Солдатасул къисмат

ЛъаратIа районалъул тIадиял росулъа рагъде ана 28 чи. Гьезул цояв, 18 сон барав ГIалил ГIусманил Рамазан армиялде ахIана 1940 соналъул ихдал. Гьес хъулухъ гьабулеб букIана типлис шагьаралда, гIарадачагIазул полкалда. КIудияб ватIанияб рагъ байбихьараб мехалда полк ккана ункъабилеб украинаялъулаб фронталде.

 

1945 соналъул ихдал эбел-инсухъе бачIана кьалул майданалда вас хванин абураб кагъат. Гьеб гурони, батIиял баянал гIагарлъиялъухъ рукIинчIо. Рамазанил къисматалъулги, бахIарчилъиялъулги, гьесие кьадар щвараб ва вукъараб бакIалъулги мухIканлъи лъана интернеталдасан.

 

Тбилиси шагьаралдаса байбихьараб Рамазанил рагъулаб нух халат бахъана Польшаялъул Краковшагьаралде щвезегIан. Гвардиялъулав гьитIинав сержант Рамазан ГIусмановас рагъда живго вихьизавуна лебалав, хIинкъи гьечIев солдатлъун. Гьев мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе ва командирзабазул реццазулал кагътазе.

Рагъулаб шапакъаталъе гьев вихьизавураб буюрухъалда хъван буго: «1944 соналъул 7 маялда Крымалъул Балаклава шагьар фашистаздаса эркен гьабулаго рукIарал рагъазулъ, красноармеец ГIусманов Рамазаница лъукъарав гьалмагъ хисун гIарадаялдаса гIужилаб кьвагьи лъуна ва тушманасул щулалъи щущахъ биххизабуна. Гьелъул хIасилалда рес щвана кьвагьдохъабазул полкалъе гьужумалъ цере ине. Бихьизабураб гьунаралъухъ ГIусманов Рамазан мустахIикълъана « За Отвагу» медалалъе».

 

Рагъ байбихьилалдего армиялда хъулухъ гьабун вукIиналъги батила, Рамазан вукIана гIарадаялдаса гIужилго кьвагьдезе бажари бугев солдат. Гьев вукIана гIарадачагIазул расчеталъул командир.                         

Рагъулаб нухда чанги батIияб захIмалъи бихьана магIаруласда.

 

ЧанцIулго лъукъун госпиталаздеги ккана. 1945 соналъул 28 январалда Польшаялъул Йорданув шагьаралда унел хIалуцарал рагъазулъ Рамазан ГIусмановас бихьизабуна иргадулаб бахIарчилъи.

Гьелъухъ кьураб «Орден Славы» шапакъаталъул буюрухъалда хъван буго: «Йорданув шагьаралда аскIор унел рагъазулъ красноармеец ГIусманов Рамазан тIоцеве кIанцIана тушманасул окопахъе ва квержубараб рагъда тIагIинавуна фашистазул лъабго солдат, живгоги лъукъана».

 

Сахлъун хадув Рамазан ккола батIияб полкалде. КватIичIого, 12 марталда, иргадулаб гьужумалда Рыхулд росдада аскIор рукIарал вахIшиял рагъазда гьес жиндирго гIарадаялдаса лъураб гIужилаб кьвагьиялъ тушманасул дзот ва кIиго пулеметалъулаб расчет тIагIинабуна. Гьеб гьунаралъухъ Рамазан мустахIикълъана «Красная Звезда» орденалъе. БахIарчияв солдатас армиялда хъулухъ гьабуна тIубараб щуго соналъ. Амма пайда щибха, гьесулги къисмат батана, рагъ лъугIизе чанго къо хутIараб мехалъ къанщрал аза-азар советиял солдатазулго гIадаб. 1945 соналъул 16 апрелалда иргадулаб гьужумалда захIматго лъукъарав Рамазан къадаралде щвана. Гьеб букIана, документазда хъвавухъе, рагъда Рамазанида щвараб лъабабилеб ругъун. Рагъ лъугIизе хутIун букIана 15-20 къо. Вукъун вуго Польшаялъул Краково воеводствоялъул Поломя росдал хабалалъ. 23 сон байдал хварав Рамазан кIочон гьечIо гIагараздаги росдал жамагIаталдаги. Гьесул цIар лъуна гьесул вацгIал, рагъул ветеран, кIиго «БагIараб ЦIва» орденалъул кавалер ТIинахIажиясул СагIидбегица ва гьесул вас, дунялалда цIар рагIарав тохтур, Италиялъул «Сапиенса» университеталъул профессор Жалалудин СагIидбеговас жидерго лъималазда.

 

Баркала буго Рамазан ГIусмановасулги жеги анцI-анцI рагъда тIагIаразулги тIадруссаразулги баянал ралагьизе кIудияб хIалтIи гьабулев, Ибрагьимотар росдал школалъул учитель Мурад ХIусеновасе.

КIудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тIубаялъул юбилеялде гьес гIагараб школалда гIуцIулеб буго рагъда тIагIаразул къисматалъул ва гьунаразул бицунеб тадбир.