Кьварараб хасияталъул инсан вукIана

Доб букIана иргадулаб нухалда Бергьенлъиялъул байрам кIодо гьабизе хIадурлъулеб заман. КIаралазул годекIанир хабар-кIалалда ругел ригь арал росуцояз дидаги дир ишоял-газетачагIаздаги гIайиб чIвана Буйнакск шагьаралда гIумру гьабун вукIарав Залумхан Расуловасул хIакъалъулъ хъвачIогойилан.

 

— Рагъулав офицер, чанго орден-медалалъул бетIергьан вукIана гьев, — ан кIалъана хараби.

Заманалдасан дир рес рекъана гьесул вацасул вас, гIемерал соназ Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал гьоркьохъеб школалъул директорлъун хIалтIарав, гьанже нилъгун гьечIев Надирбег МухIамаддибировасулгун бухьен гьабизе ва гьес бицаралъулги кодоре щварал документазулги кьучIалда хъвараб буго гьаб материалги.

 

Гьавуна Залумхан 1913 соналда.

Гьесул эмен Расул вукIана сагIтал къачIалев чи. Залумханил къисматалъулъин абуни хасаб бакI ккуна эбелалъул рахъалъ гьесул имгIал, советияб власталъул тIоцересел соназ лъай кьеялъул ГIахьвахъ райотделалъул заведующийлъун хIалтIарав ва жиндир квербакъиялдалъун КIаратIа школалъе мина барав ИсмагIил ГъалбацIовас. АнцIго сониде вахарав Залумхан гьес Буйнакск шагьаралъул тIоцебесеб педагогикияб училищеялда цебе рагьараб магIарулазул интернаталде кьуна. Дол соназ гьевгун цадахъ интернаталда цIалулел рукIун руго ГIабдурахIман Даниялов, МухIамад Шамхалов ва цогидалги. Интернаталда цIалулаго гьесие лъикIаб лъайги щвана. Гьелъ Залумхание рес рекъана Ростовалъул советияб дармил институталде цIализе лъугьине ва гьеб бергьенлъиялда лъугIизабизе. ТIадегIанаб лъай щварал тIоцересел кIаралазул цояв вукIана гьев.

 

БагIараб Армиялда хъулухъ гьабизе Залумхан ккана Каспиялъул рагъулгун ралъдал флотилиялде. Гьениб тIамураб ункъо соналъ магIарулав ругьунлъана захIмалъабазе къуркьунгутIизе, тIадкъараб иш гIуждаги мухIкангоги тIубазе. Лейтенантасул чиналда тIадвуссана росулъе. Заман инелдего вищана райисполкомалъул секретарьлъун ва хIалтIана 1939 соналъул 7 августалде щвезегIан.

Байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъ. Сонисев офицерас рагъулаб комиссариаталде гIарза хъвана жив фронталде витIеян ва 1941 соналъул 19 августалда гьес цIидасан солдат-форма ретIана: ккана Новороссийск шагьаралъе гIоло рукIарал цIоб гьечIел рагъазулъе, хадув витIана Севастополь цIунизе — ралъдал пехотаялъул 8-абилеб бригадаялде взводалъул командирлъун. ГIемераб би гIодобе тIураб рагъ ккана «Мекензиялъул мугIрул» станицаялъе гIоло. Гьеб рагъулъ Расуловас бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ хъван букIана фронталъулал газетаздаги: тушмангун анцIила цо нухалда квержубараб рагъде лъугьана магIарулав, лъукъа-къотIи ккечIогоги ворчIана. Гьесул гьунар ВатIаналъ «БагIараб цIва» орденалдалъун кIодо гьабунги буго.

 

Севастополь шагьаралъе гIоло рагъазул цоялда минадул кесек щун лъукъана Залумханил квегIаб бох ва гьев сах гьавизе Буйнакскиялъул рагъулаб госпиталалде витIана. Доб заманалда гьеб В. И. Ленинил цIаралда бугеб школалъуб хIебтIун букIана. Таманав кIвекIана гьев унтуца ва ахирги, рагъулал ишазе ярагьунаревлъунги гьавун, рокъове витIана.

