Рагъда гIахьаллъарал улкаби

 
 
1939 соналда байбихьараб ва 1945 соналъ лъугIараб рагъалда абула КIиабилеб дунялалъул рагъилан. Гьедин абиялъе гIиллаги ккола гьеб рагъда 72 улкаялъ гIахьаллъи гьаби ва 40 улкаялда рагъул кьаби щвей.
Гьеб халат бахъана 2194 сордо-къоялъ. Гьелда гIахьалъи гьабураллъун рикIкIуна рагъул кьаби жидеда щварал улкабазда гIумру гьабун рукIарал 1 миллиардгун 700 миллион чи. КIиабилеб дунялалъул рагъул хIасилалда хун вуго 60 миллионалдасаги цIикIкIун чи.
Щал улкабазха КIиабилеб дунялалъул рагъда гIахьаллъи гьабураб? Гъоркьехун рехсолел руго рагъда гIахьаллъи гьабурал улкабазул цIарал.
 
Австралия
ГIахьаллъи гьабураб заман: 1939 соналъул 3 сентябрь — 1945 соналъул 2 сентябрь (2191 сордо-къо).
Халкъалъул къадар (1939 сон): 7,7 млн чи.
1939 соналъул лъабабилеб сентябралда, Великобританиялъул гьудул хIисабалда букIараб Австралия, Великобританиялъ Германиялъулгун рагъ лъазабун хадуб хIажатаблъун ккана Германиялъулгун рагъ лъазабизе. 1940 соналъул январалдаса 1943 соналъул февралалде щвезегIан, австралиялъулаз гIахьаллъи гьабуна Северияб Африкаялда, Грециялда ва ГIагараб Бакъбаккуда унел рукIарал рагъазулъ.
Австралиялъул 450 летчикас гIахьаллъи гьабуна Британиялъул ВВСалда цадахъ Европа фашизмалдаса эркен гьабиялъулъ.
 
Аргентина
ГIахьаллъи гьабураб заман: 1945 соналъул 27 март — 1945 соналъул 2 сентябрь (160 сордо-къо).
Халкъалъул къадар: 15,39 млн чи (1945 сон).
Рагъ байбихьилалде цебе Аргентинаялъул лъикIал гьоркьорлъаби рукIана Германиялъулгун. Гьеб улкаялда гIумру гьабун вукIана 200 азаргогIанасев немцав. Гьединлъидал, рагъ байбихьараб заманалда, ай 1939 соналъ гьеб улкаялъ лъазабуна жидеца лъил бугониги рахъ кколарин ва рагъда гIахьаллъуларин. Амма 1942 соналда, Америкаялъ тIадецуй гьабидал, Аргентина хIажатаблъун ккана СШАялъул гумузе пайда босизелъун жидерго портал рагьизе.
1944 соналъин абуни, Аргентинаялъ Германиялъулгун ва Япониялъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби хвезаруна, гьел къезехъин рукIин бичIчIидал рагъулъеги лъугьана.
Гьедин бугониги, Аргентинаялъ къабул гьарулел рукIана Германиялдаса лъутун рачIунел ва 1946-1950 соназда гьеб улкаялда гIумру гьабун вукIана 180-ялдаса цIикIкIун немцазул офицер. Гьезие рес кьун букIана Аргентинаялъул рагъулал къуватазда хъулухъ гьабизеги.
(Хадусеб букIине буго)