Гьунаралда рекъараб шапакъат щвечIо

Гьаб иш ккана КIудияб ватIанияб рагъул заманалда. МестIерухъа АсхIабов тажудин вукIана Румыниялъул ракьалда. Тажудин вукIана гIараб гIелму лъалев гIалимчи. Цо нухалда, немцазул гучги цIикIкIун, нилъер аскарал нахъе къазе ккана. Киналгоги нахъе ун, кIудиял тIалабазда гьоркьов, как кватIизе гурилан, ракьуца таямумги гьабун, как базе лъугьана тажудин. Какие салам кьезе цояб рахъалде вуссарав гьесда 40-50 рагъухъан вугеб немцазул къокъа бихьана тIаде щолеб. Кумекалъе чиги гьечIого живго цохIо хутIарав гьес лъутизе хивал гьабуна. Амма иман бугев чи вукIиналъ, «Лъутун киве дун ворчIилев? Аллагьас хъвараб жо бихьичIого хутIуларо. Щиб лъалеб Аллагьас щиб хъван бугебали», — ян пикру гьабуна.
 
 

Тажудиница автомат босана ва речIчIаризабуна. ГIемерисел чIвана, чIаго хутIарал лъутун ана. Амма цIидасанги рачIине лъугьана немцал. Тажудинихъа гулла-хер лъугIана. Чара тIагIарав гьес Аллагьасда гьарулеб букIана жив хвасар гьавеян, устарзабаздеги ахIи бана кумек гьабеян. Цойидасан Тажудинида немцазул гаргар рагIизе лъугьана. БетIер борхун балагьарав гьесда цояс граната бахъулеб бихьана.

ЛахIзаталдасан гьесухъ кодобго граната кьвагьана ва кIиявго немцавги чIвана. Бигьагьавун гьезде аскIовеги хъурщун, кIиясулго автоматалги росун, гьезул горбода рукIарал сумкабиги рахъун, Тажудин тIад вуссана.

Гьес санагIатаб бакIалда щулалъи ккуна ва лъутун унел тушбабазда хадуб автоматалдасан чIер барсизабуна. Щобде нахъе щвезегIан нахъе балагьичIого тIурана чIаго хутIарал немцал. Дов чIварав кIигоясул сумкабазухъин абуни Тажудинида автоматалъул кIи-кIи рожокги батана. ПалхIасил, щуябго диск лъугIизегIан гъурана гьес фашистал.

Живго хвасарлъиялъе Аллагьасе щукруги гьабун, щукрудал какги бан, гьес БетIергьанасда гьарулеб букIана: «Я, БетIергьан Аллагь, киданиги дица гIадамасе зарал гьабичIо, гьадалгощинал фашистал чIвай дица гьабураб гъазаватлъун рикIкIеха, Аллагь», — абун.

 

Гьеб заманалда нилъер аскар тIад буссун бачIана. Цеве-цеве вукIарав командирасда жиндирго как-диналда

Тажудинги вихьана. АскIовеги ун, командирас гьесда гьикъана: «Ты у немцев был?» — ан. «Бил», — ан абуна Тажудиницаги. «Расстрелять подлеца!» — ян буюрухъ кьуна командирас.

Цевеги къотIун, чIвазе вачун унев Тажудин вихьана полкцояв хунзахъесда. Гьес гьикъана щиб ккарабин.

 

— Дуца немцал чIванищилан командирасги гьикъана, чIванилан дицаги абуна. Гьанже киве вачунев вугевали дидаги лъаларо, — ян жаваб кьуна Тажудиница.

ПалхIасил, полкцояс цIех-рех гьабуна ва баянлъана гIурус мацI лъангутIиялъ Тажудиние тамихI гьабизехъин букIин.

 

— Тажудин, хирияв вац, «был» абурабги «бил» абурабги рагIабазул магIна батIи-батIияб буго. Гьанже гьеб нилъеца рекъа-решезабилин, рилълъа командирасухъе…

Хунзахъес командирасда бицана Тажудиница жиндаго бицараб жо -гьадалгощинал фашистал чIварав чи Тажудин вукIин: нилъ киналго нахъекъалеб заманалда как балев живго Тажудин хутIиялъулги патроназул щуго рожок лъугIизегIан немцал гъуриялъулги.

 

Цо-цо гурого рожокги (диск) кьун букIинчIин рагъухъабазухъе, гьесие щугояб киса щвараб, гьес гьереси бицунеб батилин командирас абидал, тIалабазда нахъа лъун рукIаралъуса щуго дискги лъабго автоматги Тажудиница хунзахъесдаги командирасдаги цере рехана. Хунзахъес командирасе таржама гьабуна местIерухъес бицараб.

— Ох, дурак! Чуть не убил я Героя Советского Союза! Ты же герой! Через неделю получишь звезду Героя! — янги абун, командирас жиндирго заместителасе буюрухъ кьуна Тажудиние БахIарчиясул цIар кьезе материал хIадуреян…

 

Амма Тажудиние БахIарчиясул цIар щвечIо, кире ккаралали лъачIого тIагIана хIадур гьарурал кагъталги. Гьезул тIалаб гьабизе гIурус мацI лъалебги букIарабани, цIар-рецц хIажатав чи Тажудинги вукIаравани, ГIахьвахъ районалда цоги БахIарчи вукIинаан.