Байбихьана ракълилаб захIмат. Гьаниб унго-унголъунги цебе рехана Расуловасул бажариги гIуцIарухъанлъиялъулаб махщелги. Цин Буйнакск шагьаралъул исполкомалъул секретарьлъун, хадув горисполкомалъул председателасул заместительлъун вищарав гьесде тIаде ккана гочун рачIаразулгун хIалтIи гьабиялъул, ФЗУязде, ремесленниял училищабазде, щулалъаби гьариялъул хIалтIабазде гIолилал ритIиялъул, рагъде аразул хъизан-лъимал хIалтIудалъун ва къваригIараб-хIажаталдалъун хьезариялъул суалал. ТIадкъараб иш ракIбацIцIадгоги тIубана.

 

ТIалъиялда ругезда бихьана сонисев офицерасул ритIухъаб хасият ва гьев КПССалъул Буйнакск шагьаралъул комитеталъул инструкторлъун тIамуна, хадув вищана партиялъул горкомалъул секретарьлъунги. Бокьун буго гьенив хIалтIулаго ккараб цо хIужа рехсезе. Складалде буссинабун букIана шагьаралъул мажгит. ЖамагIаталъ Залумханида гьарана гьелъул хIалтIи цIигьабизе квербакъеян. Гьединаб ишалъухъ жиндир ботIрода квер бахъулареблъи ва партиялъул билеталдаса махIрумлъизе бегьулеблъи лъаниги, гьес рагъухъабазул взводги тIамун, къайи-цIаялдаса мажгит эркен гьабуна ва гьеб хIалтIизе байбихьана. Гьесул кьвариялъухъ ва бихьинчилъиялъухъ баркала хIисабалда жамагIат, гIарацги босун, бачIана Расуловасухъе. Гьес ахIун вачIарав шагьаралъул банкалъул управляющиясухъе кьезабуна жамагIаталда гIарац ва гьеб фронталъе тIадеги кумек хIисабалда оборонаялъул фондалде кьуна. Гьелъухъ шагьаралъул жамагIат И. В. Сталинил баркалаялъеги мустахIикълъана.

Цоги хIужа. Гьеб ккана Залумхан шагьаралъул прокурорасул кумекчилъун хIалтIулеб 1949 сон. ЦIогьалъе гIоло гьитIинав гIолохъанчи тамихIалде цIазе кколаан. Гьесие суд гьабулаго, пачалихъияв гIайиб гIунтIизабулев хIисабалда гурев, гьев цIунулевлъун цеве вахъана Расулов ва ритIухъ гьавурав гIолилав рокъовеги вачун кваназавуна, цIияб партал-хьит кьун нахъе виччана. Гьаракь борхараб хабар ккана рехсараб ишалъе гIоло Расуловасдаги шагьаралъул прокурорасдаги гьоркьоб. ГIаданлъиялъул, чилъиялъул нухдасан унаго жинца ритIухъаб гали тIамун букIин бичIчIизабизе бажарана прокурорасда…

 

Хадур рукIана дармил идарабазда — районазда гьоркьосеб заготживсырьеялъул директорлъун, общепиталъул горторгалъул, книготоргалъул нухмалъулевлъун хIалтIулел сонал. Жиндиего хасиятаб ракIбацIцIалъиялдаги жавабчилъигунги тIурана гьес гьел хъулухъал ва гIадамазулги нухмалъулезулги баркалабазе мустахIикълъана.

Рагъдаги ракълилаб захIматалдаги З. Расуловасда бихьараб гIакъуба-къварилъи, гьесул бахIарчияб ва свак лъалареб хIал­ тIи гIемерал шапакъатаздалъун кIодо гьабуна ВатIаналъ. ВатIанияб рагъул орденалъе, «Севасто- поль цIуниялъе гIоло», «Кавказ цIуниялъе гIоло» ва жеги анцIго медалалъе мустахIикълъана гьев.

 

Хвана Залумхан 1987 соналъул декабралда, вукъун вуго Буйнакскиялда.