Ветеранасе кумек щолеб гьечIо

Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ хутIун вуго кIиго рагъул гIахьалчи – Жамалудинов ГьитIинамухIамад ва НурмухIамадов ПатахI.

 

ПатахI захIматго унтун вуго, ГьитIинамухIамад хьихьун вуго васасги нусалъги. Гьевги гIинкълъун вуго. Гьесул васас ва нусалъ бицана хIукуматалъ жидее букIине кколеб кумек гьабулеб гьечIин. — Вегизе ортопедиялъулаб кроватьги, коляскаги, памперсалги хIажат ругин абун чанго нухалда лъазабидал, бадирецин ралагьулел гьечIо.

МахIачхъалаялде айин абулеб буго памперсал росизеги.

Болъихъ районалъул прокурорасул заместитель вачIун вукIана ва гьесдаги бицана инсуе хIажаталъул. БукIинабилинги абун, гьевги ана.

Амма жеги бихьулеб жо гьечIо. Бокьилаан чIаго хутIарал дагьалго ветераназе кумек гьабуни, къваригIараб гьезие щвезабулебани