МагIарулал киданиги рукIинчIо цIукIабилъун

 

1999 соналъул август-сентябралда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIазул ракIалдещвеял

 

Киданиги рак1алдаса инаро 1999 соналъул август моцI. Гьебмехалда ккарал лъугьа-бахъиназги гьезда дагъистанияз гьабураб гIахьаллъиялъги цоги нухалда загьир гьабуна нилъер цолъигун гъунки. Гьедин букIана 1741 соналдаги, Надир-шагьасул аскарал щущахъ риххизарураб мехалдаги.

 

Хвалил бадивеги балагьун

 

Умахан Умаханов

ГIумахан ГIумаханов гьавуна АнсалтIа росулъ. Армиялда вуссиндал кIиго соналъ хIалтIана колхозалда. Амма анищлъун букIана милициялъул хIалтIи. Ахирги гьеб анищ тIубана ва гьев лъугьана МахIачхъалаялъул Ленинский РОВДялде. Гьеб букIана 1979 сон. РакIбацIцIадго хъулухъги тIубалаго, ГIумаханица нахъа тана мухъилав милиционерасдаса полковникасде щвезегIан болъаби. 2012 соналда гьев ана отставкаялде. «Милиция ккола халкъалъул матIу – гьеб пикру дие кидаго букIана аслияблъун. Дун хIалтIана уголовнияб розыскалда – гьеб иш дие цIакъ бокьулаан», — ян абуна гьес.

1998 соналъул октябралда ГIумахан витIана Хасавюрт шагьаралъул милициялъул отделалъе нухмалъи гьабизе. Гьенире гочун рукIана магIарухъа гьесул эбел Халунчакарги вацал-яцалги. РахIатхвараллъун рукIаниги, хIалтIул къоял унаан шагьаралда гIадлу-низам гьабулаго. «ЖамгIияб низам цIуниялъухъ» абураб медалалъеги мустахIикълъана гьев «махIачхъалаялъулаб» абураб рэкетиразул къокъа ккуралъухъ. Гьезухъа бахъана 12 туманкI ва туснахъ гьавуна микьгояв.

 

 

РакIалдаса унареблъун хутIана Болъихъ районалда лъабго чи чIварав такъсирчи кквеялъул хIужаги. «Такъсирчи вахчун вукIана РикIкIвани. Милициялъул къокъаялде данде кьвагьдана гьев. Гьебмехалда гьесулгун гара-ч1вари гьабизе ана дунго. Жаниве лъугьана – нижеда гьоркьоб букIана 3-4 метр. Амма гара-чIварулаго, гьевги тохлъизавун, гьесухъа ярагъ бахъун бажарана дихъа», — ян ракIалдещвезабуна полковникас.

БукIана гьадинаб лъугьа-бахъинги. МахIачхъалаялда хIалтIул къоги лъугIун, рокъове унев вукIана ГIумаханов. Машина толаан минаялдаса рикIкIад. Лъелго унев вукIана гьев. Цо заманалдаса бахъана къваридабго къотIносан рекерун рачIарал гIадамазул ахIи: автобусалъул остановкаялда цо чи вугила киналго кьвагьизаризе ругин абун, хIинкъи кьолев.

ГIумахан (гьесда тIадретIун букIинчIо милиционерасул форма) ана гьеб рахъалде. ЧIезабуна юк баччулеб машина ва, лъалхъизабичIого, дол гIадамазда аскIосан бачеян абуна шоферасда. Такъсирчиясде гIагарлъидал, хехго к1анц1ана гьесде т1аде ва кодоса бахъана граната…

БахIарчилъигун къохIехьей магIаруласе хасиятаб букIин загьир гьабуна ГIумахан ГIумахановас 1996 соналъул январалда Хасавюрт районалъул Первомайское росулъ ккарал лъугьа-бахъиназда гIахьаллъулелъулги. Хъачагъазул бетIерлъуда вукIарав Радуевасулгун гара-чIвари гьабизе ана гьев. Гьенибе битIизе бакIарулеб букIана хасаб къокъа, амма ГIумаханица абуна жив ине вугин абун. ЦIакъ захIматал гара-чIвариял рук1ана гьел, амма гьелъул хIасилалда хъачагъаз ихтияр кьуна руччабиги лъималги эркен гьаризе. Гьеб бахIарчияб ишалъухъ ГIумахание кьолеб букIана Бихьинчилъиялъул кIиабилебги орден, амма гьес инкар гьабуна.

 

 

Инсул мина цIадулъ бугеб мехалда

 

 

ЦIумадегун Болъихъе хъачагъаз гьужум гьабунин абураб хабар бачIараб мехалда, ГIумахан хъизангун ва эбелгун цадахъ хIухьбахъулев вукIана Железноводскиялда. ВатIаналде къо ккараб заманалда рахчун рукIун ругьунал гьечIелъулха магIарул игитал. Эбелалдаги хъизаналдаги абуна Краснодаралде унев вугилан ва сапар бухьана г1агараб РикIванибе.

Гьеб букIана 1999 соналъул августалъул къоял. ГIандадерил ракьалдасан Дагъистан квегъизе рачIине хиял гьабуна 1996 соналда Первомайское росдал гIадамал асирлъуде росун рук1арал хъачагъаз.

«Дун т1аде щвелалде ГIанди, Гъагъалъ, РикIвани, ГIашали, Гьунхъа ва Зило росабазул жамагIаталги данделъун, хIукму гьабун батана: цониги чи гIорхъи бахун виччаларо, хIажалъани яргъидалъун жаваб кьела гIагараб ракьалда хIетIе чIезе хиял лъурал хъачагъазеян абун. Гьез гьабураб гьеб хIукму битIун буго Муни, Чанхъо ва Кванхидалъ росабазул жамагIатаздеги. ГIандадерил росабазул жамагIатаз дида гьарулеб букIинчIо – дихъа тIалаб гьабулеб букIана, жидер къокъаялъе нухмалъи гьабеян абун», — ан бицана ГIумаханица.

