъиялъего мугъ чIвалеб хIубилъун. Кинаб букIаниги, гьесул кумек щвечIеб хъизан ГIурада росулъ хутIунго батиларо», — ян.