Полковник ГIумахан ГIумахановас тIоцебесеб къоялъго гIуцIана гIандадерил росабазул ополченцазул цогояб штаб, хIисабалде босана гIадамазулгун яргъил сурсаталъул къадар ва гIуцIана ротабигун взводал. Болъихъ районалъул щуго росдал вакилзабазда гьоркьоса тIасарищун, тIамуна гьел къокъабазул нухмалъулелги – хIалбихьигун бажари хIисабалдеги босун. Сордо-къоялда жаниб ополченцазгун росабазул жамагIатаз хIадурана гIагараб ракь тушманасдаса цIунизе санагIатал бакIал. Гьезул гIаммаб халалъи бахана 30 километралде – Х1арами габурлъиялдаса ЦIоболгохIде щвезегIан.

ГIандадерил ракьалде гали бегьилалде хъачагъазда ракIалде ккана гара-чIвариял гьаризе. Гьезул хьул букIун батила, габурлъи бахунеб мехалда, жидее кинабгIаги квалквал гьабиларин гара-чIвариял гьаруни ва церехун ине жидее рагьараб нухги букIинин абун.

— Дида гьеб къо, 1999 соналъул 11 август, жакъа гIадин ракIалда буго. КIочонаро, щайгурелъул къалъудаса хадуб гьеб къоялъ бакъ ккун букIана. ГIандадерил ополченцазул цолъараб штабалъул хIукмуялда рекъон, Ширвани Басаевасулгунги гьесул къайицадахъазулгунги гара-чIвари гьабизе тIадкъана мунагьал чураяв Арзулум Илясовасдаги дидаги. ДандчIвай букIана Гъагъалъ-Даргъоялда гьоркьоб бугеб ОншитIлигъун абураб бакIалда. Хъачагъазул рахъалдаса рачIана Шамил Басаевасул вац Ширваниги (нижеда абуна гьев Шамилил кваранаб квер кколин абун), БекIханги (гьесул фамилия рехсечIо) ва Радуевасул вакил Хункерпаша Исрапиловги. Гьезда нахъа эхетун рукIана яргъид гIуцIарал хъачагъалги. Гьезулгун ккана лъикIаб гуреб хабарги.

 

 

Гьел гара-чIвариял ракIалдещвезарулаго, гьадин бицана Тиловур ХIайбулаевас:

 

— Ниж рачIунел руго Дагъистаналъул ракьалде бацIцIадаб динги босун, ва нужее лъикIаб букIина, ниж гIандадерил кIкIалахъан эркенго эхере риччани. Ниж нужеда хъваларо, — ян ракIчIун к1алъазе байбихьана Ширвани.

— Нижеда малъаризе ккани, нужехъе ислам киса бачIараб? — ан суал кьуна нижеца гьезие.

Амма Ширваница абуна: «Гьале гьал мугIрулги рахун, МахIачхъала кодобе босила ва доба – Каспий ралъад. БукIина нилъерго Кавказалъул вилаят», — ан.

Гьелъие нижеца гьабуна гьадинаб жаваб:

— Чан километр бугеб Грозныялдаса МахIачхъалаялде? А гьенисан – битIараб нухдасан, нуж гьедигIан бахIарчиял рагъухъаби ратаниха. Нужецайин абуни, балагьулеб буго бигьаяб нух. Амма гьелъул жо кколаро. Нужее лъикIаб буго парахат рокъоре тIадруссани, — ян.

Гьебмехалдаги тIасаричIичIо гьел. «Кье нижее Мунире, кIудияб кьоде щвезегIан бугониги нух! Нужер «беженцалги» разиго къабул гьарила Веденоялда. Киналго шартIалги гIуцIила», — ян нич бахъун кIалъана Ширвани.

— Дуда кида ва киб рагIараб гIандал лъутанин абун? ХиянатчагIилъунги рукIинчIо ниж киданиги, — ян жаваб кьуна дица гьесие.

Гьебмехалда Ширвани тIаде вахъана ва гьес дида абуна: «Нужеца ополченцал нахъе рачинчIони, дун ине вуго нужер бутIрулги мерхьунаго», — ян.

Дицаги гьесда гьадин абуна:

— Цин лъазабе гIандадерил тарих, хадуб – нужерго, чачаназул. Гьеб тарихалда цониги бакIалда дуда хъван батани, гIандадерил ракьалдасан тушман анин абун, мунги вахина гьал мугIруздаса, — ян.

Ва ниж цоцалъ речIчIана, амма ратIа гьаруна.

Гьеле гьединал гара-чIвариял рукIана чачаназул хъачагъазулгун. ГIасрабаз ракълилабгун вацлъиялъулаб гIумру букIана гьал мугIрузда гIандадерилги чачаназулги. Гьалбаллъун рукIана. Цоцазухъе гьоболлъухъе хьвадулаан, къо ккедал, гьоболас гьоболасе кумек гьабулаан. Ма, гьанже ваккана гьаниве цо вахьна, щивали лъаларев Ширвани Басаев, жиндирго «бацIцIадаб исламги» босун, ва чIухIдарулаго, лъазабулеб буго нижер бутIрулги мерхьунаго ине вугила живилан абун. ГIандидисесе яхI-намус гIумруялдасаги хирияб букIин лъалеб гьечIоан гьесда.

 

 

(Хадусеб букIине буго)